Зубаржат ХIамзалаевалъул лъабго вас гIахьаллъулев вуго хасаб рагъулаб операциялда

«СВОялда г1ахьаллъулел г1олохъаби ккола фашистазда т1ад бергьенлъи босарал къвак1арал умумузул ирсилал. Тушманасул вах1шияб макру доб заманалдаги къвинабуна жакъаги вах1шиял ишазе ахир лъезе к1везе бук1иналда кинабг1аги щаклъи гьеч1о. Хасаб рагъулаб операциялда нилъги нилъер бук1инесебги ц1унун къеркьолезе ва гьезие кумек гьабулел киназего баркала. Нилъер васал рагъдаса сах-саламатго т1адруссаги»,-ян абуна Зубаржатица «Бергьенлъиялъул байрахъ» акциялда.