Дибировас къезавичIев дандияв течIо
Африкаялдаса тIадвуссана чемпионасул цIаргун
Гъоркьиса декабралъул ахиралда WBF ва WBL версиязда рекъон дунялалъул чемпионасул хIурматиял цIаралги цIунун тIадвуссарав профессионалияв боксер Расул Дибировасда дандчIвай гьабуна МахIачхъалаялъул аэропорталда.
Профессионалияб карьераялда жиндирго ахирисеб дандчIвай рингалда Дибировас тIобитIана Африкаялда. Ганаялъул тахшагьаралда Дагъистаналдаса спортсмен рингалда дандчIвана боксер Джон Дудугун, ва лъабабилеб раундалда гьев нокауталде ккезавуна.
Къеркьеялъул хIакъалъулъ гьадин бицана Расулица: «Чанго моцIалъ байбихьуда дун хIадурлъун вукIана цогидав боксергун къеркьезе, цIияв дандиясул цIарин абуни, хIакъикъаталда, дида лъана рингалде вахъунеб къоялъ. Дида бицухъе, дунгун рингалде вахъине кколев вукIарав Нигериялдаса Кабиру Товолави, унтун вукIиналда бан, дандчIваялде вахъинчIо. Гьеб букIана ракIалда гьечIеб жолъун ва дица пикру гьабуна рингалда къеркьей букIинарилан, амма къецал гIуцIаразда ватана гьев хисизе боксер. Гьайгьай, бокьаравгун къеркьезе дун хIадурго вукIана, амма аслияб масъала букIана психологияб рахъалъ къуркьунгутIи», — ян.
Тахшагьаралъул аэропорталда дунялалъул чемпионгун дандчIвана ЛъаратIа районалъул бетIер Ражаб Ражабов, Буйнакск шагьаралъул бетIер Ислам Нургьудаев, бакIаб цIайиялда профессионалазда гьоркьов дунялалъул чемпион, боксалъул рахъалъ Олимпиялъул хIаязул гIарцулав призер Султан Ибрагьимов, гIага-божарал ва гьудулзаби.
«Расул вуго унго-унгояв бахIарчи. РакIалдаго гьечIого дандияв хисулел шартIазда, хIакъикъаталдаги, кIвар бугеблъун ккола психологияб рахъалъ къуркьунгутIи. Нилъеда бихьухъе, Расулихъа гьеб масъала тIубазабун бажарана, тIоцебесеб кIиго раундалда, дандиясул хIалбихьулаго, гьев гьесдехун ругьунлъана, лъабабилелдайин абуни Расулица Нигериялдаса боксер нокауталде ккезавуна. Дандияв тохлъукьего хисизе ккараб ахIвал-хIалалда, гьебги ккола дагъистаниясул кIудияб ва къимат тIокIаб хIалбихьи. Дица цо гIакълуги кьела чемпионасе – кидаго сабруявлъун вукIа, гьеб мехалъ дур лъугьина кIудияв профессионал», — ан абуна гьенив кIалъалаго Султан Ибрагьимовас.
Профессионалияб рингалда Расул Дибировасул букIана ичIго къеркьей. Исана ихдал боксерас цIунизе руго жиндирго чемпионасулал рачелал ва, гьенив бергьани, Расул ккола WBO версиялда рекъон дунялалъул бищун лъикIал боксеразул мухъилъе.