Генуб хирияб зиярат

ГъазимухIамадил хIукму ккана, цадахъ Шамилги вачун, гIадамаз квалквал гьабулареб бакIалдаги чIун, жидерго гIелму камил гьабизе…

 

ГIодосанго ГъазимухIамадги Шамилги рукIана цIалуде рокьи бугел, гIелмуялда тIадчIарал, лъаялда хадур лъугьарал, кIвахI-свак гьечIого лъай босулел васал. ГIелмуялде бугеб рокьиялъ ва цIияб жо лъазе бугеб гъираялъ гьел, миллат-ракь цIехечIого, рачана доб заманалда Дагъистаналда рукIарал цIар бугел гIалимзабазухъе. Гьез цIалана цIализе рес букIарал киналниги гIелмаби. Дарсал росана Нугъай авлахъаздаса ЦIоралъул расалъабазде щвезегIан росизе рес букIанщинал гIалимзабазухъа.

«Лъаялъул кIалгIа»

Кире гьел щваниги, гьезул лъаялдасаги гIелмуялдасаги разиго хутIана гьезие дарсал кьуралги, гьез дарсал кьуралги гIадамал. Жидерго лъаялдаса гIорцIичIо гIицIго гьел жалго. Гьезул свин гьечIеб, хIасратаб анищ букIана жегиги гIелмудул гъварилъабазде раккизе. Ахирги ГъазимухIамадил хIукму ккана, цадахъ Шамилги вачун, гIадамаз квалквал
гьабулареб бакIалдаги чIун, жидерго гIелмуги камил гьабизе, шаригIаталъеги гъазаваталъеги ургъизе, цIияб гIелму тIаде щвеялъул мурадалда тIахьалги цIализе.
ТIарада ХIажикIкIалахъ ахал-хурзал лъугIулеб ва рохь байбихьулеб бакIалда, РакъдакIкIалин абулеб гьитIинабго кIкIалал рагIалда, кваранаб рахъалда буго къимат тIадегIанаб зиярат. Гьеб ккола имам ГъазимухIамадилги, Шамилилги, Гъазигъумекиса Жамалудин устарасулги, Ярагъиса МухIамад-апандиясулги цIаразда хурхараб, хирияв МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) равхIанияб рещтIараб, хирияб бакI. Гьениб буго ГъазимухIамадицаги Шамилицаги ургъараб ва жидерго квераз бараб “лъаялъул кIалгIа”.
Шамилил милкалъул ракьалда, къанагIат гурони гIадан щолареб бакIалда ГъазимухIамадицаги Шамилицаги бан букIана, цо-кIиго чи гурони щибалда жанив гьунареб, кIиго цоцада цураб рукъ. Щибаб рокъобе лъун букIана къватIисан нуцIа ва канлъи бачIине гIураб гьитIинаб горду. ТIалул ганчIил къадалги
гьарун рарал гьел гIисинал рукъзал тIад тIокъун рукIана чIахIиял къаназ, гьезда тIаде миччилги букIана бан.
Гьеб букIана, хасгьабун, жалго жидедаго чIун цIализе бараб бакI. Цояб хIужра букIана ГъазимухIамадил, цогияб – Шамилил. Щивав жиндирго хIужраялъув гIодовги чIун, тIубараб къоялъ цIалдолаан ва гIелму камиллъизабиялда тIад хIалтIулаан. Рега-рахъине, тIахьал лъезе ва гIодор чIезе гурони бакIги букIинчIо гьел рукъзабахъ. Гьоркьоб гордуги тIахьал цоцахъе регьизе ва цоцазе суал-жаваб кьезе тараб букIана. ГIицIго гьез ургъараб куцалда гурони, тIокIаб батIияб мурадалда хIалтIизеги гьаричIо гьел гIисинал хIужраби киданиги. Имамзаби цереса индал, хирияб зияраталдеги сверана гьел.
Цо-цо, къваригIел ккедал, росулъеги ун, жалго жидедаго чIун, лъай борхизабулаго, ГъазимухIамадицаги Шамилицаги гьениб лъагIел банилан абула. Гьезде щвезеги, къваригIараб-тараб босунги, росулъ бугеб хабар бицинеги, щаклъи ккараб цIехезеги гIадамалги хьвадулаанила гьенире. Гьалбал къабул гьаризеги кваназеги гурони, гьел цойидеги чIолароанила.
Гьелда релълъараб ва гьединабго мурадалда хIалтIизабураб тарихияб бакI Дагъистаналда цоги кибниги букIин загьирлъун гьечIеблъиялъул хIакъалъулъ дица цебего хъван букIана (Генуб. Тарихалъул нугIзал. МахIачхъала, 1997). Гьеб гIадатияб гуреб цIалул бакIги гьениб хIалтIизабулеб букIараб цIалул къагIидаги мустахIикъал руго Дагъистаналда лъайкьей цебетIеялъул ва педагогикаялъул тарихалъул цIех-рех гьабулел гIалимзабаз жидеде кIвар кьезе ва гIелмиял хIалтIабазда гьоркьоре рачине. Гьеб рахъалъ хIисабалде росизе мустахIикъал мисалал нилъер имамзабазул хIаракаталъулъ цоги-цоги дандчIвала. Хасго имам ГъазимухIамадил буго лъайкьеялъул махщалилав ва лъай тIибитIизабиялъул хIаракатчи хIисабалда кинабгIаги биценго жиндир хIакъалъулъ гьабичIого хутIараб ва гъваридаб гIелмияб цIех-рехалъе жиб мустахIикъаб хIаракат.

Устарзабиги имамзабиги

«Имам ГъазимухIамад» абураб ХIасанилав-дибирасул къисаялда дандчIвала РакъдакIкIалахъе, ай гьеб тарихияб бакIалде МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) равхIанияб рещтIиналъул хIакъалъулъ мухIканаб бицен. Гьеб бицен кьезин къокъгьабун.
РакъдакIкIалахъе ГъазимухIамадихъеги Шамилихъеги щвезе рачIун рукIанила тIарикъаталъул устарзаби Ярагъиса МухIамадги Гъазигъумекиса Жамалудинги. Гьенире щведал, Жамалудиница кIварбуссинабунила лъабго тамашалъизе ккараб гIаламаталде: Ярагъияв устарас жиндирго мурид ГъазимухIамадида тIаде ине изну тIалаб гьаби – цо, ГъазимухIамадица изну кьечIеблъи – кIиябго, ГъазимухIамад къватIиве ваккидал, устар хIал хисун лъугьин – лъабабго. ТIадруссунелъул Жамалудиница МухIамадида цIеханила гьелъул хIакъалъулъ. Ярагъияс гьеб кинабго гьадин баян гьабунила: ГъазимухIамадида аскIов МухIамад авараг (с.т.гI.в.) вукIиндал, тIалаб гьабунила жинца изну, ГъазимухIамадица изну кьечIила Аварагас (с.т.гI.в.) гьеб кьечIеблъидал, ГъазимухIамад къватIиве ваккидал, жиндир хIал хисанила, гьесда цеве вукIарав Аварагасде (с.т.гI.в.) бер щведал.
ХIасанилав-дибирасул тIехьалда рехсараб гьаб мисалалъ гIадатиял цIалдолезда бихьизабула РакъдакIкIалахъ зияраталъул тIадегIанаб даража. Гьелдаго цадахъ гьабги цогидалги гьесул асаралдаса баяназулъ руго тарихияб гIелмуялъе, имамзабазул заманалъул тарихалъул цIех-рех гьабулез ва гьеб тарих бокьулез кIвар жидеде буссинабизе мустахIикъал бакIал. Цо-цо тарихиял суалазулъ мухIканлъи гьабизе, мекъаб рахънибе ккараб тарихияб регел битIизабизе, тарихалъе кIвар бугел гъалатIал ритIизаризе рес кьолел далилал руго Генуса ХIасаниласул асаралъулъ.
Щиб мурадалда кIиявго устар Генуб росулъе РакъдакIкIалахъе рачIине кколел рукIарал, рикIкIадаб сапарги бухьун? Щиб гIилла букIине кколеб жидерго мурид ГъазимухIамадиде гьез, цадахъ сапаралде рахъун, зиярат гьабизе ккани? Гьел суалазе жавабал кьелалде, ХIасаниласул баяназда мугъчIвайги гьабун, бицинин жеги цебе ккараб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъги.

Гъазигъумекиса Аслан-хан

Гъазигъумекиб Аслан-ханасулгун букIараб дандчIваялда имам ГъазимухIамадица гьесда согIаб, адаб тараб гаргар гьабизе ккун букIанила. Цебесеб жидерго дандчIваялдаса хадуб имамасда ракIалде ккун букIанила ханасул пикру хисун батилин, шаригIаталъе квербакъизе бокьун батилин, гьединлъидалин гьес жив гьаб нухалда жиндихъего ахIаравин абун. ХIакъикъаталда ханас гьев ахIун ватанила жиндирго хIаракаталдаса инкар гьабеян лъазабизе, гьабичIони, жинцаги тезе гьечIин, дуеги квеш ккезе бугилан хIинкъалаби кьезе. Ханасул мурад бичIчIарабго, къватIул гьведа гIадин, данде жаваб кьун бажарулареб даражаялде ккезавун, чIухIи бекизабун, хъачIго кIалъанила гьесда ГъазимухIамад. Рачун гьалмагъзабигун, гьенисаги анила, ханги ханасул чагIиги сан гьаричIого тун.
Хадуб ханасда лъан буго Ярагъиса МухIамадицаги Гъазигъумекиса Жамалудиницаги имам ГъазимухIамадие тIарикъаталъул устарлъи-ялъе изну кьун букIин. Аслан-ханас гьел кIи-ялго, цин Жамалудин, цинги МухIамад-апанди ахIун руго жиндихъего. ВахIщияв ханасухъа бажарун буго гьев кIиявго шайих жиндикьаго хIинкъизарун. ГъазимухIамадил ургъелги гьесул ишалъул пикруги гьез гьабулеб букIун гьечIо гьеб заманалда, жалго ханасул кьварараб тамихIалдаса рорчIиялъул гурони.
Ханас кIиявго устар тIамун вуго ГъазимухIамадихъе кьураб маъзунлъиги вирдалги хвезаризе, ай жидерго хIукмуялдаса инкар гьабизе. КIиясдаго лъазабун буго хехаб куцалда гьединаб магIнаялъул кагъат хъвайин, ва, гьебги босун, божарав чи ГъазимухIамадихъе витIейин. Хъван буго кIияcго гьединаб кагъат. Гьелдаса хадуб кIиявго устарасе мугIжизат загьирлъун буго. ХIасанилав-дибирасул тIехьалда гьелъул хIакъалъулъ мухIканго бицунеб хабар лъун буго «Ярагъиясул бадиса канлъи ин ва Гъумукъиясул кIал-мацI кквей» абураб цIаралда гъоркь. Гьел устарзаби данделъун, цоцада бицун буго ккараб-тараб ва цIакъ рекIелъе биччан пик-
ру гьабун буго киналъулго, кантIун руго ГъазимухIамадидехун мекъаб бербалагьиялъухъ БетIергьанас жидедаго мугIжизат бихьизабун букIиналде. РакI-ракIалъ тавбу гьабидал ва ГъазимухIамад тIасалъугьинавизе хIукму ккедал, цебе букIахъе кканила кинабго рукIалиде.
Тарихиял хъвай-хъвагIаязда дандчIвала гьединаб кагъат хIакъикъаталда хъван букIиналъул хIакъалъулъ, амма гьеб имамасухъе устарзабаз битIун букIинчIин ва гьел кагъталги тIагIинарунин бицунел бакIал. ТIоцебесеб иргаялда, Жамалудин устарасул вас ГIабдурахIманидасан бачIунеб буго гьединаб баян. Кин батаниги, гьеб кагъат Генубги лъалеб букIин бихьулеб буго. Жибго кагъат яги гьелъул нусха нахъе цIунунги букIине рес буго, гьелда букIараб хъвай-хъвагIай такрар гьабун бицунел чагIиги ругелъул. Масала, довго ГIабдурахIман. Лъаларо, битIизего битIичIеб, хан тIасавихьизе хъвараб кагъат сабаблъун, баракат бахинчIого, тавбу гьабизе ва ГъазимухIамад тIасалъугьин тIалаб гьабизе щай кколеб букIараб? Лъалев Аллагь вуго.
Цо-цо автораз кигIан берцинго ва щиб хъваниги, макъала цIалулезда бичIчIун батила Генуре РакъдакIкIалахъе Ярагъиса МухIамадги Гъазигъумекиса Жамалудинги гIицIго ГъазимухIамадиде зиярат бухьун, гьев тIасалъугьинавизе рачIарал рукIин. Устарзабаздаги имам ГъазимухIамадидаги гьоркьоб букIараб хурхен щулалъана гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб. Цебехун босун тарихалда лъун бугебщинабги тIаде журарал съездалги, имам вищиги, Ярагъияс гъазават гьабизе имамасда тIадкъайги, гIемераб батIиябги буго букIинчIеб ва хIакъикъат хисизабун бицунеб хабар. ХIасанилав-дибирас бихьизабухъе букIана РакъдакIкIалалда цебесеб заманалда ГъазимухIамадилгун Ярагъиясулги Гъумукъиясулги гьоркьорлъаби.

Камилаб хIаракат

РакъдакIкIалахъ чIеялдасан, гьенир ккарал лъугьа-бахъиназдаса ГъазимухIамадил хIаракаталъ цIияб свери босана. ТIахьазда нахъа, гIелмуялъул нухда цIех-рехалда ва гIумруялъул мисалазда тIад хIалтIулаго, ГъазимухIамадицаги Шамилицаги гьеб заманалда гьабуна цIакъго кIудияб ва къиматаб пикрияб хIалтIи. Хунзахъ 1830 соналъул авалалда гьабураб битIккечIеб рагъул хIасилалдаса гъваридал, имамасул хадусеб хIаракаталъе пайда жидер цIикIкIарал дарсалги росана гьез гьенир.
РакъдакIкIалахъ рукIаго, ГъазимухIамадил пикруялъулъ щулалъана ва камиллъана жиндир хIаракаталъе ва гъазаваталъе тIарикъаталдасан рагIа-ракьанде щун пайда босиялъул хIакъалъулъ пикру. Имам ГъазимухIамадил гIакълуялъул унго-унгояб бегIерлъи, гьесул гIелмуялъул кIодолъи, гьесул пикруялъул камиллъи цоги нухалъ тасдикъ гьабулеб гьеб хIужжа жакъа къоялде щвезегIанги тарихалда букIине кколеб кIвар жинде кьечIеблъун хутIун буго. ГIалимзабазул, Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ хъвалел авторазул пикру жеги ГъазимухIамадил пикруялда хадубгъун гьечIеблъиялъ буго жеги-жегиги бицунебги такрар гьабулелги «кавказияб муридизм», «Ярагъиясул цIияб гIелму» гIадал ва цогидалги нахъаса гьечIел, гьодорал рагIабазда бижизабураб тарихияб чIанда.
ТIубазе кколеб масъала

ХIХ гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда букIараб гъазаваталъул, хасго имам ГъазимухIамадил хIаракаталъул тарих, цо-цо гIалимзабазулги авторазулги хIалтIабазул хIаракаталдалъун, мекъаб рахъалде сверун букIиналъул хIакъалъулъ дица цебеги рехсей гьабун букIана. ХХ гIасруялъул ахиралда битIараб рахънибе ккезе рес букIараб тарих мекъаб рахъалда тIубанго щула гьабиялъе квербакъараб аслияб хIалтIилъун букIана Ахед Агъаевасул «МухIамад Ярагъияв» абураб тIехь чанго нухалъ басмаялда бахъараб ва басмаялдаса басмаялде жиб мекъаб рахъалде гъварилъараб. Гьеб, кьучI гьечIел пикраби жиндилъ гьарзаяб асаралъ тIуран хадур цIан ана имамзабазул заманалъул хIакъалъулъ бицунел тарихиял гIалимзаби.
Гьанже гьеб хIабургъин битIизабизе цIакъго захIмалъизе буго. ГIицIго бацIцIадаб гIелмияб рахъалда хъатIун хутIулеб хIалалда букIарабани, гьеб гьедигIан цIакъ захIматги букIинароан. Политикиял ва диниял рахъалги гьоркьор журазаризе рукIиналъ захIмат гьабизе буго гьеб масъала тIубай дагъистаниязда жаниб. Кин бугониги, тIубазабичIого гьеб масъала хутIизе ресги гьечIо.
Ярагъиса МухIамадица витIун ккезавун, малъун, тIадкъаял кьун, ГъазимухIамадил имамлъиялъул иш цебе бачунеб букIанин бихьизабиялдаса инкар гьабизе кколеблъи бихьула, ХIасанилав-дибирасул асар гъваридго лъазабуни. Ярагъиявги хутIаралги ГъазимухIамадида тIадрекъараллъи ва гьесда хадур рилълъараллъи хIакъаб буго. Байбихьи гьелъие лъураб бакIлъунги буго хIакъикъаталда РакъдакIкIалахъ зиярат.
Гьединаб хирияб зиярат буго гендерил Ракъ-дакIкIалахъ нилъер жагьиллъиялъ букIине кколеб къимат кьечIого хутIун. ГIадатияб тарихияб бакIалде гIадинабгицин бербалагьи гьелдехун тарихчагIазулги гьечIо. Бугинха гьениб цо кинабалиго динияб зияратилан абун, атеистазу-хъего гьелдехун бербалагьи гьабиялъул хIасил батилаха гьеб.
Гьединаб къиматаб хIалтIи буго Генуса ХIасанилав-дибирас ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда хъван, нилъее нахъе тун. Нилъеца жакъа къоялде щвезегIанги тIаде хIур ккезе тун, букIине мустахIикъаб даражаялда гIелмияб цIех-рехалдеги бачинчIого тун буго гьеб къиматал далилаздалъун бечедаб асар. Гьесул тIехь жиндир заманалда басмаялда бахъиялъул масъала камилго тIубан гьечIеблъи цо-цо макъалабазда рехсон букIана дица. Гьединлъидал гьебго ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадихъ букIаралда тIасан хъвараб ХIасаниласул тIехьалъул нусха бахъун букIана «ЦIулакьодул гъотIокь» газеталда, къокъ гьабичIого ва гъалатIалги ритIизарун. ХIажат буго ХIасаниласул асаралдехунги гIелмуялъги тарихчагIазги жеги гъваридго кIвар кьезе.
МухIамаднаби Ибрагьимов