Гьанир кунчIула цIваби

ГIали ГIалиевасул хIурматалда 50-абилеб, юбилеялъулаб турнир

 

Каспийскалда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ щуцIул дунялалъул ва ичIго нухалъ СССРалъул чемпион ГIали ГIалиев ракIалдещвезавиялъул хIурматалда турнир. Гьелда гIахьаллъизе 19 пачалихъалдаса Дагъистаналде вачIун вукIана 200-ялдасаги цIикIкIун спортсмен: Аргентинаялдаса, Доминиканалдаса, Кубаялдаса, Болгариялдаса, Словакиялдаса, Армениялдаса, Франциялдаса, Индиялдаса, Казахстаналдаса, Китаялдаса, Молдоваялдаса, Монголиялдаса, Германиялдаса, Польшаялдаса, Украинаялдаса, Азербайжаналдаса, Белоруссиялдаса, Венгриялдаса. РачIине ругин абулел рукIана рехсараб спортивияб тайпаялъул рахъалъ къуваталлъун рикIкIунел Турция-лъулгун Ираналъул командабиги. Цо-цо гIиллабаздалъун исана гьел Дагъистаналде рачIинчIо.
Юбилеялъулаб букIиналъги батила, ГIали ГIалиевасул хIурматалда тIобитIулеб исанасеб турнир ана цIакъ гIуцIадго. КъватIиса рачIарал гьалбадерие, гугариялъухъ балагьизе рачIаразе, журналистазе, жалго гугарухъабазе чIезарун рукIана киналго шартIал. ХIатта, кIалгIаялда жанибго рес букIана квана-гьекъезе, хIухьбахъи гьабизе, какал разе ва гь.ц. Кидаго гIадин, Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул рахъалдасан церерахъана, ГIабдурашид Садулаев хутIун, бищунго къуватал спортсменал.
ТIоцере ургуялде рахъана 57 кг цIайиялъул спортсменал. Гьеб категориялда цевевахъунев дагъистанияв Заур Угуев дандчIвана Азербайжаналдаса Парвиз Ибрагьимовгун. ХIалуцараб къеркьеялдаса хадуб, 2:0 хIисабгун нилъерав бергьана. Хадуб, 8:4 хIисабгун гьес къезавуна Китаялдаса гугарухъан Ван Хао Зу. Финалалъул ункъил бутIаялда Заур къеркьана, гъоркьиса Европаялъул чемпионаталда живго къезавун вукIарав Азербайжаналъул байрахъалда гъоркь цевевахъунев Георгий Эдишерашвилигун. Угуевас гьаб нухалъ дандиясе баллцин кьечIо, ай 10:0 хIисабгун къезавуна дандияв. Бащдаб финалалда Кубаялдаса Андреу Ортеги къезавун (9:0), финалалда Заур гугарана Северияб Осетиялдаса Азамат Тускаевгун. Гьесдаса 3:0 хIисабгун бергьарав Заур Угуевасе щвараб меседил медаль букIана ГIали ГIалиевасул юбилеялъул турниралда Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъе щвараб тIоцебесеблъун.
65 кг цIайиялда нилъерал финалалде рорчIичIо. Гьелда Индиялдаса спортсмен Пуния Баджранг дандчIвана Якутиялдаса речIчIухъан Виктор Рассадингун. 13:8 хIисабгун бергьенлъи босана индусас.
РакIалде кколеб букIана 74 кг цIайиялда къеркьеял цIакъ хIа­луцарал рукIине ратилин. Щайгурелъул гьеб цIайиялъул кате­гориялда МухIамадрасул Гъази­му­хIамадовгун МухIамад Къур­бангIалиев церерахъине рукIиндалха. Амма гьел финалалде рорчIичIо. Финалалъул микьил бутIаялда ГъазимухIамадов къуна ХIажимурад ГIалихIмаевасдаса, КъурбангIалиев — вукIинесев турниралъул чемпион, Губденалдаса Дарсам Жапаровасдаса. Финалалда Дарсам бергьана Хасавюрталдаса речIчIухъан АхIмад ГIусмановасдаса 5:2 хIисабгун.
86 кг цIайиялъул финалалда Дагъистаналъул командаялъул вакил Даурен Куруглиев къеркьана Аланиялдаса Артур Найфоновгун. ХIасил 2:2 кканиги, гьеб къеркьеялда бергьана ахирисеб балл босарав Артур.
КIиабилеб къоялъ ургуялде рахъана 61, 70, 79, 92 ва 125 кг цIайиязул спортсменал.
61 кг цIайиялда гъоркьиса Россиялъул чемпионлъун вахъарав МухIамадрасул Идрисов дандчIвана Чачан республикаялъул командаялъул мухъилъ турниралда цевевахъарав дагъистанияв Зелимхан Абакаровгун. 0:4 хIисабгун Зелимханидаса къуна МухIамадрасул.
70 кг цIайиялда, дандиязе цогIаги баллги кьечIого, турниралъул чемпионлъун вахъана дагъистанияв Разамбек Жамалов. Финалалда 8:0 хIисабгун гьев бергьана ракьцояв ГьитIинамухIамад ХIажиевасдаса.
79 кг цIайиялда ГIали ГIалиевасул турниралъул чемпионлъун вахъана дагъистанияв МухIамад Рамазанов. Гьес финалалда чIел босана Северияб Осетиялдаса атлет Артур Биченовасда тIад.
92 кг цIайиялда, дандиязе цогIаги баллги кьечIого, финалалде ворчIана Олимпиялъул чемпион, Азербайжаналъул рахъалъан цевевахъунев дагъистанияв Шарип Шарипов. Финалалдаги 7:4 хIисабгун гьес бергьенлъи босана МахIачхъалаялдаса гугарухъан ГIалихан ЖабрагIиловасда тIад.
Бищунго бакIаб цIайиялда, ай 125 кг цIайиялъул категориялда турниралъул чемпионлъун вахъана Северияб Осетиялдаса гугарухъан Владислав Байцаев. Финалалда гьес 11:1 хIисабгун къезавуна Кемеровоялдаса Павел Кривцов.
Темирхан ХIасанов