ГIияхъанлъи

ЛъикIаб байбихьи, хIасилаб букIинесеб

Дагъистаналда щуго миллион гIи бугин абизеги кIоларо, гьечIин чIезабизе кьучIаб хIужаги гьечIо

Цебесеб анкьалъ къватIибе биччараб газеталда нижеца баян кьун букIана Росдал магIишаталъул министерствоялда тIобитIараб гIияхъанлъиялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицараб данделъиялде ахIарал гьалбал редакциялдеги рачIун рукIанин. Гьезда гьоркьор рукIана Россиялъул гIелмияб академиялъул член-корреспондент, Тимирязевасул цIаралда бугеб Россиялъул пачалихъияб аграрияб университеталъул — Москваялъул росдал магIишаталъул академиялъул зоотехникиябгун биологиялъул факультеталъул декан Юсуп Юлдашбаев, гьебго университет-академиялъул зоостанциялъул директор Нагимет МухIамаджанов ва Дагъистаналъул НИИСХа­лъул гIи-боцIухъанлъиялъул отделалъул заведующий ГIабдусалам ХIожокIов. Гьезулгун ккараб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.

— ГIумруялъул, магIишаталъул, тIабигIаталъул бечелъиялъул кинал рахъал росаниги, Дагъистан буго гIажаибаб ва гьайбатаб республика, — ян бицана ГIабдусалам ХIожокIовас. — ГIи-боцIухъанлъи, гьелдаго гьоркьоб гIияхъанлъиги буго нилъер умумуздаго лъикI лъалеб букIараб магIишат. Нилъер тIабигIаталъул шартIазги, гьава-бакъалъги, хасел тIамизе гIураб къадар рагIи-хералъул хIадуризе бажарунгутIиялъги рес кьоларо тIубараб лъагIелалъ гIи мугIрузда хьихьизе. ХIаримазул гIа­тIилъи гIоларого букIиналъ, рес кьоларо риидал гIодоблъиялда гьеб хьихьизеги. Гьединлъидал Дагъистаналъе хаслъи бугеблъун ккана гочинабун гIи хьихьулеб къагIида.
— Дагъистаналда бугин абула гIи-цIцIаназул 5 млн бетIер. Дуца кин рикIкIунеб, бугищ гьаниб гье­дигIанасеб къадар?
— ГIи-цIцIаназул бищун цIикIкIа­раб къадар букIана 1987 соналда, ай 3,8 млн бетIер. Амма доб заманалда гIаммал магIишатазул гIиязда цадахъ вехьасе изну букIана хьихьизе жиндирго гIиги: колхозалда — 40 бетIер, совхозалда — 20 бетIер. ГьабсагIаталда босани, вехьас хьихьула кIварабгIан къадар. Руго гIухьби кибго хIисабалда гьечIеб 400-500 гIиялъажо бугелги. ГьечIо мухIканаб хIисаб Дагъистаналдаса къватIибе баччулеб чIагояб гIиялги, хIакъаб жо, гьелъулги къадар кIудияб букIин. Буго кибниги хIисабалда гьечIеб гIиял къадарги, буго, субсидиял щвезелъун, «припис­каби» гьарун тIаде хъварабги. Гьединлъидал дида кIоларо Дагъистаналда 5 млн бетIер бугин ракIчIун абизе, гьединго кIоларо гьеб гьечIин абизеги.
— Церехун хIалтIизарулел рукIа­рал къагIидабиги хIисабалде росун, рикIкIине бегьуларищ гIи?
— Гьеб буго цIакъ битIараб пикру. Амма гьеб бугоха гIезегIан захIматаб, къо бихьулеб, гIемераб заманги харжалги тIад унеб хIалтIи. Гьелдаго цадахъ, Росдал магIишаталъул министерствоялъул ихтияр гьечIо гьединаб хIалтIи гьабизеги.
— Мун вуго гIемерал соназ росдал магIишаталда хIалтIарав, хIал­бихьи бугев чи. Кинаблъун бихьулеб дуда гьабсагIаталда нилъер гIия­хъанлъиялъул сипат?
— Пачалихъ биххун хадуб гIиял квасул къимат гIодобе ккана. Квасул тIалаб гьечIеблъиги бихьун, гьанал къимат цIикIкIунеб букIинги хIисабалде босун, гIияхъабаз байбихьана гьан кьолеб тайпаялъул гIи Дагъистаналде баччизе. Гьеб лъугьана лъицаниги халгьабулареб, хIисаб-суал гьечIеб масъалалъун. Журана тайпаби, хвана квасул даража. Тайпадулаб, бацIцIадаб гIиял бащдаб хутIанин абуни мекъи ккеларо, гьеб кинабго цIигьабизе ккани, нилъее къваригIуна гIемерал сонал.
Юсуп Юлдашбаевасулгун ккараб гара-чIвариялда нижеца гьесда гьикъана цевехун Дагъистаналде щун вукIанищин.
— Цо къо базе щун вукIана. Гьаб кIи­абилеб нух буго, — ян абу­на Ю. Юлдашбаевас. — Росдал ма­­гIишаталъул цIияв министр ву­го лъикIав специалист. Гьес лъу­гIи­забуна нижер академия ва гьев ккола росдал магIишталъул гIел­мабазул кандидат. Гьесда лъикIго лъала гIияхъанлъиялда ругел, гьелда церечIарал масъалаби. Гьединлъидал гьес гIуцIана гIияхъанлъиялъул бицунеб гьаб данделъиги гьанире ахIана нижги. Советияб заманалда гIиял 100 процент букIана гIаммал магIишатазда, селекциялъулабгун хьонбиччаялъул хIалтIи букIана лъикIаб даражаялда. ГьабсагIаталда 20 процент буго гIаммал магIишатазда, 80 процент — фермеразулал магIишатазда. ХIакъаб жо, гьениб гьечIо тIадаблъун гьабун бугеб цо низам, къагIида. Гьелъул хIасилалда журалел руго тайпабиги, гIодобе кколеб буго даражаги, гIи хьихьиялъул пайдаги. Руго тайпабиги кIиго нухалъ цIикIкIун гьан кьолелги, ункъо нухалъ цIикIкIун квас кьолелги, амма масъала буго гочинабун хьихьиялдеги ругьунал, бакIалъулал тайпаби, гьеб «халкъияб буголъи» цIуни. Министрасги данделъиялда абуна, нилъеца кIвар кьечIого, хве­зе тун бугин селекциялъулаб хIалтIи, чара гьечIого хIажат бугин гьеб цIигьабизеян. ГIи-цIцIаназул 5 млн бетIер бугеб Дагъистаналъ къадаралъул рахъалъ Россиялда тIоцебесеб бакI ккола.
— Данделъиялда кIалъалаго, ма­гIи­шатазул нухмалъулез, аслияб ку­цалда сунда тIадчIей гьабураб?
— ГIияхъабазул аслиял масъалаби руго Россиялъул киналго регионазе гIаммал: хIаримал ижараялъе росиялъул, гьезухъ кьолеб мухьалъул, лъел, субсидиязул, гIезарурал нигIматал ричиялъул. Гьанир рехсарал хIужабаз бихьизабулеб буго гIарцулал сурсатал ва материалияб рахъалъ хьезари аслиял суалал рукIин. ГIемераз загьир гьабуна, гIияхъанлъиялъул пайда борхизабизелъун, гIелмиял цIи­рагьиял производствоялда хIалтIи­за­ризе хIажат букIиналъул пикру. Ми­нистрасги бихьизабуна гьел масъа­лаби, Дагъистаналъул хаслъиги шар­тIалги хIи­сабалде росун, цадахърекъон тIуразе кколеблъи.
— Цо-цояз абула, гочинабун хьи­­­хьулеб гIияхъанлъиги тун, гIо­доб­лъиялъул ракь кьезе кколин гьелъул бетIергьабазухъе. Дуда кин кколеб?
— Цо гектаралда хьихьизе бегьулеб боцIул (гIиял) норма буго. Дагъистаналда гьеб чIезабун буго цо гектаралъе цо бетIер хIисаб гьабун. Гьадинаб кIудияб къадар гIиялги букIун, нужер гьаниб гьеб норма цIунуларо, цIунизе ресги гьечIо. Риидалил мугIрузде гIи гочинабичIони, кин гIезе бугеб гьеб къадаралъе эркенаб ракь, рагIи-хер? Берцинаб хIалалда кваназе хер гьечIеб ракьалда тIад гIияда хадуб хутIула гIицIаб майдан. Сунде гьелъ рачинел? ТIубанго хвезе буго ракьги экологияб системаги, хиса-сверизе буго тIабигIаталъул сипат-суратги. ТIадехун рехсарабги хIисабалде босун, гочинабулеб гIияхъанлъи лъугIизабиялъул суал тIубазабизе рес гьечIо. Ялъуни дагь гьабизе ккола гIиял къадар. Гьеб киналдаго цадахъ хIажат буго: гIатIидго хIалтIизаризе цIияб тайпаялъул хIаримал, цIигьа­ризе ккола ругел хIаримал (хьон хьан, къачIан, цIам чучазабун). Хасало гIодоблъиялде гочинабулеб гIиялъажоялъул цIайи нухда дагьлъула лъеберго проценталъ. Дир пикруялда, щай бегьулареб гIиял гьан бичулел пунктал магIарухъ рагьизе?
Гьел руго гIияхъабазда лъикI лъалел, гIияхъанлъиялъул пайда борхизабиялъе хайир гурони зарал гьечIел суалал.
Киналъулго ахир гьабулаго, Нагимет МухIамаджановас абуна: «ГIаб­дулмуслим ГIабдулмуслимов вуго цадахъ цIаларав, лъикIав инсан ва бажари бугев специалист хIисабалдаги нижеда лъикI лъалев, божарав гьудул-гьалмагъ. Къадар цIикIкIараб бугониги, гIияхъанлъи гьабсагIаталда буго пайда цIикIкIун кьолареб магIишат (10-15%). ЦIакъго тохлъун, биччантун буго зоотехникиябгун тайпадулаб гIи-боцIул рахъалъ хIалтIи. ГIадада гурелъул министрасги жиндирго хIалтIи гьелдаса байбихьулеб бугеб. ЦеречIарал масъалаби кигIан захIматал ругониги, ГIабдулмуслим вуго ишалъул, рагIул чи, гьес кинабго босила кверзукье ва бачина цебе. Гьесие кумекалъе нижги хIадурго руго»,- ян.
Зикрула Илясов,
ГIабаш ГIабашилов