Аралъул цIех-рех

МацI лъаларел нугIзал

ЧIалда росулъ даргиязул хабалазул хIакъикъат

Гьанжеялдаса гIемерал соназ цебе, дун гIолохъанчи вугеб мехалда, ЧIалда росдал годекIаниб рагIун букIана хабалазул гъоркьияб бакъбаккул рахъалдехун ругин МикIкIихIариб росулъа гIадамал рукъарал хобалилан бицунеб. Доб мехалъ лъикIго халгьабуни, гьел хабалалъ эхетарал заназул бащдалдасаги цIикIкIарал ратIарахъизеги лъалаан, узданго, цокIалго, цо кьерда, цо къоялъ рукъарал гIадамазул къаданир чIварал гIадин рихьулел рукIиналъ. Гьанже нусиялда кIикъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун сонал рарал ганчIил къанал додинго хисичIого хутIун гьечIониги; гьел цогидазда релълъинчIел рукIин лъалеб хIалалда руго.

Жидерго цересел умумуздаса нижер росдал харабазда гьоркьоб микIкIихIдерил хобал ругин бицен хутIун букIин гурони, лъицаниги, ургъел гьабун, гьикъулеб букIинчIо кин гьел магIарухъе рачIаралали, щай гьезул хобал гьоцIдерил жамагIаталъул гьитIинабго ЧIалда росулъ ругелали. Щиб лъалеб, совет хIукуматалъул заманалда гьикъизе хIинкъулел рукIун ратизеги бегьула.
Амма дир рекIелъа кинго унеб букIинчIо гьеб суал. Гьединлъидал дица гьикъана нижер росдал школалъул мугIалим ва гIагараб ракьа-лъул тарих лъазабиялъул хIаракатчи ГIабдурахIманов Мусада гьел хобазул хIакъалъулъ. Гьес бицана жинцаги гьединабго суал кьун букIанин араб гIасруялъул лъабкъоабилел соназ-
да нусго сон барай кIодо ГIабидатие. Гьелъги бицун букIанила гьел хобал микIкIихIдерил рукIин хIакъаб бугин, амма гьел нилъер гьанир рукIиналъе гIилла щибали жиндаги лъаларин.
Доб заманалда гIемерал цогидазги кьолароан Кавказалъулаб рагъул хIакъалъулъ суалал. Гьелдаса хадур чIахIиял хиса-басиял ккана дунялалда, гьездаго рекъон дагъистаниязул гIакълу-пикруялъулъги. 1877 соналда къокъаб шаригIаталъул заманалда гурхIел гьечIого рухIана дандечIеялъулъ аслияллъун рукIарал Сугъралъ ва цогидалги росаби. РукIана Дунялалъулал рагъал, ккана Россиялда инкъилаб, чанго соналъ Россиялдаги Дагъистаналдаги халатбахъана граждан рагь.
Гьанже рачIинин «микIкIихIдерил хабалазул» бициналде. Гьелъул
хIакъалъулъ дица бицун букIана МахIачхъалаялдаса дир мадугьал МикIкIихIариса Руслан Асланбеговасда. Гьесги гьебго росулъа машгьурав гIалимчи Айгумов Айгумида бицун, гьел ЧIалде рачIана, хабалазде щвана, харабазухъ гIенеккана.
МикIкIихIдерил харабазул биценазда рекъон, Кавказалъулаб рагъул, ни-лъер кIалдиб ругьунаб къагIидаялъ абуни, Шамилил заманалда жидерго ракь гIурусазул аскараздаса цIунун гъазаваталда рагьулел рукIарал магIарулазе кумекалъе МикIкIихIариб жамагIаталъул росабалъа ун вукIун вуго 150-200 гIолохъанчи. Шурагьисахун ГьоцIалъе рачIунаго нухда батулеб ЧIалда росулъ кутакаб рагъ ккун буго гlypyc аскаразул рагъухъабаздаги гьоцIдеридаги гьоркьоб. Гьениб бахIарчияб гIахьаллъи гьабун буго микIкIихIдерил багьадурзабазги. Гьеб ращалъи гьечIеб ра-гъулъ гIемерисел гъазизаби шагьидлъун руго. Гьездаго цадахъ шагьидлъарал микIкIихIги рукъун руго ЧIалда росдада аскIор хабалалъ. Пачаясул чиновникзабазул ва гьезул рачIчIаллъун лъугьарал чукъбузул хадурчIеялдаса хIинкъун, гьедин шагьидлъаразул гIагарал чагIаз бицунеб букIун гьечIо ЧIалда росулъ рукъун ругел бахIарзазул хIакъалъулъ.
(БагIарал партизаназул квердасан 1921 соналда ГIахьвахъ района-лъул МестIерухъ росулъ гIумруялдаса ватIалъарав дир имгIал вукъараб бакI батараб мехалъ, 90-ялдаса цIикIкIун сон барай гьесул ясалъ, совет хIукумат биххун хадусеб заманалдагицин абуна дида гьелъул хIакъалъулъ бицун лъикI гурилан).
АнцIила микьабилеб гIасруялда, Кавказалъулаб рагъул заманалда, Россиялъулгун ракълида ругел жамагIатазе гIapaц биччалаан имамзабазул бетIерлъиялда халкъиябгун эркенлъиялъе гIоло къеркьеялъулъ гIахьаллъи гьабулел гIадамал ралагьиялъе харж гьабизе.
Имам ХIамзатбег чIван хадуб, хIакъикъаталдаги, пачаясул аскараз Авариялде рагъулаб сапар гьабуна. Гьаниб ЧIалда росулъ тIубараб анкьалъ халатбахъана магIарул халкъалъул гъазизабазул бодулаздаги пачаясул аскаразул рагъухъабаздагун гьезул рахъккураздаги гьоркьоб рагъ. ГьоцIалъе нух къан рагъулел рукIарал киналго, цо рагъухъан хутIичIого, шагьидлъана. Амма пачаясул аскариял ЧIалдасан ГьоцIалъе рорчIичIо, ГIортIаколосан Авар Гъойсу гIоралда тIасан кьоялги гьарун, гьениса ине ккана церехун. Гьелдаса хадуб къисасалъе гIypyc аскаралъ бухIана КIудияб ва ГьитIинаб ГьоцIалъ росаби ва киналго ахал, гIемерал гIадамалги чIвана гьенир.
Цогидаб пикруялда рекъон, 1839 соналъул августалда АхIулгохIда гъазаваталда ругел бахIарзазе кумекалъе унел рукIарал МикIкIихIариса муридзаби, ЧIалда росулъ гъоркьчIалида тIаде ккун, киналго, цо чи хутIичIого, шагьидлъун руго ва чIелдерил хабалалъ рукъун руго.
Кинаб битIарабали ТIадегIанав Аллагьасда лъикI лъала, амма микIкIихI гьел хабалазул бакъбаккул рахъалдехун рукъун рукIин хIакъаб буго. Гьединлъидал бокьилаан халкъалъул рекIелъ гьезул бахIарчилъи абадияблъун хутIиялъул мурадалда, ракIалдещвеялъулаб гIаламатлъун ЧIалда росдал хабалалъ борхатаб зани — памятник эхетизе.

«Имам Шамилил бетIерлъиялда гъоркь Дагъистаналда ва Чачаналда халкъиябгун эркенлъиялъе гIоло къеркьей» (Документазул можмуг!).
Автор: ХIажиев Владлен ХIадисович, 2005 сон.
Документ № 230
Югалъулаб Дагъистаналда аскаразул командующий генерал-майор М. З. Аргутинский-Долгорукиясул рахъалдасан майор Олениние гьесде божилъи гьабураб Даргиязул Округалъе бетIерлъи гьабиялъул рахъалъ Бихьизаби 1844 с. 4 ноябрь.
ГIахъуша, ЦIадахIариб, Усиша, МохIоб; МикIкIихIариб гIадинал г1исинал жамагIатал гьоркьоре унеб Даргъо жамгIияталъе кьолеб буго Даргиязул Округ абураб цIар.
Гьелъие бетIерлъи гьабизе тIамулев вуго Мун. Дур тIадегIанлъи тIаса унгеяв, гьединлъидал лъазабулеб буго Мун нахъбахъичIого ине кколин ГIахъушиве, гьениб букIине бугин дур чIей ва гьениса бетIерлъи гьабизе кколин округалъе…
Дуе гьенир загьирлъани жидер хьвада-чIвадиялдалъун, фанатикиял, бокьухъе гурони чIеларин лъугьиналъул ва тушманлъиялъул къагIидабаздалъун ва ишаздалъун округалда гIодобиччай букIиналъе квекIен гьабулел чагIи, Дуца хIаракат бахъе гьез жаниб гIумру гьабулеб росдал гIадамаз жидецаго гьел, жамгIияталъул рахIат-хIалхьи хвезабулел гIадамал ругин абун, Духъе кверде кьеялъе, цинги Дуца гьел дихъе ритIе…
(гьум. 324).
РГИА. Ф. I268. Oп. 1. Д.669.Л. 19-25. Копия.
ГIусман Сурхаев,
Хьаргаби район, ЧIалда росу