Гъазигъумекдерил Сурхай-хан II

Рагъухъан, пачалихъияв хIаракатчи ва хIапиз Сурхай II-абилев (1744-1827) ханлъуде ккана 1789 соналда, эмен МухIамад-хан хун хадув

 

XVIII гIасруялъул ахиралда цIидасан байбихьана Россиялъул империялъ Дагъистан квегъиялъул мурадалда гьабулеб хIаракат ва гьелде данде магIарулаз гьабураб къеркьеялъул церехъабазул цоявлъун вукIана гъазигъумекдерил Сурхай-хан II. Халкъалъ гьесда абулаан «Хъунбуттаян» («кIудияв эмен», «кIудада»).

Сурхай-хан II-абилес байбихьана Дагъистаналъул югалъул ракьал кквезе ва гъазигъумекдерил ханлъиялъул гIорхъаби цевеккун ханлъуда вукIарав Сурхай-хан I-сесул заманалдаго рукIараб хIалалде ккезариялъул мурадалда. Гьебго заманалда, Россиялъулгун гьабураб къотIиялдаса рази гьечIеб Турциялъги байбихьана Кавказалде тIадбуссиналъул мурадалда хIадурлъи гьабизе. Турциялъул султанас битIана Сурхай II-лев Россиялде данде гьусулеб магIнаялъул кагъат.
1795 соналда Ираналъул цIияв шагь АгъамухIамад-ханасги битIана Гъазигъумекдерил ханасухъе кагъат. Гьелда бицунеб букIана жив ханлъуда чIеялъул хIакъалъулъ ва гьарулеб букIана, жиндие мутIигIлъи загьир гьабулеб кагъатгун жиндихъе чапар витIеян абун. Гьеб гьариялъе жаваблъун букIун батизеги бегьула Сурхай-хан II-лев Персиялдехун гьетIи, гьелъул кумекалдалъун Дагъистаналъул югалъул ракьал жиндираллъун хутIиялъул мурадалда.
1796 соналда Россиялъ Дагъистаналде битIана В. Зубовасул нухмалъиялда гъоркь армия. МухIамад-шамхаласулги, Хайдакъазул Рустам-ханасулги, Табасараналъул Рустем-къадилги квербакъиялдалъун, пачаясул армиялъ ккуна Дербент ва гьениса нахъе хъамуна Ших-ГIали-хан. Гьев лъутана Куралалде, Сурхай-ханасул аскаралъул кумекалде хьулгун. Дагъистаналъулгун
гьоркьоблъи хвезабизеги бокьуларого, гIурус аскаралъул нухмалъиялъ Сурхай-ханасда абуна Россиялъул нухмалъи къабул гьабеян. ИчIго къоялъ халалъарал гара-чIварияздаса хадуб гьев разилъана гIурусазде данде къеркьей къатIинабизеги, цебеккун гьезухъа бахъараб давла тIадбуссинабизеги, асирлъуде ккарал гIурус солдатал риччазеги.
Россиялде гъорлъе Гуржистан ккарабго, гIурусаз байбихьана Дагъистаналъул ишазда гьоркьобе лъугьине. БатIи-батIиял экономикиял къагIидабиги хIалтIизарун, Кавказалда вугев гIурус сардарас хIаракат гьабулеб букIана Дагъистаналъул ханзаби рикь-рикьизаризе. Россиялъул нухмалъи тIубанго къабул гьабуна Таргъуялъул шамхаласги, Хайдакъалъул уцмиясги, Табасараналъул майсумасги, гьединго цо-цо росабазул жамгIиятазги. Ираналъул шагьасе Азербайжанги Дагъистанги квегъизе бокьун букIиналда бан ва Кавказалда жиндир тIадецуй щула гьабиялъул мурадалда, 1802 соналъул сентябралда пачаясул сардарас Георгиевск шагьаралда тIобитIана данделъи. Гьениб гьабуна Дагъистаналъул ханзабаз Россиялъе мутIигIлъи цIунизе бугин абураб къотIи. Амма Сурхай-хан II-лев гьеб данделъиялда гIахьаллъичIо ва къотIиялъе мукIурлъунгутIи загьир гьабуна цIидасан Россиялде данде къеркьей цIигьабиялдалъун: гьес гьужумал гьаруна Северияб Кавказалда рукIарал гIурус гарнизоназде.
Персиялдегун Турциялде данде рагъал байбихьиялда бан, гIурус командованиялъе бокьун букIана Дагъистаналда парахалъи цIунизе. Гьелъул мурадалда, генерал Г. Глазенапуда тIадкъан букIана гIурус пачаясе Сурхай-хан II-лев мутIигI гьави «аскар цIуниялъул мурадалда, гьарунги хIинкъизавунги, щайгурелъул, гьев мутIигIлъизавичIони, захIмалъизе буго яргъил къуваталдалъун Баку квегъизе».
1806 соналда Сурхай-хан II-лесда цебелъуна Россиялъе мукIурлъиялъул бицунеб кагъат. Гьелда рекъон санайилго пачаясе кьезе кколаан 3000 гъурущ ва аманаталъе кьезе кколаан Сурхай-ханасул вас. ГIурусаз Къубаги бахъун, Дербенталъул ханлъиялдаса Ших-ГIали-хан хъущтIизавун хадуб Сурхай-ханас гьа бана, Россиялъе ритIухълъи цIунизе, амма инкар ккуна трактаталда гъоркь гъулбасине.
1811 соналда Сурхай-хан II-лесулги Ших-ГIали-ханасулги цолъизабураб аскаралъ Къуба эркен гьабун хадуб, гьезде данде битIана генерал Н. Хатунцевасул аскариязул къокъа ва гьез Къуба нахъе бахъана. Гьелдаса хадуб генерал Н. Хатунцевас абуна Ших-ГIали-хан аманаталъе кьеян абун. Гьелъухъ Гъазигъумекдерил ханасдаса тIасалъугьунеб букIана пачаясул нухмалъи. Амма Сурхай-хан II-лесулгун гьарулел гара-чIвариязул пайда гьечIеблъиги бихьун, генералас Аслан-бегида (Сурхай-ханасул вацасул васасда) тIадкъана Куралалъе нухмалъи гьабизе. ХIукмуги гьабуна, нагагь
Сурхай-хан II-лес трактаталда гъоркь гъулбасине инкар гьабуни, Гъазигъумекиб нухмалъи Аслан-бегида тIадкъазе. Гьелдаса хадуб байбихьана имгIаласдаги вацасул васасдаги гьоркьоб питна ва гьеб халалъана гIемерал соназ. Рагъулаб икъбалин абуни, кколаан цин дагъистаниязул, цинги гIурус аскаралъул рахъалде.
Гьелдаго цадахъ Сурхай-хан II-лес гьарулел гьоркьоса къотIуларел рагъаз тIубанго мискинлъиялде ккезабураб гъумекдерида 1813 соналда ракIалде ккана гьесдаса эркенлъизе. «Тумазул магьалазул жамагIаталъ ДурчIидагъалда тIобитIана данделъи ва гьениб хIукму гьабуна Сурхай-хан II-лесул вас МуртазагIали (Аслан-ханасе эбелалъул рахъалъ вацлъун кколев) тезе Гъазигъумекдерил ханлъун, Россиялъул пачалихъалъе мутIигIаллъун рукIиналдеги цоцазда гьоркьоб питна бекьунгутIиялдеги хьулгун». МуртазагIали ханлъуда тана ва гьесул цIарги щулалъана Гъазигъумекиб. Сурхай-хан II-лев хIажатавлъун ккана Ираналде лъутизе, персазул шагьасул кумек щвеялде хьулги хьихьун. Амма 1813 соналъул 12 октябралда Ираналдаги Россиялдаги гьоркьоб гьабуна ракълилаб къотIи (Гюлистаналъул рекъел) ва Персиялъ рагIи кьуна, Дагъистаналъул ишазулъ киданиги гIахьаллъунгутIизе.
Ираналъул кумекалдаса махIрумлъарав Сурхай-хан тIадвуссана Дагъистаналде. 1814 соналда, гьитIинабго аскарги бакIарун, гьев ана жиндир букIараб ханлъиялъул гIорхъабаздехун, амма, Кура гIор бахунаго, гьесда хадур гъола гIурусал ва гьесул аскарги щущахъ биххизабула. Хваликьа ворчIарав ханги гьесул аскаралъул хутIелги уна Хосрех росдахъе. Нухдасан ханас тIибитIизабуна Дагъистаналда бугеб гIурус аскаралъул кIудияс жиндие ихтияр кьунин Аслан-хан нахъе хъамизеян абураб хабар. Аслан-хан лъутула ГIахъушасан Хайдакъалде, гьенисанги Табасараналдегун Къасумкенталде ва гьенив гьев цIидасан тIамула Куралалъул нухмалъулевлъун.
Гьелдаса хадуб, Гъазигъумекдерил хан хIисабалда, Сурхай II-лес хитIаб гьабуна Кавказалъул армиялъул бетIерав командующий генерал А.П. Ермоловасухъе, гIурус пачаясе мутIигIлъиги загьир гьабун. Гьесул гьари къабул гьабуна. Гьес мутIигIлъи загьир гьабулеб къо тIобитIана байрамалъул къагIидаялда. Амма ханасда кIочон течIо жиндирго планал. ГIурус командованиялда лъана Сурхай-ханас балъго кумек гьабулеб-лъи Дагъистаналъул гIатIиракьалда гIумру гьабулел халкъазде гьужумал гьарулел рукIарал магIарулазул хан Султан-АхIмадиеги, Хайдакъазул уцмий ГIадил-Гиреясеги, Гъазданущиса Гирей-бегасеги ва Ших-ГIали-ханасеги.
1819 соналъул кIиабилеб бащалъиялда генерал А. Ермоловасда ракIалде ккола Сурхай-хан II-лев тахидаса хъущтIизавизе ва ханлъи кьезе жиндие мутIигIав Аслан-ханасухъе. ГIурус командованиялъ байбихьула Гъумекибе сапар. Сурхай-хан II-лес хиял гьабуна гьездаса цеве кIанцIизе ва гьев гьужумалъ ана Чирахъ гарнизоналде, амма икъбалги ккечIого, гьев нахъе къазе ккана Лакиялъул росабалъе.
1820 соналъул июналда генерал А. Ермоловас лъазабуна Гъазигъумекдерил ханлъун толев вугин Аслан-ханин абун. Гьелъул мурадалда Гъазигъумекибе битIана генерал В. Мадатовасул къокъа. Сурхай-хан II-лесда гIурус аскариял дандчIвана Чирахъ росдада гIагарлъухъ, гьениб ккараб рагъулъ ханасул аскар биххизабуна ва гьев живгоги гьанжесалалъги лъутизе ккана Дагъистаналдаса.
1820 соналъул августалда Сурхай-хан II-левги гьесул вас НухI-бегги гьитIинабго къокъагун цадахъ гочана Персиялде. Гьениб гIумру гьабулебгIан заманалъ гьес Персиялъул хIукуматалъухъа гьарулеб букIана жив махIрумлъараб мулк тIадбуссинабиялъе кумек гьабеян абун. 1826 соналда Ираналъул аскар лъугьана Гуржиялъе. Гьелдаса пайдаги босун, Сурхай-хан II-лев вахъана Шемахаялде, гьенисаги – Гъазигъумекиве ва хадубккунги – Сугъралъе ана, Аслан-ханасдеги гIурус пачаясдеги данде халкъ бахъинабизе къеркьолаго. Гьебго заманалда гьес, Турциялъул султанасухъа кумекги
гьарун, гьесухъе витIана вас НухI-бег. Амма гьесул хIаракаталъул хIасил ккечIо.
Сурхай-хан II-лев хвана 1827 соналда, 83 сонил ригьалде вахараб мехалда. Гьесул васигаталда рекъон, гьев вукъана бичун босун букIараб сугъулдерил ракьалда.
Доб заманалда гIумру гьабулел рукIаразул баяназда рекъон, Сурхай-хан вукIана логода ворхатав, «кьварараб сипаталъул, бусурбабазда гьоркьов гIалимчиясул цIар тIибитIарав ва ритIухъав къади».
ХIажимурад Доногъо