Миллион долларалда хадув

 

 

     Гьал къоязда СШАялъул Атлантик-Ситиялда PFL гIуцIиялъ тIобитIана жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ иргадулаб турнир. Гьелда Дагъистаналдаса спортсмен МухIамад МухIамадкеримов дандчIвана СШАялдаса ре­ чIчIухъан Кертис Миллендергун. ТIоцебесеб раундалдаго дандиявги къезавун, рехсараб гIуцIиялъ тIоритIулел къецазул бащдаб финалалде ворчIана МухIамад. 2018 соналда гьебго гIуцIиялъул чемпионлъунги вахъун вукIана да­ гъистанияв ва приз хIисабалда гьесие щун букIана миллион доллар. Исанаги рес буго МухIамадил доб мехалъ ккараб хIасил такрар гьабизе.