Шамил имамасул кагътал

Шамил имамасул кагътал

Шамил имамас ЧӀохъа ГӀинкъав ХӀажихъе хъвараб кагьат

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац ГIинкъав ХӀажихъе. Ассаламу гӀалайкум.

Цинги. Дихъе дой Мирзал МухӀамадил яс ГIашура ячӀун йикӀана жиндаго кодоб бугеб байтулмалалъул хуралда тӀасан гӀарзалъ. Дица дуда абулеб буго дуца гьеб хур гьелда кодоб теян ва нилъеца сангарал гьариялдалъун хвезарун рукӀарал, нилъер вацал чӀахъадерил хурзалги рукъзалги рецӀеян байтулмалалъул рукъзабаздалъунги ракьаздалъунги. Доб МикагӀилил гохӀда букӀа ялъуни ГIали Маматил гохӀда букӀа, яги цоги бакӀалда букӀа. Дуца гьел гьезие хисун кье. ХӀакълъунго БетӀергьан Аллагьасул букӀуна щибаб цебе араб жоялда хадуб бачӀунеб жоги, тӀаса араб жоялъе хисиги букӀуна.

Гьалдалъун тана.

 Вассалам.

Талат къо, 1266 соналъул 17 ражаб / 1850 соналъул 28 май.

Гьединго дов нилъер вацасе байтулмалалъул хурзал кье, ужра-мухьги босичӀого.

Шамил имамас Хайдакъ-Табасараналъул агьлуялъухъе хъвараб кагъат

Дунялалъул рокъоб Жиндир гурхӀел-рахӀмат бусурбанасеги капурасеги гӀаммав, ахираталда Жиндир гурхӀел бусурбанасе хасав Аллагьасул цӀаралдалъун байбихьула. Кинабниги рецц Аллагьасе буго Жиндир нухда гъазаваталде рахъарал, рахъинчӀого рокъор чӀараздаса, хира гьарурав. Аллагьасул свалатгун салам лъеги цере аразулги хадур рачӀунезулги сайидлъун вугев МухӀамадида ва жидеца капурзабазде гьабулеб гъазаваталъулъ цӀакъ бахъи гьабурал гьесул агьлуялдаги асхӀабзабаздаги лъеги.

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан киналниги къадизаби, гӀалимзаби, бутӀрул, тӀолабго Хайдакъ-Табасараналъул вилаяталъул агьлуялде. Хасго, Аллагьасул цӀар тӀадегӀан гьабулаго, Гьесул тушбабигун рагъизе къвал гурарал гӀолохъабазде буго салам. Аллагьасул саламал лъеги нужеда, Аллагьас кидаго нужее квербакъи гьабеги, Аллагьас нужер гӀамалалги къабул гьареги, нужее лъикӀалъе кверги бакъаги, квешлъабаздаса цӀунунги таги.

Цинги. ТӀоцебесеб мурад буго нуж Аллагьасул цӀуниялда гъоркь рати. Хадубги нужеда лъай, дир вацал, нужер берцинал харбалги берцинал тӀабигӀаталги дида даим рагӀулел рукӀин ва къо бахъанагӀан гьел цӀикӀкӀунел pyгo. ГьанжелъизегӀан рагӀизе бокьулареб, цониги квешаб хабарги нужер рахъалдасан дихъе щвечӀо. Аллагьасул тушбабигун рагъизе кумек гьабеян абураб нужер ахӀи бай цӀикӀкӀиндал ва нужер рахъалдаса тӀатун рачӀунелниги балъго рачӀунелниги чапарзабиги рисалаталги гьоркьоса къотӀичӀого дихъе щведал, дун нужеда божана. Дида бичӀчӀана нуж вацлъиялъеги гьудуллъиялъеги рацӀцӀадал, ихласалда ругел чагӀи рукӀин. Гьединго бичӀчӀана нижер рахъалдасан боял къватӀире рахъиналъухъ нуж ралагьун чӀун рукӀинги. Гьединго тӀолабго Дагъистаналъул ракьалда лъала нуж церегоялдаса нахъе жигьадалъул агьлу рукӀин ва гъиратяхӀалъулги бахӀарчилъиялъулги рахъалъ машгьурал рукӀин. Гьединлъидал дица нужехъе витӀулев вуго нижер вац, нижеца мугьчӀвайги гьабулев, нижеца бербалагьиги гьабулев, нижецаги рикӀкӀунев, халкъалдаго машгьурав гӀалим, къвакӀарав бахӀарчи, ГӀахъушдерил къади МухӀамадил вас Абакар-хӀажи. Киналниги нужер вилаятазул агьлуялда тӀад наиблъун витӀулев вуго гьев. Гьеб рахъалда гьабулебщинаб жо жинда берцин бихьараб къагӀидаялъ гьабизе ихтиярги буго гьесул. Щайгурелъул гьаб заманалъул гӀадамазда гьоркьов маслихӀатаб жо лъикӀ бихьулев гьев вукӀиналъ ва гьесулъ гӀелмуги, Аллагьасул диналдехун бугеб гъиратги, гьабулеб ишалъе тадбирги данделъун букӀиналъ. Нуж гьесие мутӀигӀлъе, гьесул амруялда нахъги рилълъа, гьес теян абурабги те, гьесиеги хилиплъуге, гьесда дандеги рахъунге. Щайгурелъул гьесие мутӀигӀлъарав — дие мутӀигӀлъарав вуго, гьесде гӀасилъарав, гьесухъ гӀенеккичӀев — диде гӀасилъарав, дихъ гӀенеккичӀев чи вуго. Нужеца Аллагьасул тушбабигун гьабулеб рагъуе гъуждулги гуре, гьанжелъизегӀан гьабулеб букӀаралдасаги цӀикӀкӀун паризаял гӀамалазда тӀадчӀейги гьабе, гьаругеян абурал квешал жалаздаса цӀуна-къайги гьабе. Хадубги, Аллагьасул нухда гьабулеб гъазаваталъул захӀмалъаби рикӀкӀун хӀалкӀвеларо. ТӀадегӀанав Аллагьас абулеб буго: «Нужеца Аллагьасул нухда рагъулаго чӀваразда хварал чагӀиян абуге. ХӀакъикъаталдаги гьел чӀаго руго, кинниги нужеда гьеб бичӀчӀуларо». Гьелъул тӀокӀлъи-хиралъи бицун рачӀарал хӀадисалгун аятал нужедаги лъала, гьел рехсон, хабар халат гьабиялъул хӀажалъи гьечӀо. Гьединго ТӀадегӀанав Аллагьас абулеб буго: «Жиндир нухда вагъулесе Аллагьас квер бакъичӀого тезего теларо», — ян.

Гьалдалъун тана. Вассалам.

Гьаб кагъат хъвана шамат къоялъ, 1266 соналъул ражаб моцӀалъул 21 къоялъ / 1850 соналъул 1 июнь.

Шамил имамас КӀудияв МухӀамадихъе хъвараб кагьат

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац КӀудияв МухӀамадихъе. Ассаламу гӀалайкум.

Цинги. Мун гӀенекке гьаб кагьат босун вачӀарас бицунеб жоялъухъ ва доб нилъеда лъалеб росулъ бугеб ахӀвал-хӀалалъул хӀакъикъат баян гьабе. ХӀалкӀвараб жигар бахъе байтулмалалда хурхарал рукӀа, гьединго дора жанир лъугьунел мункарал, рекъечӀел, ай шаргӀалда дандекколарел ишал рукӀа тӀагӀинаризе. Хасго байтулмалалъул ишги къадиясул суалги дуца кӀвар гьабичӀого тоге. Дида рагӀана гьеб росу къабихӀал ишаз цӀун бугин абун, гьеб киналъулго мунагь, тӀоцебесеб иргаялда, дуде ва хадуб нижеда тӀаде ккола.

Вассалам. Шаматкъо, 1266 соналъул 15 шаввал / 1850 соналъул 23 август.

Шамил имамас наибзабазде, нусил бутӀрузде, мугьажирзабазде хъвараб кагьат

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан киналниги вилаятазул наибзабазде, нусил бутӀрузде, тӀолалго мугьажирзабазде ахир заманалде щвезегӀан, къиямасеб къо чӀезегӀан Аллагьасул саламал лъеги нужеда.

Цинги. ШаргӀалъ гӀадилаллъун чӀезе гьарурал чагӀазул нугӀлъиялдалъун, дие якъинлъана Гъумекиса, Кудалиса Будал МухӀамадил вас ГӀабдурахӀманил вас Хочол вас МухӀамадил (тӀокӀцӀар МагӀлисев) вас ГӀабдурахӀимил васал МухӀамадги АхӀмадги Маккаялдаса аслу жидер бугел къурайшияллъунги сайидзабилъунги кколел рукӀин. Нужеца гьев кӀиявго жидее кколеб хумусалъул бутӀаялдаса нахъ чӀваге. Нужеца гьев кӀиясулго ва гьезул лъималазул кидаго адабхӀурматги гьабе. Гьев кӀиявго ккола тӀасарищарал, лъикӀал чагӀаздаса, гьединго гъваридаб гӀелмуялъул гӀалимзабиги pyгo гьел. Нилъер вилаяталда, нилъер кверщаликь ругел ракьазда гьездаса гӀадилал ва варагӀ бугел чагӀи гьечӀо. Дида киданиги гьездаса квешаб, рекъечӀеб, карагьатаб, гьединго шаргӀалда дандекколареб жоги бихьичӀо. Дица гьезухъе гьаб васикъа (документ) кьолеб буго; гьитӀинасеги, кӀудиясеги, тӀадегӀанасеги, гӀодовегӀанасеги, бихьинасеги, цӀуялъеги — киналниги ахир заманалъул гӀадамазе ракӀалдещвейлъунги васиятлъунги букӀине.

Гьалдалъун тана. Вассалам.

 1266 соналъул Аллагьасул баракатаб моцӀ шагӀбан /1850 соналъул июль.

Ахтиялдаса МухӀамаднабица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат

Гьал мухъал хъвалев пакъирав лагъ МухӀамад-набил рахъалдасан муъминзабазул амир, гъазизабазул таж, ТӀадегӀанав БетӀергьанас щула гьавеяв ва квербакъаяв Шамил имамасде. Ассаламу гӀалайкум. Амин.

Цинги. Дов жанив тӀамун вукӀарав, гӀадамал гуккулев, баракат бахъарав мунапикъ-шигӀияв, жидеца гьесул жаваб кьелии абун, къотӀиги гьабун, дуца гьесул Ахтиялдаса гӀагарлъиялъухъе кьеян амруги гьабун вукӀарав, лъутун рагӀула. Дида рагӀун букӀана гьев ЦӀоралда муташайихлъи гьабулев вукӀанин ва гьаб заманалъул жал супизабиян чӀарал чагӀиги гьес гуккулел рукӀанилан. Гьединго гьез гьев кӀодо гьавун вукIанин, хӀатта гьесда ран рукӀарал гудралги гьез рахъун рукӀанин. Дица дуде суал борхун букӀана гьев чиясул гӀагарлъиялъ гьесул ургъел гьабулеб гьечIилан. Дуда гьеб ракӀалда батила. Хадуб дуца ГӀабдулпатахӀида амру гьабун букӀана, дов МуртазагӀалидасан байбихьун, гьесул гӀагарлъиялда къвакӀун кӀалъаян. Гьанже абуни, гьез гьев къад заманалъ виччан тун вуго. Гьединал тӀаса-масагоял ишазда хурхун гьабизе рекъараб жо дудаго лъикI лъала, мунго валагьун вихье. Гьев чи сабаблъун нижер гӀемерал харжал ккана. Гьаб заманалъул гӀажаиблъи гурищ жиндие бокьараб жо бицун бокьарав чи кӀалъалев? Пайда щибха, цо щив вугониги дунгун цадахъ дуда дандчӀвани, дов мунапикъасул «лъикӀлъаби» дуда рицине, дуца гьелда цӀакъ гӀажаиблъи гьабилаан. Гьав, жив шайих вугилан гӀадамал гуккулев чияс гьел рачун руго гӀалимзабазда данде рахъиналъул игӀтикъадалде, алжанги динги жидеда хурхараб, жидеда бараб жо бугин абулеб рекӀелчӀеялде. Нилъеца додинал ишал гьаризе гьел гьукъулел гьечӀо ва гьел сабаблъун нилъер боцӀи-малги гӀадада холеб буго. Ахтиялда ругел нилъер хӀасадчагӀиги нилъеда тӀад релъанхъулел руго. ХутӀараб жо дуда гьаб кагъат кьолес бицина.