МухIамад Маликов тIадвуссунев вуго, Федор Емельяненкогун къеркьезе

Жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ цевевахъунев Дагъистаналдаса МухIамад Маликовас гьал къоязда лъазабуна жив профессионалияб спорталде тIадвуссунев вугилан.

 

Щуго соналъ рингалде вахъинчIев МухIамадие бокьун буго Федор Емельяненкогун къеркьезе. Гьелъул ва щуго соналдаса профессионалияб спорталде тIадвуссиналъе ккараб гIиллаялъул бицана МухIамадица нижее. 

 

Ахирисеб нухалда МухIамад рингалда дандчIван вукIана Америкаялдаса речIчIухъан Бретт Рожерсгун ва гьеб къеркьеялда махIу бекун букIана дагъистаниясул.

        

«Гьеб щуго соналда жаниб чанго нухалъ хIалбихьана дица профессионалияб спорталде тIадвуссине. Амма батIи-батIиял гIиллабазда бан данде ккечIо — цин махIу сахлъизабулев хутIана, хадуб ДРялъул гIолилазул ишазул рахъалъ министрасул заместительлъун хIалтIана», — ян бицана МухIамадица.

 

 

— МахIу тIубан сахлъун бугищха, МухIамад?

 

— Бугин ккола. Дун гIемер заманалъ дидаго тIад хIалтIулев, ругьун гьавулев, лъадарулев вукIана Сулахъ къварилъиялда бугеб лагералда. Гьениб мугIрузда векерулаго, кьурабалъе харулаго махIаби унтулароан. ПалхIасил, гьабсагIаталда ругьун гьавизе ва къеркьезе рингалде вахъине кинабгIаги къварилъи гьечIо.

 

— КIудияб спорталде тIадвуссиналъе гIилла щиб ккараб?

 

-ТIоцебесеб иргаялда, бокьун буго цоги нухалъ дирго хIалбихьизе, къеркьезе, лъадаризе.

 

— Мун цевевахъунеб спорт гьабсагIаталда сверун буго бизнесалде. Дуе аслияб жо гIарацищ ялъуни цIарищ?

— БитIараб буго, жакъа къоялъ гIемерисел спортсменал рингалде рахъунел руго гIарцуе гIоло. Гьезда гIайиб гьабизе бакIги гьечIо. Щайгурелъул гьеб бугелъул гьезул чед-хинкI. Дунин абуни, гIарцуе гIоло гуро спорталде тIадвуссунев вугев. Цебеги абун букIана, бокьун буго дирго хIалбихьизе. ГIарац — кIиабилеб иргаялда.

 

— Дуца бана 36 сон. ГIолилазда данде къеркьезе захIмалъизе гьечIищ?

 

— Цо-цо спортсменал рукIуна лъимерлъудасаго залалдаса къватIире раккичIого ругьун гьарулел ва гьединазул сонал анагIан цо-цо гIузраби раккула, спорт чIалгIуна, свакала, черхги чармил букIунарелъулха. Дунин абуни, гьедин гьоркьоса къотIичIого залалда вукIунароан ва гIемерго рингалдеги вахъинчIо. Абизе бокьараб жо буго, дица чорхое гIакъуба кьечIин ва 36 сон букIаниги къуватги, жанги, жигарги кибего ун гьечIин.

 

— Дуца абулеб буго Федор Емельяненкогун къеркьезе бокьун бугин. Щай гьев тIасавищарав?

 

— Цо заманалда бакIаб цIайиялда дунялалдаго вукIинчIо Фёдор Емельяненкоде вахарав спортсмен. ГьабсагIаталдаги цевевахъунев вуго гьев къуватал промоушеназул турниразда. Дие бокьун гьечIо загIипал, хIалбихьи гьечIел атлеталгун къеркьезе. Жубараб речIчIухъанлъиялде тIадвуссунелъул тIасабищулеб буго захIматаб нух, ай къеркьезе ракIалда буго буго бищунго къуваталгун.