Лъани зарал гьечIо

Апрель моцI

 

1725 соналъул апрелалда шамхал ГIадил-Гирей Россиялде данде вахъана ва гIахъущгун цадахъ «Аграханский» абулеб хъалаялде тIаде кIанцIана.
1803 соналъул апрелалда аваразул ханлъи Россиялъул кверщаликье ккана.
1843 соналъул апрелалда Шамил-имамас, киналго наибзабиги, дибирзабиги, къадизабиги ракIарун, гьезул букIине кколеб мутIигIлъи гьечIилан бадибчIвайги гьабун, лъазабуна жинца имамлъиялдаса инкар гьабулеб бугилан.
1846 соналъул апрелалда Шамил-имамас кIудияб чабхъен гьабуна Кабардаялде. Гьес цебе лъураб масъала букIана Кабардаги Чергесияги имаматалде гъорлъе рачин.
1860 соналъул апрелалда Кавказалъул бетIерас «Дагъистан областалъе ва Закатала округалъе нухмалъи гьабулеб къагIида» тасдикъ гьабуна.
1892 соналъул апрелалда гьанжесеб МахIач­хъалаялда «Анжи-гор» абулеб борхалъи­ялда хIалтIизе биччана гумузе нух бихьизабулеб маяк.
1900 соналъул 18 апрелалда Дербент шагьаралда гьавуна композитор, РСФСРалъул искусствоялъул мустахIикъав хIа­ра­катчи, Сталинил цIаралда бугеб премиялъул кIи­цIул лауреат Готфрид (ЖабрагIил) ХIа­санов.
1910 соналъул 14 апрелалда Дарги окру­галъул ХIап­ши­ма росулъ гьавуна та­рихчи, КIудияб Ва­тIанияб рагъул гIахьалчи, Дагъистаналъул халкъияб лъайкьеялъул вукIарав комиссар, ДАССРалъул Верховный Совета­лъул председателасул заместитель, Россия­лъул мустахIикъав гIелмияв хIаракатчи Расул МухIамадович МухIамадов.
1910 соналъул апрелалда Россиялъул армиялъул поручик ва тIоцересел летчиказул цояв Петр Нестеровас, Порт-Петровскалда (МахIачхъала), хъизамгун цадахъ хIухьбахъи гьабулеб заманалда, ургъана гьелде щвезегIан букIинчIеб самолет, ва лъабго соналдасан гьес Киевалъул зодоб гьеб самолеталда гьабуна «хвараб кIичI» (мертвая петля) абураб гьунар.
1925 соналъул апрелалда МахIачхъалаялда тIобитIана ТIолгодагъистаналъул советазул V съезд.
1927 соналъул 5 апрелалда ТIолгода­гъис­таналъул советазул VI съездалда къабул гьабуна Дагъистаналъул кIиабилеб Конституция.
1932 соналъул 22 апрелалда Дахадаев районалъул Дибгаши росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв шагIир, драматург Сулейман Рабаданов.
1932 соналъул 27 апрелалда МахIачхъалаялда, тIобитIана Дагъистаналда культурияб гIуцIиялъул суалгун культураялъул идарабазул хIалтIухъабазул тIоцебесеб съезд.
1934 соналъул апрелалда ВКП(б) ялъул Дагъобкомалъул бюроялъ хIукму гьабуна 1934 соналъул 15 июналда советиял хъвадарухъабазул ТIолгодагъистаналъул съезд ахIизе.
1936 соналъул апрелалда Дагъистаналда борлъана сордо-къоялда жаниб 250 тонна нартил бахъулеб буругъ.
1938 соналъул 11 апрелалда Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, республикаялъул С. Агъабабовасул цIаралда бугеб премиялъул лауреат, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи МухIамад Абакаров.
1938 соналъул 22 апрелалда Буйнакск районалъул Гъоркьа Гъазданущив гьавуна Дагъистаналъул гIелмабазул миллияб академиялъул член, гIелмияв хIаракатчи, профессор ХIамид Бучаев.
1940 соналъул 26 апрелалда гьавуна «Лезгинка» ансамбль гIуцIарав Россиялъул халкъияв артист Танхо Израилов.
1942 соналъул 22 апрелалда Советский (Шамил) районалъул Ракьуб росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб магIарул музыкалиябгун драмаялъулаб театралъул художествияб нухмалъулев, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи ХIайбула ГIабдулгъапуров.
1955 соналъул апрелалда Дагъистаналда гIу­цIа­на «Къуватаб къокъа» абураб Северияб Кавка­залда тIоцебесеб Композиторазул союз. Гьелде гъорлъе унаан ункъо композитор: Готфрид ХIа­санов, Сергей Агъабабов, Наби Дагиров ва Мурад Кажлаев.
1961 соналъул 23 апрелалда гьавуна 2007-2013 соназда Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместительлъун вукIарав, Россиялъул Северияб Кавказалъул ишазул министрасул гIакълучи Ризван ГъазимухIамадов.
1961 соналъул 28 апрелалда Буйнакск шагьаралда гьавуна Дагъистаналда бугеб федералияб казначействоялъул нухмалъулев СайгидхIусен МухIамадов.
1963 соналъул 21 апрелалда «Рорхатал цIваби» абураб тIехьалъухъ Расул ХIамзатовасе кьуна Ленинилаб премия.
1991 соналъул 26 апрелалда къабул гьабуна «Репрессиялде ккарал халкъал ритIухъ гьариялъул хIакъалъулъ» РСФСРалъул закон.
2005 соналъул 28 апрелалда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул XV съезд. Съездалда союзалъул председательлъун нахъеги вищана ГIали Камалов.
2006 соналъул 28 апрелалда Дагъистаналъул президент МухIу ГIалиев Москваялда дандчIвана нилъер республикаялдаса бизнесменалгун.
2006 соналъул 17 апрелалда Дагъистаналъул президент МухIу ГIалиевас гъолбасана республикаялда лъималазул ихтиярал цIунулев вакиласул хъулухъ букIинабиялъул хIакъалъулъ указалда гъоркь.
2007 соналъул 30 апрелалда Санкт-Петер­бур­га­лъул Смольниялда ДРялъул президент МухIу ГIалиевас ва гьеб шагьаралъул губернатор Валентина Матвиенкоца гъолбасана Дагъистан Республикаялда ва Санкт-Пертербургалда гьоркьоб 2007-2011 соназда экономикиябгун культурияб ва гIелмияб цадахърекъон иш гьабиялъул къотIи-къаялда гъоркь.

*** 

Халкъазда гьоркьосеб календарь

30 март — 7 апрель
Бищунго кIвар бугезул цояблъун кколеб жугьутIазул Пейсах байрам. Гьеб бухьараб буго Египеталъул лагълъиялдаса рорчIиялда. Гьел къояз кIодо гьабула жугьутIал хасаб халкълъун лъугьин.
1 апрель
РицIцIигъотIол гьатIан
ГIиса авараг, хIамидаги рекIун, Иерусалималде жаниве лъугьараб къо. ХIама кколаан ракълилаб гIаламатлъун. Гьеб ккола насраниязул Пасха байрамалда цебесеб анкьалъул къоги. ГIадамаз гьесда дандчIвай гьабуна рохалилаб ахIвал-хIалалда. Гьезул хьул букIана гьес ГIизраилалъул халкъалъул тушбабаздаса рецIел босилин. Амма ГIиса аварагас гьеб божилъи ритIухъ гьабичIеб мехалда, халкъ гьесде дандечIана.
ГIадаталда рекъон, насранияз гьеб къоялъ рицIцIигъотIол гIаркьалабазул квацIаби гьарула ва рокъор цIунун тола тIубараб лъагIалица.
1 апрель
Пасха (Григорианил календаралда рекъон)
Насраниязул байрам. Гьеб къоялъ хъизама­лъул киналго чагIи данделъула ва гIодор чIола байрамалде дандекколел тIагIамал тIад лъураб столалда нахъа. Щибаб улкаялъул жинди-жиндир гIадаталги руго. Масала, Германиялда гьеб байрамалъул гIаламатлъун ккола гIанкI ва ханал. Польшаялда байрам кIодо гьабула кIиго къоялъ: гьатIаналъги итниялъги. ГьатIаналда хадуб букIунеб «биччараб итниялъ» полякалъулаз цоцазде лъим тIола. Лъим — гьеб кколеб буго сахлъиялъул, икъбалалъул гIаламатлъун.
2 апрель
Россиялъулги Белоруссиялъулги халкъазул цолъиялъул къо.
1996 соналъул гьеб къоялъ кIиябго пачалихъалъул бутIруз гъолбасана Белоруссиялъулги Россиялъулги союз гIуцIиялъул къотIи-къаялда.
5 апрель
КIудияб Хамиз яги бацIцIадаб Хамиз.
Гьебги ккола насраниязул байрам — кIалкколеб моцIалъул ахирисеб анкь. Абула гьеб къоялдаса нахъе байбихьанила гьарурал мунагьазухъ Аллагьас гIадамазе тамихI гьабизе. Гьеб къоялъ ракIалдещвезабула Балъгояб дандеруссинги — жиндирго цIалдохъабигун цадахъ ГIиса авараг къасикванил заманалда Пасхаялъул тIоцебесеб къоялъ гIодов чIей. Гьебго сордоялъ Ягьудав хилиплъун вуго ГIиса аварагасе. Гьеб къоялъ ГIиса аварагас гIадамазда бихьизабун буго гьел мунагьаздаса цIунулеб битIараб нух. Гьединаб къолъун кколеб буго КIудияб Хамиз — Пасхаялда цебесеб къоялъ килисаялде уна насраниял ва жалго рацIцIад гьарула гьарурал мунагьаздаса.
5 апрель
Хансик (хварал умумул ракIалдещве­зария­лъул къо).
ГIадаталда рекъон, насраниял уна хабалазде, хобал рацIцIад гьурула, рищни-къул бакIарула, гьеб къоялъ ине рес ккечIел нахъисеб къоялъги уна. Цо-цояз гьелда «цIорораб кванил къойиланги» абула — цIаги бакун, квен гьабулеб гьечIо гьеб къоялъ.
5 апрель
ГъутIби чIолеб къо.
Кореялъул хIукуматалъ чIезабураб гьеб къоялъул магIна букIана рохьал цIигьари. Гьеб къоги Хансик байрамги цого къоялъ рукIиндал батила, хабалазда гъутIби чIолел гIадамал гIемер рукIуна.
6 апрель
КIудияб рузман
Гьеб къоялъ насранияз ракIалдещвезарула ГIиса авараг Гефсиманалъул ахикь жанив тIами, Пилатил суд, ГIиса аварагасул гIумру ва хвел. Гьеб къоялъ насраниязул цо-цояз щибго кунаро ва гьекъоларо.