Къуват букIун гIоларо, лъайги къваригIуна

Гьал къоязда МахIачхъалаялда чуязул спорталъул «ВатIан» цен­тралда данделъана Гъуниб районалъул спортсменал. Тадбиралъул гIуцIарухъабилъун рукIана «Гъуниб районалъул гIолилал» багъа-ба­чари ва рехсараб районалда бугеб муфтияталъул лъайкьеялъул от­дел. Спортсменазе насихIатал гьаризе, гьезда ахираб заманалда щва­рал лъикIал хIасилал баркизе данделъиялде рачIун рукIана Гъуниб районалдаса ДРялъул Халкъияб собраниялъул депутат МухIамад КIудиямухIамадов, районалъе нухмалъи гьабулев вукIарав Пахрудин МухIамадов, районалъул физкультураялъулгун спорталъул отделалъ­ул нухмалъулев МухIамад Сайгитов, «Гъуниб районалъул гIолилал» багъабачариялъул председатель Ибрагьим Ибрагьимдибиров, «Ислам­даг» интернетпорталалъул бетIерав редактор Даниял ГIумаилов, Дагъ­истаналъул мустахIикъав артист ХIамзалав ХIамзалов ва цогидал.

 

 

Тадбир нухда бачарав динияв хIаракатчи МикагIил МикагIиловас вагIза-насихIатги гьабун рагIи кьу­на П. МухIамадовасе. Гьес бица­на Гъуниб район республикаялда спорталъул рахъалъ кидаго цебесеб кьерда букIараблъиялъул. «Нилъер районалдаса гIемер руго дунялал­даго цIар рагIарал, машгьурал спор­тсменал. Гьезул бицунаго, гIицIго, ГIали ГIалиевасул цIар рехсани гIеларищ. Гьезул ирс цIунизе нужее сахлъиги къуватги кьеги», — ян абуна гьес.

 

 

Данделъаразда цеве вахъарав М. КIудиямухIамадовас лъаза­буна жинца нухмалъи гьабулеб МахIачхъалаялъул Северияб авто­станциялда бугеб спортивияб за­лалде районалъул бокьарав спор­тсмен, гIолилав хьвадизе бегьулин, гьебгиха чIобого. «Спорталда лъикIал хIасилал рихьизаризе кка­ни бихьулеб захIмат-гIакъубаялъул хIакъалъулъ дида мухIканго лъала. Щайгурелъул, кIудияв, машгьурав спортсмен вахъинчIониги, гьитIинаб къоялдаса нахъе гьелъулгун гьор­кьоблъи букIун. ГIорцIизегIан квана­зе квен щолареб заманалдаги хьваду­лаан гугариялде. Гьанжейин абуни, Аллагьасе щукру, кванил, ратIлил рахъалъ гьечIо къварилъи, киналго шартIал руго. Гъира бугони спор­талъул тIогьире рахине щибгIаги квал-квал гьечIо. Амма спорталъул тIогьир рукIун гIолареблъиги лъай­ха нужеда. Унго-унгояв спортсмен вукIине ккола мисалиявлъун. ГIун бачIунеб гIелалъ халккун бугеблъи­далха нужеда хадуб. Гьадинал тадби­ралги дагьалги цIикIкIун тIоритIизе ккола. Кумек гьабизе ва аскIов эхе­тизе кидаго хIадурав вуго»,- ян абуна МухIамадица.

 

 

 

Даниял ГIумаиловас кIвар бус­синабуна гьудуллъи-вацлъиялде, бицана къуватго гIадин лъайги цIикIкIинабизе ккеялъул. «Спортсмен къуватавго гIадин вукIине ккола лъай бугевлъунги, кIвар кьезе ккола цIалуде. Спортивияб гIумру гIемер халатаб букIунаро, гьелъулгун цо заманалда къо-мех лъикI гьабизе ккола. Гьеле гьебме­халда къваригIуна лъай. Нилъеца чед-хинкI балагьизе, лъимал-хъи­зан кваназаризе кколелъулха. Къу­ватго гIадин лъайги беццараб буго исламалда. РачIа кинабго рахъалъ цIубараллъун рукIине», — янги тIаде жубана гьес.

ХI. ХIамзаловас спортсменазе гьарана икъбал ва хадурккунги бергьенлъаби. Гьединго, гьес баркала загьир гьабуна, кинал тадбирал тIоритIулел рукIаниги гьезда гIахьаллъулел, рахъкколел, МухIамад КIудиямухIамадовасегун П. МухIамадовасе ва районалъул нухмалъиялъе.

 

 

И. Ибрагьимдибировас баркала загьир гьабуна тадбиралде рачIарал киназего, хасго гьелъул рахъкку­рав ва квербакъарав МухIамад КIудиямухIамадовасе. Гьес ракIалде щвезабуна Д. ГIумаиловасул спор­талда цадахъ чара гьечIого лъайги къваригIунин абураб пикру. «Къуват букIун гIоларо, лъайги къваригIуна. Амма бищунго аслияб жо яхI-намус, гIадамлъиги цIунизе ккола. Тадбир тIобитIулеб буго гьудуллъи-вац­лъи щулалъи, росабазул жамагIатал гъунки, нилъ цоцада лъай мурадгун, гIицIав Аллагьасе гIоло. Нужер щи­васулги гьединаб нигат батани тад­биралъул аслияб масъала тIубана. Аллагьас битIараб нухдасан цолъун, гъункун ине хадубккунги тавпикъ­ги, сахлъиги кьеги».

 

 

Ахиралда рагIи кьуна спортсме­назе. Гьез бицана бергьенлъабазул, дандчIвалел захIмалъабазул, гIолел, гIоларел рахъазул.