Ункъо магIарулав, ункъо чемпион

Гьал къоязда Чувашия республикаялъул тахшагьар Чебоксариялда тIобитIана рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул чемпионат.
 

ИчIго батIияб цIайиялъул категориялда гьоркьоса Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ цеве вахъарав ункъо спортсменас гьениб тIоцебесеб бакI ккуна. Рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаллъун рахъана Мухтар ХIамзаев (57 кг), Загьид ХIайдаров (74 кг), Султан ГIалиев (90 кг) ва ХIажимурад Баширов (100 кг). Гьедин Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъ Россия-лъул чемпионаталда ккуна тIоцебесеб бакIги.
Спортсменал Чебоксариялдаса тIад руссиндал, ниж дандчIвана Султан ГIалиевгун. 2009 соналдаса нахъе гIахьаллъана гьев рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул чемпионатазда ва гьанжелъизегIан цо нухалъ гурого вахъун вукIинчIо чемпионлъун.
Амма киданиги призалъул бакI босичIого тIадги вуссинчIо. ИсаналъизегIан Султан цеве вахъунаан ММАялъул рахъалъ дунялалда бищунго машгьураб UFC гIуцIиялъ тIоритIулел турнираздаги. Ахирисеб нухалъ гьев октагоналда дандчIван вукIана Япониялдаса речIчIухъан Кейтаро Накамурагун. Дандиясда тIад ракIчIараб бергьенлъиги босун, гьес лъазабуна жинца ММАялъулгун къо-лъикI гьабулеб бугилан.
 
— Султан, ММАялъулгун къо-лъикIги гьабун, рагъулаб самбоялъул рахъалъ цеве вахъиналъе гIилла щиб ккараб? Щай мун UFCялдаса нахъе арав?
— Дир буго 35 сон ва заман барабгIан захIмалъулеб буго профессионалияб спорталда цеве вахъине, хасго килограммал тIаса рехизе. Гьоркьохъеб цIайиялда къеркьезелъун тIаса рехизе кколеб буго 9-10 кг.
 
— UFCялда гIезегIан руго дудаса чIахIиял спортсменал. Мисалалъе, къуркьи гьечIого къеркьолев 41 сон барав Даниель Кормьего гIеларищ. 35 сон жубараб речIчIухъанлъиялъе гIемер гьечIогури?
— Гьеб гIемер гьечIо бакIаб цIайиялда цере рахъунел спортсменазе. Аслияб жо, гьез къеркьеязда цебе килограммал тIаса рехизе кколаро. Гьоркьохъеб ва тIадагьаб цIайиязда цере ра-хъунел нижее гьеб кутакалда захIматаб масъала буго. Килограммал тIаса рехулаго къаркъала чIвала, сакъатлъула, хадуб гьеб рукIалиде бачIинабизе захIмалъула. Профессионалияв спортсменасда гурого гьеб бичIчIуларо.
Рагъулаб самбоялдайин абуни, ММАялда гIадинаб хIалуцин букIунаро, гIемер килограммалги тIаса рехизе кколаро. Гьеб бугелъулха профессионалияб гуреб спортивияб тайпа.
Дун ккола рагъулаб самбоялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб классалъул Россиялъул
спорталъул мастер. МустахIикъав спорта-лъул мастерлъун вахъине ккани, хIажалъулеб буго жеги 30 балл, ай кинабниги букIине ккола 150 балл. Дунялалъул чемпионатазда бергьани, гьел щола. Гьединлъидал гьеб масъала тIубачIого спорталъулгун къо-лъикI гьабизе ракIалда гьечIо.
 
— Россиялдаги руго гIезегIан ММАялъул промоутеразул компаниял. Гьезул цонигиялъул вакилзаби къеркьеязухъ лъикIаб гIарац кьелинги абун къотIи-къай гьабизе аскIоре рачIани, жаваб кинаб букIине бугеб?
— ММАялде тIадвуссине бокьани, жидерго мухъилъ дун къабул гьавизе хIадурал компаниял Россиялда гIезегIан руго. Гьединазе хасго рокьула цебеккун UFCялда цере рахъунел рукIарал спортсменал. Амма дица гьабураб хIукму буго чIванкъотIараб. Дун профессионалияб спорталде тIад вуссунаро.
 
— Рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россия-лъул чемпионаталда бищунго захIматав дандияв щив вукIарав?
— БитIараб бицани, дие цIакъ бигьаго букIана чемпионаталда. ЦогIаги спортсменгун къеркьолаго цо кIудияб гIакъуба бихьичIо.
 
— Кидаялдаса байбихьизе бугеб Европая-лъул чемпионаталде хIадурлъизе?
— Рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаллъун рахъарал спортсменал Европаялъул чемпионаталда гIахьаллъуларо. Гьенире уна кIиабилел бакIал ккарал. Гьединлъидал дун цеве вахъина ноябралда букIине бугеб дунялалъул чемпионаталда. Гьелде хIадурлъизе жеги заман буго.
 
— Гьал къоязда UFCялъул иргадулаб турниралда МухIамад Анкалаев дандчIвана Молдавиялдаса спортсмен Ион Куцелабагун. Дандияв нокауталде ккечIониги, судияс бергьенлъи кьуна МухIамадие ва гьелда бан Куцелабал тренераз бахъинабуна ахIи-хIур. Бокьилаан къеркьеялда сверухъ дур пикру лъазе?
— МухIамад Америкаялде ун вукIана бергьенлъиялда хадув. Амма, дир хIисабалда, судияс къеркьей чIезабуна цебеккунго. Тартадулев вукIаниги, Куцелабада живго цIунизе кIолеб букIана.
 
— Апрелалда ХIабиб НурмухIамадовас-дагун Тони Фергюсонида гьоркьоб букIине бугеб къеркьеялъул хIакъалъулъ дур пикру кинаб бугеб?
— Дида ккола ХIабибица Фергюсонида гьоло чIамизабизе батилин. Лъица щиб бицаниги, Тони ХIабибил даражаялъул спортсмен гуро. Руго гьесулги къуватал рахъал, амма НурмухIамадовасда гьел якъинго лъала.