Бергьенлъи-Гъизляралъе

ГIолилазул хIаракаталдалъун тIобитIараб турнир

 

7000 лъимер гIахьаллъана
МахIачхъалаялда тIобитIана
футболалъул рахъалъ турнир

Лъималазда гьоркьоб тIобитIана футболалъул рахъалъ «Кожаный мяч» абураб турнир. Анкьго къоялъ халатрахъарал гьел къецазда 2004-2005 соназда гьарурал лъималазда гьоркьоб тIоцебесеб бакI ккуна «Тарки» командаялъ. 2006-2007 соназда гьарурал лъималазул къокъабазда гьоркьоб меседил медалалъе мустахIикълъана «Роллс Ройс» команда, 2008-2009 соназда гьаруразда гьоркьоб тIоцебесеб бакIалде бачIана «Сокол-1» клуб, 2010-2011 соназда гьаруразда гьоркьоб тIокIлъи бихьизабуна 59-абилеб школалъул футболистаз ва 2012-2013 соназда гьаруразда гьоркьоб бергьана «Олимп» команда.
Гьенибго букIана футболалъул рахъалъ ясазда гьоркьоб чемпионатги. Гьелдайин абуни тIоцебесеб бакI ккуна «Каспийск-УОР» командаялъ, кIиабилеб бакIалде бачIана «Олимпи-1» клуб ва лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана «Олимп-2» команда.

Бергьенлъи-Гъизляралъе
ГIолилазул хIаракаталдалъун тIобитIараб турнир

1999 соналда ккарал лъугьа-бахъинал цоги нухалда ракIалдещвезариялъул мурадалда, «Анжи-аренаялда» тIобитIана мини-футболалъул рахъалъ турнир. Гьелда гIахьаллъиги гьабуна тIолалго шагьараздаса ва районаздаса командабаз. Турнир тIобитIиялъе хIаракат бахъана «Патриоты» жамгIиял гIуцIабаз.
Турниралда бергьаразе кьезе бихьизабун букIана 100000 гъурущ, гьединго призалъулал бакIал росаразе кьуна кубокал, медалал ва грамотаби.
ПалхIасил, тIоцебесеб бакI щвана Гъизляр шагьаралъул «Чанхъо» командаялъе, кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана Гумбет районалдаса «Килалъ» команда ва лъабабилеб бакI ккуна Гъизилюрт районалъул командаялъ.

*** 

ХIалбихьиялъул турнир
ТIобитIана пляжалъул гугариялъул рахъалъ
Дагъистаналъул чемпионат

МахIачхъалаялда тIоби­тIана пляжалъул гугария­лъул рахъалъ Дагъистана­лъул чемпионат. Гьеб бу­кIана рехсараб спортивияб тайпаялъул рахъалъ нилъер республикаялда тIобитIулеб тIоцебесеб турнир. Гьеб рагьиялъул кIа­лъаялда гьадин абуна Дагъистаналъул гугариялъул федерациялъул президент Сажид Сажидовас: «Пляжалъул гугариялъе нилъер гьанир руго киналго шартIал ва спортсменал. Гьеб тайпа нилъеца цебетIезабизеги буго», — ян.
Пляжалъул гугариялъу­л рахъалъ Дагъистаналъу­л тIа­­са­бищараб командаялъу­л бе­тIерав тренерлъун дагьаб цеве тана эркенаб гу­гариялъул рахъалъ Евро­паялъул чемпион, ГI. Са­ду­­лаевасул спортшколал­да­ги тренерлъи гьабулев Рус­лан ДибирхIажиев.
Гьесул рагIабазда ре­къон, пляжалъул гугариялъу­л рахъалъ Дагъистаналъу­л чем­пионат тIобитIизе ра­кIал­да букIинчIо ва гьедин­лъидал гьеб лъагIалил байбихьудаго федерациялъ тас­дикъ гьабураб къецазул календаралдаги букIинчIо. Къокъаб заманалда жаниб хIадурлъи гьабуниги, чем­пионат ана гIуцIадго. Гьелда гIахьаллъана 40 гугарухъан. Гьезда гьоркьов 70 кг цIайиялда Дагъистаналъул чемпионлъун вахъа­на АсадгIали МухIамадов (Хасавюрт, УОР), 80 кг цIайиялда речIчIун чи течIо Му­хIамад ДибирхIажиевас (Ма­хIачхъала, ГI. Садулае­­­­­­в­а­­­­сул школа), ва 90 кг цIайи­ялда чемпионлъун ва­хъана ХIажимурад ГIу­зар­ханов (Ма­хIачхъала, ГI. Садулаева­сул школа).