Шамил имамасул кагътал

 

 

ГIАНДИСА БАЙСУЛТIАНИЦА ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ

Дунялалъул рокъов бусурбанасдаги капурасдаги гурхIулев, ахираталъул рокъов хасго муъминчиясда гурхIулев Аллагьасул цIаралдалъун байбихьула. БетIергьан, Дуца зулмуялде ккараздехун имамасул ракI тамах гьабе, гьесул рекIелъе пакъирзабаздехун гурхIел рехе. Гьаб буго пакъир, Аллагьасул рахIматалде хьул лъолев БайсултIанил рахъалдасан Аллагьас тушбабазул гарбал къотIизе къуват кьеяв, Аллагьас жиндирго тIасарищарал чагIазда гъорлъ даим гьавеяв, кIудияв Шамил имамасухъе гIарза.

Цинги. Дун чанги щвана дур тIадегIанаб нуцIил кIалтIе, дида зулму гьабурал чагIазул хIакъалъулъ дуда бицине ва гьел гьерсихъабазул гьереси ва хIилла-макру дие баян гьабизе гIоло. Амма цогIаги нухалъ дур бахьинаб нур бараб гьумер бихьизе дие рес ккечIо. Гьанже дун, пакъир, хIайранлъун вуго, дир ракIги бекун буго. Дур гьумер бихьизе ресищ гьечIеб тIадегIанал чагIазда гурони абураб жоги ракIалде ккун, ялъуни, дур хъаравулзабаз духъе рачIарал пакъирзабазул гьумералде хIур биччаян абун, амруйищ гьабун бугеб, вачIанщинахъе дун нахъ чIвазе ккани? Аллагьас Къуръаналда дов беццасул хIакъалъулъ абураб кинигин: «Бечедасде ва рес-хIалалда вугесде мунги вуссана…», — ян. Ялъуни шаргIалъул низамалда гIадамазул даражаби, бечелъи-мискинлъиялъул халгьабун, батIи-батIиялищ рукIунел?

Вассалам.

 

 

ГIАШИЛТIАСА КЪУРБАНГIАЛИЦА ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ

 

КъурбангIалил рахъалдасан хIакъикъат цIунулев, халкъалъул реццалъе мустахIикъав, Аллагьас жив вугеб заманалда берцинаб хIалалда таяв, Дагъистаналъул халкъалъул амир Шамилиде. Дуда Аллагьасул саламалги лъеги, Гьесул рахIматалги дуда тIаса унгеги.

Цинги. Дулъ данделъараб гIадиллъиялъ тIалаб гьабула хIакъикъат загьирлъизегIан, дуца цониги чи чIвазе хIукму гьабунгутIи ва, щибаб жоялъул мухIканлъи лъазегIан, мун сабруялда вукIин.

Гьединлъидал мун гьей гIаданалъул рагIиялда, Аллагь рехсолел чагIазда (ай зикруялъул агьлуялда) дандбан гурони, божуге. Хадубги, ГIашилтIа лъугьарал дол къваригIел гьечIел, къабихIал пишаби, гьаб квешаб ишалдасаги къабихIал ва чIахIиял руго. Кинниги гьез гьеб кIудияблъун рикIкIунеб буго, гьезда гьеб иш рихараб букIиналъ. Аллагьас нуж битIараб нухде тIоритIаги, нуж пайда бугеб агьлулъунги гьареги. Амин.

Вассалам

 

ШАМИЛ ИМАМАС МУКРАКЬАЛЪУЛ ВА РИСГIОРАЛЪУЛ БОЯЗУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго вацал Мукракьалъул ва РисгIоралъул гIалимзабазде, хасал ва гIаммал чагIазде, тIолабго гьезул агьлуялде. Ассаламу гIалайкум. Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго вацал Мукракьалъул ва РисгIоралъул гIалимзабазде, хасал ва гIаммал чагIазде, тIолабго гьезул агьлуялде. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. Дихъе хабар бачIана нилъер вац ДаниялсултIан жиндирго хъизан-кулпатгун цадахъ, кинабниги жиндирго буголъи-магIишат босун, хIатта эбелги цадахъ ячун, Ракьуса ГIириб-хъалаялде гочун вугилан. Цо-цо чагIаз дун гьев иналда щакдаризавулев вуго, гьев жиндирго аслияб ватIаналде лъутизе къасдалда вугин абурал жалги рицун. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, гьениса нахъе ине гьесие нух кьогеян абун, нагагьлъун гьесул гьениса къватIиве вахъине къасд ккани. Гьев унел нухазда нужеца мухIканго, цIакъ яхI бахъун, камилаб хIалалъ хъаравуллъи ккве, гьев къватIиве ворчIичIого вукIине. Нагагьлъун нужеца гьел нухал цIуничIони ва гьеб иш мугьмалго, тIаса-масаго тани, гьесие нухги кьуни, дир нужеде гIайиб щвела ва гьединго ТIадегIанав Аллагьасул ццинги бахъина. Хадуб нужеца дида гIайиб чIваге, гIицIго нужедаго чIвай. Цинги. Дихъе хабар бачIана нилъер вац ДаниялсултIан жиндирго хъизан-кулпатгун цадахъ, кинабниги жиндирго буголъи-магIишат босун, хIатта эбелги цадахъ ячун, Ракьуса ГIириб-хъалаялде гочун вугилан. Цо-цо чагIаз дун гьев иналда щакдаризавулев вуго, гьев жиндирго аслияб ватIаналде лъутизе къасдалда вугин абурал жалги рицун. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, гьениса нахъе ине гьесие нух кьогеян абун, нагагьлъун гьесул гьениса къватIиве вахъине къасд ккани. Гьев унел нухазда нужеца мухIканго, цIакъ яхI бахъун, камилаб хIалалъ хъаравуллъи ккве, гьев къватIиве ворчIичIого вукIине. Нагагьлъун нужеца гьел нухал цIуничIони ва гьеб иш мугьмалго, тIаса-масаго тани, гьесие нухги кьуни, дир нужеде гIайиб щвела ва гьединго ТIадегIанав Аллагьасул ццинги бахъина. Хадуб нужеца дида гIайиб чIваге, гIицIго нужедаго чIвай.

Гьалдалъун тана. Вассалам. Рогьалил гIуж, шамат къо, 1269 соналъул 9 мухIаррам / 1852 соналъул 22 октябрь.

 

КУРДАЗУЛ ШАЙИХ МУХIАМАД АЛ-ХАНИЯС ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ

 

Гьаб дунялалъул рокъоб Жиндир гурхIел-рахIмат бусурбанасеги капурасеги гIаммав, ахираталда Жиндир гурхIел бусурбанасе хасав Аллагьасул цIаралдалъун байбихьула. (БетIергьан Аллагьасе) щукруги щибаб реццги буго Жинца битIараб нухде тIоритIарав, лагъзадерил ракIазул кирталги ричIарав ва гьединго гьезул къадруги тIадегIан гьабурав, Жиндир махлукъаталда гьоркьоса гьелги тIокI гьарурав ва гьездалъун битIараб диналъе кверги бакъарав. Гьединго свалатгун саламги лъеги жинца Аллагьасул нухда хIакъаб куцалда жигьад гьабурав нилъер сайид МухIаммадидаги, гьесул агьлуялдаги, асхIабзабаздаги, гьезул лъималаздаги.

Паналъарав, хIакъирав МухIамад ал-Ханиясул ал-Халидиясул анНакъшубандиясул рекIелъан кьолел саламал руго ва гьединго тахIияталги руго сайгъатал гьарулел, камилаб рокьи ва берцинаб рекIелгъей жидеца баян гьабулел. ГIалимзабазул чIухIилъун вугев, тIокIал чагIазул цевехъан кколев, бацIцIадаб диналъе квербакъи гьабулев, гIодобегIанаб, чорокаб бидгIаги жинца тIагIине гьабулев, жиндалъун ТIадегIанав Аллагьас Дагъистаналъул ракьалда тIагIун рукIарал исламалъулги тIадегIанаб суннаталъулги асарал чIаго гьарурав, жиндир лебалаб хвалчадалъун бусурбабаздаса капурзабазул питнаги нахъ чIварав, амирзабазулги амир, чIахIиял чагIазулги бетIер, жив тIокIав, тIадегIанав диналъул вац шайих Шамилиде. Аллагьас дудалъун Жиндир диналъе квербакъаяв ва къосарал чагIазул квешлъиялдаса мунги цIунаяв ва Жиндир рахъалдасан бетIергьанас, боялги ритIун, кумек гьабеяв, щайтIаналдаса ва гьелъул макруялдасаги мун цIунаяв ва, Жиндир нигIматалги даим гьарун, Жинда аскIов къабулавлъун гьавеяв, жиндир хIатIазда вараниялъ баарав аварагасул хIурматалъе гIоло.

Цинги. Гьал рокьул мухъал хъваялъе сабаблъун ккараб жо буго, дун кидаго дур берцинал харбал рагIилародаян, дур рацIцIадал тIабигIатал дихъе щвелародаян, дур гьалмагъзабазул щивниги вихьилародаян, валагьун чIун вукIин. Гьединго нужер хIакъикъат нижеда лъазе, гьелдалъун нижги камилаб хIалалъ рохизе рукIине. Дие рокьулел чагIазул харбал рагIизе дица гIемер хIалбихьана, къасикъад чIечIого, гьелда хадув лъугьана ва гьел цIехана. ТIадегIанав БетIергьанас къадар гьабун, дун данделъана дуца Чергесалъе витIарав шайих МухIамадамин-пашагун Аллагьас жиб цIунаяб бусурбабазул хункарасул тIадегIанаб ракьалда. Гьев вихьиялдалъун дие гIорхъи гьечIеб гIатIилъиги щвана, гьесдехун хитIаб гьабиялдалъун ракIги рагьана. Дур берцинал тIабигIаталги камилал пишабиги рехсон, исламалъе квербакъизе ва Аварагасул дин чIаго гьабизе дур гъираялъул бицун, дие кутакаб шавкъги хIасуллъана ва дур тIадегIанаб, берцинаб, камилаб гьумер бихьизе ва гьелда берчIвазе гIишкъуги цIикIкIана.

Кинниги гьеб гьабсагIаталда ккезе рес гьечIеб, лъугьунареб жо букIиналъги, нилъеда гьоркьоб кIудияб манзил букIиналъги, дица жигар бахъана, дуде бугеб рокьиги загьир гьабун, гьал мухъал хъвазе. Кагъат хъвайги рихьиялъул бащалъи гIадаб жо кколелъул, дугIа къабулаб гIужалда ниж ракIалдещвеялъе сабаблъунги букIине, дуда ракIалдаса ниж инчIого рукIиналъе гIиллалъунги букIине, дур хитIабазулъ ниж рехсеялъе ва дур тIадегIанал кагътал дихъе щвеялъе сабаблъунги букIине.

Дица тIоцебе дидаго хадуб нужедаги амру гьабулеб буго балъгоги тIатунги, хIалкIвараб куцалъ, Аллагьасукьа хIинкъайилан, гьесул дин чIаго гьабиялде кIвар кьеян ва тIадегIанаб, рекIел зикруялдаги даимлъеян абун. Гьеб зикру буго къиямасеб къоялде бищунго лъикIаб нахърател. Гьединго дица, дудеги, дидегоги васият гьабулеб буго аварагасул тIадегIанаб суннат загьир гьабеян ва гIодобегIанаб бидгIа тIагIине гьабеян. Дица ТIадегIанав Аллагьасда гьарулеб буго, гьеб ишалъулъ дуе квербакъи гьабеян. ХIакълъунго Гьев хIалкIолев, кинабго ихтияр кодосев вуго. Гьединго дир хьул буго дуда нижги, балъгоги тIатунги, дур дугIаялъулъ рехсезе кIочон теларин абун. Вассаламу гIалайкум.

1269 сон/1852 сон. Аллагьасде хIажатав, хIакъирав, нужее дугIа гьабулев лагъ МухIамад ал-Хани ал-Халиди ан-Накъшубанди.

 

 

ШАМИЛ ИМАМАС НАИБ ГIУМАРИХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац, наиб ГIумарихъе. Ассаламу гIалайкум. Цинги.

Гьаб кагъат босун вачIарав нилъер вац Халид вуго унго-унгояв, вацIцIадав мугьажирги гьединго дунгун гIелму-варагI цIунарав чиги. Гьес дие гIарз бахъана жиндирго гIумру-магIишаталъул язихълъиялда тIасан. Гьединлъидал дуца гьесде гурхIел-рахIмуялъулаб бербалагьи гьабиги гьесие ва гьесул хъизаналъе гIураб напакъат кьейги буго дир мурад. Дунялалъул рокъобги ахираталдаги ТIадегIанав Аллагь дудаса разилъиялъе сабаблъунги букIина гьеб.

Гьалдалъун тана. Вассалам. АрбагI къо, 1269 соналъул 11 сапар / 1852 соналъул 23 ноябрь.