Масъала тIубана, Куцелаба къуна

  
СШАялъул Норфолк шагьаралда тIобитIараб UFCялъул иргадулаб турниралда Дагъистаналдаса речIчIухъан МухIамад Анкалаев дандчIвана Молдавиялдаса спортсмен Ион Куцелабагун.
 
ТIоцебесеб раундалъул байбихьудаго дандиясул ботIролъ кIицIул-лъабцIул мал щвезабуна нилъерас ва хадубго гьурмалъ заралги кьабуна. Гьелъул хIасилалда Куцелаба тартадизе лъугьана ва 38-абилеб секундалда судияс къеркьейги чIезабуна. Гьеб лъугьана МухIамад Анкалаевасе щвараб ункъабилеб бергьенлъилъун. Къеркьей лъугIун хадуб Куцелаба, гьесул тренерал ва рахъкколел судияс къотIараб хIукмуялда тIад рекъечIо. Куцелабаца Вирджиния штаталъул Атлетикияб комиссиялде гIарзацин кьун буго къеркьей букIинчIеблъун рикIкIине кколинги абун.
Гьеб къеркьеялда сверухъ гьадинаб пикру загьир гьабуна МухIамад Анкалаевасул тренер Сухраб МухIамадовас:
— Къеркьеялде рукIарал цереккунисел планал МухIамадица тIуразаруна рагIа-ракьанде щун. Амма Куцелабаго гIадин, судияс къотIараб хIукмуялда дунги рази гьечIо. Гьес къеркьей чIезабуна цебеккунго. Бихьулеб букIана молдавиялъулав, Анкалаевас кьабиги щвезабун, щапун ине хIадур вукIин. Амма октагоналда кIалагъоркье речIчIичIого, гьев къуравлъун рикIкIине судиясул ихтияр букIинчIо.
Машгьурав блогер ва спортсмен МухIамад ИсмагIиловасги рикIкIунеб буго судияс къотIараб хIукму мекъаблъун.
— ТIоцебесеб иргаялда, баркула МухIамадида бергьенлъи. Цебеги абулеб букIана, гьанжеги так-рар гьабила, Анкалаев вуго къуватав речIчIухъан, ва гьесул рес буго UFCялъул чемпионлъун вахъине. Къеркьей кин аниги, МухIамадикьа Куцелаба къезе вукIараблъиялда щаклъи гьезего гьечIо. Амма, хIакъаб жо, судияс гьеб къец мекъи чIезабуна.
Жубараб речIчIухъанлъиялда октагоналда
спортсменаз хIалтIизабула батIи-батIияб техника, сихIирлъи. Гьединлъидал Куцелабаца Анкалаевги, ботIролъ заралги щванин, щапун ине хIадургоги вугилан, махсараде кколев вукIун ватизеги бегьулелъулха.