ГIадамазе кумек гьаби — кири бугеб иш

РохокъотIиялъе ккараб гIузру сабаблъун эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпион Шамил КIудиямухIамадов ургуялде вахъинчIо 2018 соналдаса нахъе. Унтараб бакI сах гьабизе гьев щвана Германиялде, Италиялде ва цогидалги улкабазде.

 

Жиндир заманалда 86 кг цIайиялда Россиялъул тIаса бищараб команда­ялъул цевехъанлъун вукIарав Шамил хIалтIулев вуго чорхол ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабиялда тIад. Гье­сулгун букIараб гара-чIвариялда би­цана гьаб эпидемиялъул заманалда сунде машгъуллъун вугевалиги.

— 2018 соналда Каспийскиялда букIараб эркенаб гугариялъул рахъ­алъ Европаялъул чемпионаталда дун гугарана хIалихъе, унти къотIизе уколалги гьарун. Гьелдаса нахъе ур­гуялде вахъун бажаричIо. Гьединаб ахIвал-хIалалда Италиялъул гуга­риялъул федерациялдаса кIалъан рачIана жидер тIаса бищараб коман­даялъул мухъилъ гугаризе бокьила­рищилан. Унтарав дие цIакъ рекIее гIуна гьеб хабар. Заман иналдего щва­на Италиялде ва къотIи-къай гьабуна хадувккун рехсараб пачалихъалъул байрахъалда гъоркь цеве вахъине.

 

— ГьабсагIаталда щиб хIалалда мун вугев?

— Цо тIуван сахлъанин абизе бе­гьиларо. Амма бихьулеб буго къойидаса-къойиде мадар лъугьунеб букIин. Унтараб бакIалде хIалги ккезабичIого гугарула, гьарула хасал упражнениял.

 

 

— Коронавирусалъул пандеми­ялда бан исана тIоритIизе кколел рукIарал киналго спортивиял тад­бирал рахъана хадусеб соналде, хIатта Олимпиялъул хIаялгицин. Гьезде хIадурлъизе кIвезе бугищ?

— Спортсменасе лъагIел кIудияб болжал ккола. Гьединлъидал, хьул буго черх рукIалиде бачIинабун ба­жарилин ва Олимпиялъул хIаязде ворчIилин абун.

 

 

— Италиялъул тIаса бищараб ко­мандаялъул тренеразулгун, феде­рациялъулгун бухьен бугищ?

-Телефоналдасан гьоркьоса къотIи гьечIеб бухьен букIуна нижер. Тре­нераз гьикъула ругьун гьавулев ву­гищилан, цIехола унтараб бакIалъул. Гьезулги мурад бугелъулха дие хех­го мадар лъугьин, ургуялде вахъин.

 

 

— Италиялъул тIаса бищараб ко­мандаялда гъорлъ цеве вахъунев спортсмен, чанго нухалда дуня­лалъулгун Европаялъул чемпион, Франк Чамизолгун кинаб гьор­кьоблъи бугеб?

— ЛъикIав спортсменго гIадин, гьев вуго кьучIав гьудулги. Дагъистанал­де Чамизо вачIуна нилъер спортсме­налгун цадахъ ругьун гьавизе, гьа­нив лъадаризе. Гьесие кумек гьабула эркенаб гугариялъул рахъалъ респу­бликаялъул тIаса бищараб команда­ялъул тренер ХIайдар ХIайдаровас.

 

 

— Чамизо вуго лъикIав гугарухъан, амма цо-цо мехалъ социали­ял гьиназда лъурал роликазда гьес рихьизарулел жал рекIее гIоларо. Гьеб рахъалъ щиб абилеб?

— БитIараб буго, нилъер яхI- намусалъ къабул гьабуларелги жал гьарула гьес. Амма кIочене бегьула­ро гьев дагъистанияв гуреблъи. Аме­рикаялда, Европаялда гIадамазул хьвада-чIвади гьединаб бугелъулха.

Дагъистаналде вачIараб заманал­да гьаниб Франкица гIадлу хвеза­буларо, малъараб куцалда хьвадула. ВукIа-вахъине кколеб къагIидаялъул гIемер бицуна нижеца гьесие.

 

 

— Гьал къоязда мун дараби, тох­турзабазе хасаб ретIел ва цогидаб хIажатаб босун щвана Гъуниб рай­оналъул централияб больницаялде. Гьениб щиб ахIвал-хIал батараб?

— Гъуниб райбольницаялдаги, ки­са-кибего гIадин, унтарал, регарал гIезегIан руго. БетIерав тохтурас бицаралда рекъон, больницаялда ахIвал-хIал квешаб гьечIо, киназего кколеб къагIидаялда хъулухъ гьа­бун бажарулеб буго. Дунин абуни гьениве щвана инсуца витIун. Гьаб захIматаб заманалда унтаразе, ре­сукъазе, захIматаб ахIвал-хIалалда ругезе кумек гьабизе хIаракат бахъи­зе ккола щивас, Аллагьасе гIоло ни­ятги гьабун. Хадубккунги рукIине руго гьединалго акциял, тадбирал.