КIиго магIарулав, кIиго мугIрул цIум

ММАялда сверухъ суалалги рорхана

Машгьурав спортсмен, жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ кIицIул дунялалъул чемпион, халкъалда гьоркьов Волк-ханин абун лъалев МухIамадхан ХIамзатханов дандчIвана Дагъистаналдаса бизнесмен, «Сумма» компаниялъул нухмалъулев Зиявудин МухIамадовгун.
«Зиявудин дида лъала 20-ялдасаги цIикIкIун соналъ. Доб гIолохъанаб заманалдаго бичIчIулеб букIана гьес дунялалъулго бизнесалъул гIатIилъиялде гали тIамизе ва гьелъул тIогьиве вахине вукIин. Зиявудин киданиги вукIинчIо чиновниклъун, хIалтIичIо хIукуматалъул чIахIиял хъулухъазда. Гьес жиндирго бечелъи данде гьабуна, захIмат-гIакъубаги бихьун, гьоркьоса къотIичIого хIалтIун. ГьабсагIаталда гьес гIуцIараб империялда хIалтIулев вуго 30 азаргоялдасаги цIикIкIун чи. Бизнесалъул устар гуревги, гьев вуго гIакълу камилав, кIал пасихIав инсанги», — ян хъвалеб буго ХIамзатхановас жиндирго Instagramалъул гьумералда.
Волк-Ханил рагIабазда рекъон, Зиявудинил рахIатхвезабун бугоан ахирал соназда республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъ, регионалъул нухмалъиялъул мекъаб политикаялъ. «Амма хьул буго республикаялда хадубккун кинабго лъикI букIиналде. Гьединаб мурадгун дицаги бажарараб гьабизе буго», — ян абуна МухIамадовасилан хъвалеб буго ХIамзатхановас.
Гара-чIвариялъул заманалда рорхун руго ММАялда сверухъ суалалги. Зиявудин ккола Россиялда бищунго машгьураблъун кколеб жубараб речIчIухъанлъиялъул турнирал тIоритIулеб Fight Nights Global компаниялъул хважаин.
«БакIаб цIайиялъул спортсменал Дагъистаналда къанагIат гурого гьечIолъиялъул бицунаго, гьес гьикъана цогIаги къуватав речIчIухъан ругьун гьавун бажаруларищилан? Гьеб суалалъе жаваб кьезе дихъа бажаричIо, щай абуни, дун республикаялда гьечIелъул. Гьединго хабар ккана ХIабиб НурмухIамадовасул кватIичIого букIине бугеб къеркьеялъул хIакъалъулъги. Дир пикруялда, ХIабиб бергьине вуго. UFCялъул рачел хIажат буго Россиялъе ва Дагъистаналъе», — ян хъвалеб буго Волк-Ханица Instagramалда