Россиялъул гугарухъаби церерахъана Варшаваялда

Дунялалъул чемпионаталда цересел хIалбихьиял

 

2-4 августалда Варшаваялда Вацлав Циолковскиясул хIурматалда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ турнир. Турниралъул тIоцебесеб къоялъ ургуялде вахъана ункъо россиялъулав ва гьезда гьоркьоса кIиго дагъистанияв ворчIана финалалде (МухIамадрасул Идрисовгун (61 кг) ХIажи Набиев (79 кг)). Киналго речIчIиязда цереккунисел бергьенлъаби росарав Идрисов финалалда дандчIвана Монголиялдаса Тувшинтугла Туменбилеггун. 6:2 хIисабгун гьеб къеркьеялдаги нилъе­рав бергьана. Хадув ургуялде вахъана 86 кг цIайиялда Россиялъул тIасабищараб командаялъул аслияв гугарухъан Даурен Куруглиев. Дагъистанияв бергьана лъабго речIчIиялда. Ункъабилелда гьев дандчIвана ургуялъул хважаин Збигнев Барановскийгун. РечIчIиялъе бихьизабураб заман ахиралде щолеб букIана, ва нилъерав гьеб къеркьеялдаги бергьунев вукIана. Амма Барановскияс ахирисел секундазда ургуялдаса къватIиве тункана Даурен. Артур Найфоновас босана рецIел, къезавуна полякав. 79 кг цIайиялда дагъистанияв ХIажи Набиевас финалалда къезавуна Казахстаналдаса гугарухъан Галымжан Усербаев. Турниралъул ахирисеб къоялъ ургуялде вахъана гIемер заманаялъ турниразда гIахьаллъичIев Билал Махов (125 кг). Финалалде щвезегIан гьев дандияздаса бергьана. Амма финалияб речIчIиялде гьев, чорхол ахIвал-хIал лъикI букIинчIолъиялда бан, вахъинчIо. БакIаб цIайиялда Вацлав Циолковскиясул турниралда тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана Канадаялдаса гугарухъан Амар Дхеси.

Турниралъул хIасилал:

57 кг
1. Арыйан Тютрин (Россия)
2. Нурислам Санаев (Казахстан)
3. Рамиз ХIамзатов (Россия)
3. Минг ху Лю (Китай)

61 кг
1.МухIамадрасул Идрисов (Россия)
2. Туменбилег Тувшинтулга (Монголия)
3. Расул Калиев (Казахстан)
79 кг
1. ХIажи Набиев (Россия);
2. Галымжан Усербаев (Казахстан);
3. Сейфедин Алекма (Франция).

92 кг
1. Сулейман Карадениз (Турция)
2. НургIали Нургайпулы (Казахстан) – 7:4
3. Бендегуз Тот (Венгрия)
3. Ералы Абдрашев (Казахстан)

97 кг
1. Алишер Ергали (Казахстан)
2 . Павел Олейник (Венгрия)
3. Эрик Тилле (Германия)
3. Мурази Мчедлидзе (Украина)

65 кг
1. Янни Диакомихалис (США)
2. Гор Оганесян (Украина) – 9:8
3. Даулет Ниязбеков (Казахстан)
3. Саятбек Окасов (Казахстан)

70 кг
1. Хайдар Явуз (Турция)
2.Нуркожа Кайпанов (Казахстан) – 10:1
3. Тим Штадельман (Германия)
3.Рамазан Рамазанов (Россия)

74 кг
1. Якъуп Гор (Турция)
2. Камил Рыбицкий (Польша) – 9:1
3. Анджей Сокальски (Польша)
3. Бат-Эрдене Бямбадордж (Монголия)

86 кг
1. Артур Найфонов (Россия)
2.Збигнев Барановский (Польша) – 4:1
3.Фатих Эрдин (Турция)
3.Даурен Куруглиев (Россия)

125 кг
1. Амар Дхеси (Канада)
2. Билял Махов (Россия)
3.Роберт Баран (Польша)
3. Алан Хугаев (Россия)