Чакъалазул балагь

 
МугIрузул районазул ва гIатIиракьалда ругел росабазул гIадамазул гIарз буго чакъалал цIакъго гIемерлъун рукIиналъул хIакъалъулъ. ХIатта гьел росабалъе жанирецин рачIунел руго. Гьез чIвалел руго рукъалъул гIисинал хIайванал ва хIанчIи. ГIадамазукьаги хIинкъулел гьечIо. Хабар буго гьел гIемерлъиялъе аслияб гIилла бугин Украинаялда унеб бугеб рагъ. Гьениб кьвагьдей гIемерлъиялъ, нилъер парахатаб ракьалде гочунел ругила чакъалал.  
 
 
Гьеб масъалаялда тIасан нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул чанахъабазул ва ччугIихъабазул гIуцIиялъул председатель МухIамадсадир Ибрагьимовасулгун. 
 
 
 
— ГIалхул хIайванал цIуниялъул мурадалда, ижара хIисабалда, нижеда хадуб щула гьабун буго Дагъистаналъул чанахъанлъиялъул 27 бакI. Гьел ракьазда нижеца низамалда рекъезабизе ккола гIалхул хIайваназул, ччугIил ва хIанчIазул къадар, — ан бицана гьес. — МагIишатазеги 
тIабигIаталъеги цIикIкIараб зарал гьабулел бацIал, чакъалал, цурдул ва еноталда релълъарал гьаби гIадал вахIшиял жанаварал чIвазеян, нижехъе лицензия кьуна ДРялъул ТIабигIиял сурсатазул министерствоялъ. Амма чIвазе кколел жанаваразул къадаралъул кьварараб гIорхъичIвай букIунаро. Исана нижер егераз чIвана 300 жанавар, гьездаго гьоркьоб — 150 чакъалги. ГIилла лъаларо, амма бацIазги чакъалазги зарал гьабулеб бугин абун, районаздаса нижехъе рачIунел лъазабиял гIемер гьечIо. Цебе Росдал магIишаталъул министерствоялъ жанавар чIварав чанахъанасе кьолаан гIарцулаб шапакъат, гьединго колхозалъ — куй. Жакъа гьеб къагIида гьечIелъул, чанахъабазул гъира кколеб гьечIо гьел чIвазе. Гьеб гуребги, патронал руго цIакъго хиралъун. Гьезул цо гъутухъалъул багьа азарго гъурщидасаги тIаде уна. Дица чара гьечIеблъун рикIкIуна, бацIазде ва чакъалазде чан гьабулел егеразул гъира базабиялъе, цебе букIараб шапакъатал кьолеб къагIида цIигьаби. Гьелъ квербакъила магIишатазе ва гIалхул хIайваназе зарал гьабулел жанаваразул къадар дагь гьабиялъе. ХIисаб гьабе, цо нухалда рехъалъе кIанцIараб бацIалъ чIвазе ва лъукъизе бегьула 50-100 гIиялъажо. 
 
 
— МухIамадсадир, чакъал кинаб жанавар бугеб?
 
 
— Чакъал букIуна гьойдасаги гьитIинаб черхалъул. Куц-мухъалде балагьун, гьеб релълъуна гьитIинабго бацIида. Гьеб буго цIодораб, амма хIинкъараб жанавар. Жибго цохIо чакъал хIинкъула инсанасде гьужум гьабизе, гьаракь гьабуни, гьеб лъутун уна. Амма гIисинал лъимал гьездаса цIунизе ккола. 
 
 
— Дагъистаналда чан бацI ва чакъал бугебали лъалищ нужеда?
 
 
— Лъаларо. Гъоркьиса лъугIун букIана ТIабигIиял сурсатазул министерствоялъулгун нижеца гьабун букIараб ижараялъулаб къотIи-къай, гьединлъидал рес ккечIо нижер ракьазда ругел жанаварал рикIкIине. Маялъул ахиралда нижеца къотIи-къай цIи гьабуна ва чанахъанлъиялъул магIишатал нахъеги нижер къайимлъиялде рачIана. БачIунеб соналъул авалалда чара гьечIого нижеца тIобитIизе буго 

хIайваназул хIисаб-суал гьабиялъул тадбир. 
 
 
— ВахIшиял жанаварал, хасго чакъалал, гIемерлъиялъе гIилла щиб?
 
 
— Росабазул, кулабазул ва хъутабазул гIадамаз кьищни-къул рехула цебе ккарал бакIазде, гьелда гъорлъ рукIуна кванил нигIматазул хутIелал, ракьа-макъар, чед… Гьезул махIаз рачуна чакъалал росабалъе, гIадамал ругел бакIазде. Инсанасда гIагарда буго чакъалазул кванил база. Чакъалалъ цебе батараб жо кванала. ХIатта пихъ, борхьал, кьинчал, гIункIкIал, цIадал хIамул, хIанчIи, амма бищунго гьелъие бокьула балка-

налъул гьан.
 
 
— Бокьарав чиясул ихтияр букIунищ чакъалал чIвазе?
 
 
— БукIунаро. Лицензия гьечIого чан гьабизе гьукъараб буго. Амма къанагIатги букIунаро бацIал ва чакъалал чIваялдалъун гIадлу гьабиги гIакIа къотIиги.
ХIалбихьи бугел чанахъабаз абуна, бацIазде ва цурдузде дандеккун, чакъалазде чан гьаби ва гьел кквей бугила цIакъ захIматаб масъала.
 
 
— Росабалъе рачIунел чакъалаздаса гIадамазе хIинкъи букIунищ? 
 
 
— Чакъалазда тIубан божизе бегьуларо. Хасало хIинкъи букIуна ракъарал чакъалазул тIел гIурав чиясде тIаделъиялда. Цоги, чакъал букIине бегьула тIури щвараб, ай ццидалаб, жинцаго гьабулеб жо лъалареб. Гьеб тIаделъизе бегьула бокьарав 
чиясде. 
 
 
— Нагагь гьелъ хIанчIани, щиб гьабизе кколеб?
 
 
— ТIоцебесеб иргаялда, ругъун бацIцIине ккола, хадуб, сапунги бахун, чвахулеб лъеца чуризе ккола. ХIанчIараб бакI къачIазе ккола спирталъ яги йодалъ. Гьебго къоялъ ина травматологияб пункталде. Чара гьечIого гьенир гьаризе ккола собоялда ва тIурищвеялда данде чIолел прививкаби.  
 
 
— Цо-кIиго чиясде чакъалал тIаделъани, гьез щиб гьабизе бегьулеб?
 
 
— Аслияб жо — мугъ цIуни. Гьединлъидал кIванагIан гьаракь биччан, «кумек гьабеян» ахIдолаго, чIезе ккола цоцаде мугъалги кьун. ХьвагIизе ккола кверал ва кодобе щвараб жо, ай чакъалазда бихьизабизе ккола нуж гьездаса тIадегIанлъиялда ругеблъи. АскIор тIилал, ганчIал ратани, гьезул кумекалдалъун чакъалал рачахъила. 
 
 
— Абулеб буго, республикаялъул хIукуматалъ жанаваразул къадар низамалда чIезабиялъе 1,8 миллион гъурущ биччан бугилан…
 
 
— ГIарац биччаниги щиб, тендер абун, хIакимзаби-хIиллачагIаз ургъун буго бигьаго жидеего гIарац гьабулеб къагIида. «Лъицаялиго» тIалаб гьабула аукционалдасан жанаварал чIвазе тендер, гьелъие биччараб гIарцул «гъалбацIилаб» бутIа уна хIакимзабазул чунтбухъе, чанахъабазухъе щолеб жо букIуна цIакъго мукъсанаб. Амма хIиллачагIазул макру гьелдалъун лъугIуларо. Гьез, жидецаго «гьабулеб хIалтIи» 
бихьизабизе, учузго росула жанаваразул цIакал, хадур гьел ричула хираго. Къокъго абуни, гьеб гIарцул цIикIкIарасеб бутIа уна кибеялиго, лъиеялиго. Гьединал хIаязе нухалги къан, гьеб гIарац нижер счеталде бачIунеб къагIида гьабуни, гьайгьай, рес букIина заралиял хIайваназда 
данде жигараб рагъ баялъул мурадалда егеразул гъира базабизе ва гIемерал пайдаял хIалтIаби гьаризе.