Масъала — тIоцебесеб бакI

23 январалда Красноярскиялда байбихьана эркенаб гугариялъул рахъалъ Иван Ярыгинил цIаралда тIобитIулеб иргадулаб турнир.

Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул байрахъалда гъоркь цеве вахъине вуго кинавниги 50 гугарухъан. Турниралда гIахьаллъизе ругел речIчIухъабазул ва гьелде бугеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ нижее бицана эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул тренер ХIайдар ХIайдаровас.
— Дагъистаналъул тIасабищараб командагун Красноярскиялде ине къватIире рахъун аэропорталде щун руго ниж гьабсагIат. Цадахъ вуго 25-26 гугарухъан. ХутIарал рачIине руго метер. Яван Ярыгинил мемориалалда гIахьаллъизе руго, ГIабдурашид Садулаев, ХIажимурад Рашидов, Завур Угуев ва Билал Махов хутIун цогидал киналго гугарухъаби. Гьев ункъавго гугарухъан Россиялъул тIасабищараб командаялъул тренер Дзамболат Тедеевас гIагараб заманалда рукIине ругел турнираздаса эркен гьарун руго. Цебелъураб масъала буго Красноярскиялда тIоцебесеб бакI боси. Гьебин абуни нилъер гугарухъабазухъа бажарула. Турниралде ниж хIадурлъана, дир хIисабалда, рагIа-ракьанде щун. Цин сборал тIоритIана Сочиялда, хадур ниж ругьун гьаруна МахIачхъалаялда Олимпиадаялде спортсменал хIадур гьарулеб централда. КIиялгоги сборал ана лъикIаб даражаялда.
Иван Ярыгинил турниралда гIахьаллъизе ихтияр букIуна гъоркьиса Россиялъул чемпионаталда тIоцебеселдаса щуабилелде щвезегIан бакIал ккурал, 2019 соналда Ярыгинил ва «Аланы» турниразда призалъул бакIал щварал, гьединго гIолилазда гьоркьор чIахIиял чемпионатазда бергьарал спортсменазул. Гьелда бергьарал гугарухъабазе рес щвезе буго февралалда Рималда букIине бугеб Европаялъул чемпионаталда гIахьаллъизе.