Ракъи бихьаразда лъала чадил къимат

Ахираб заманалда дунялалда кколел лъугьа-бахъиназул хIисабги гьабун, харабаз ракIалде щвезарулел руго жидерго лъимерлъиялъул захIматал сонал. Гьаб халкъул гIаламалда гIаданлъиги къохIехьейги щибали бичIчIизе ва Аллагьас кьураб нигIматалъухъ щукру гьабизе баккараб жо батилин, кибго тIибитIараб, унтиян угьун биччала гьез.

 

КъватIисел улкабазда карантинги лъазабун, гIадамал рокъор чIезарулел рукIин лъайдал, хIикматаб хъантIи тIатана цо-цо гIадамазулъ. Рихха-хочун базаразда ва тукабазда бугебщинаб жо рокъобе баччизе байбихьана гьез. ЛъагIалица бункералъур тIамулел ругеб гIадаб хIисаб букIана хал гьабидал. Ракъи баккани, гьаб гIорцIараб гIаламалъ щибдай гьабилаян абулеб рагIула гьединазде гIумруялъул бакIлъи баччарал чIахIиял гIадамаз.

Кваникълъи хIехьезе лъидаго кIвезехъин гьечIо, гьебго заманалда лъалеб гьечIо чадил къимат гьабизеги. РакI унтула рищни-къул балел къалазда сверухъ кванил нигIматазул гохIал рихьидал. Гьелда гьоркьоб ккал чIвараб чедгицин бихьуларо. ГIемерисеб мехалда гьенибе рехун батула бакъвараб чед. Цонухалда гьеб чед бищулей кIудияй гIаданги йихьун, якъиялъ рощнолъа квен балагьулейдай гьей йигоян абун цIоро-гъорон хутIана дун. Дир пикру рагIараб гIадин, гьелъ абуна: «АллагьасукьагIагийищ нечоларел гьаб нигIмат инжит гьабизе, рощнолъе бачIого боцIи яги гIанкIу-хIелеко бугел гIадамал цIехон гьезухъегIаги щвезабизе бегьуларищ? Чадил кесекалъухъ урхъараб заман бачIани щибдай нужеца гьабила?» — ян.

 

Унго-унгоги нилъ ругьунлъун гьечIищ бигьаяб гIумруялде? ДагьабгIаги захIмалъи тIаде бачIани, гьеб хIехьезе кIоларого хутIулел руго. Чангиязулъ загьирлъулеб буго иманалъул загIиплъи, аскIов вугесул къварилъи-гIатIилъиялъухъ ралагьулелго гьечIо. ЧIахIияб ригьалъул гIадамаз бадибчIвай гьабуни, гьебги рихунеб буго. — Нужер заман батIияб букIанин, гьанже заманалда рекъон хьвадулин жал, — илан чIахIиязда данде чIолел руго. Щиб кканиги нужеда хIехьезе кIвараб жидедаги кIолилан кьуркьудулелги камуларо. БетIергьанас нилъее кьураб нигIматалъухъ ва лъикIлъабазухъ щукруги гьабизе, щивас жиндирго гIумруялъул ва сверухълъиялъул хIисабги гьабизе заман щун гьечIищ?

 

РекIелъ иман бугесул – щукру цIикIкIараб

ГьитIинаб мехалда нижеда малъулаан нухда батараб богIоллъи, чороклъиялдаса бацIцIадги гьабун, санагIатаб бакIалда лъезе. Масала, къадада тIад. Гьениб лъураб чед лъицадай кваналаян хадуб халги кколаан нижеца. Цо-цо мехалда къадако бихьулаан чед бугеб бакIалда рещтIун. ХIанчIихъе щвечIониги, хIутI-хъумуралъегIаги камулароан гьелъул пайда.

Исламалъ нилъ тIамула нилъее щварал лъикIлъабазухъ ва нигIматазухъ баркала кьезе. Квен ккола Аллагьас нилъее кьурал лъикIлъабазул цояб. Къуръаналда абун буго (магIна): «Нуж ракIбацIцIадго Аллагьасе гIибадат гьабулеллъун ратани, Нижеца нужее кьураб хIалалаб нигIмат кванай ва Аллагьасе реццги гьабе», — ян. («Бакъара», 172 аят).

 

Ракъиги рагъул кьогIлъиги бихьарал харабазе захIмалъула гIолилаз кIвар гьечIого «хьвагIун балеб магIишат бихьидал».

Гьанже гIадамаз басрияб ретIел кIкIалахъе бан батидал, гьелъухъги валагьун, цо кIудияв чияс абуна: «Вай, бачIун бугеб заман! БихъичIеб, я рукъицин бачIеб ретIел гьадин нахъе рехизе ккани, кинаб ияхI букIине кколеб? Цо-цояз квен чурулъецин балеб букIуна. Рекъараб квенги гьабун чIоларо гьел. Чехь гIорцIаниги, бер гIорцIичIого кколелдаса цIикIкIун росула кванил нигIматалги. Кванил ва ратIлил къимат гьабичIогоян бадибчIвай гьабуни, цебе букIараб захIматалъул бицани, ракъул заман гурин гьабиланги абун, гIолилаз нижер хабар санго гьабуларо. Гьезда нижер ракIунти кинха бичIчIилеб?» — ан.

Рагъул кьогIлъигун ракъи бихьугеги

Нижер кIудадал вац СултIанмухIамадил МалагIарипица ракIалде щвезабула рагъул заман, ракъул сонал: 

«КIиабилеб классалда цIалулев вукIана дун, эмен рагъде араб мехалда. Эбел колхозалдаги хIалтIулаан, нижерго хур-херги боцIиги тIубалаан. РатIликъго рукIунаан. ЦIоко-къехьалъул гьабураб ретIел-хьит букIунаан гIемерисезда тIад. Ххамги, цIакъго хираго букIиналъ, босизе щолароан. Колхозалъул гIемерисеб тIощел ва рахьдал нигIматал фронталде ритIулаан.

 

Цогидазда гIадаб ракъи бихьизе течIо эбелалъ нижеда. Нижер хъизамалда ункъо лъимер гурони букIинчIо. Цо-цо кIудиял хъизамазеян абуни, чIахI бакIарун гурони, богIоллъицин щолароан кваназе. Бокьоб боцIи гьечIелги рукIана хъизамал. Аслияб къагIидаялъ росулъ бижулеб ва кванилъ хIалтIизабулеб жо картошка букIунаан. Белъараб картошкаги чухIун, гьелда гъорлъ мичI, жух ва ччутиги жубан, дагьабго ханжуги тIаде хIулун, панкъал гьарулаан. 

Рагъул заманалда хIалтIизе рахъине бажаруларел херал гIадамал лъималаз рехун толароан. Щибаб къойил, радалги бакъанидаги, гьезие кIи-кIи хинкIги парацIиги битIизе кколаан (хинкIал гъорлъ релъун лъугьараб гьагIуялда абулаан парацIиян). Гьебги букIунаан гъорлъе цIамги бан бугони, цо дагьабго рахьги гъорлъе тIун. Щибаб лъимада гьоркьоб иргаги букIунаан. Цин тIоцевесес цо моцIица хьихьулаан эбел-эмен, хадусеб моцIалъ кIиабилесул ирга букIунаан. 

 

МагIишат гьабизе цIакъго захIмат букIана руччабазе. МагIардаса хер мугъалъ баччулаан. Гьединго, чанго километралъул манзилалъ КIаратIе, исполкомалъул чуязе базеги баччулаан хер. Гьеб къо колхозалда захIматкъолъун хъвалаан. ЛъагIалил ахиралда гьел захIматкъоязухъ колхозалдаса цIоросаролъги кьолаан.

Магъилъ бекьараб ролъулги кIиго-лъабго лал гурони тIамулароан. Цо лалилъа хъап цIураб ролъ щолаан, цо-цо мехалда бащдабгицин хъап цIолароан. Росдал магъил цIикIкIарасел хурзабахъ пурчIина ва бугIа хьалаан. Рии тIаде щвезе моцI хутIараб мехалда ролъ хьалаан, къого къо хутIидал, пурчIина хьалаан. Роол щуго къо индал, лъелъ хьалаан»,— абун.

 

ЦIоросаролъ босизе Чачаналълъе хьвадана

КIудадацаги бицуна рагъда хадусел соналги расги бигьаял рукIинчIин.

«Росдал мегъ колхозалъеги щибаб хъизамалда гьоркьобги бикьидал, гIадамазе кваназе тIощел гIолароан. Росулъ лъикI бижулеб картошка бекьулаан нижеца. Картошкадухъ цIоросаролъ яги пурчIина хисун босизе Чачаналълъе хьвадулаан. ХIамузда картошкаги къан, руччаби-лъималгицин унаан. Нухда анкьги балаан. Лъабго сордо-къо — добехун, лъабго — нахъе, цо къо- базаралда. Цо картошкадул гьирихъ гьедигIанасебго къадаралда цIоросаролъ яги пурчIина хисулаан. ГIарац кьун босизегицин ролъ щолароан нижее.

 

Доб заманалда Чачаналълъ гIумру гьабун рукIана магIарулалги. Гьеб сапаралъ хьвадулелъул гIемерал гьалбал ва гьалмагъзаби рукIунаан нижер. Цо нухалда Веденоса рачIунаго, ниж цIунтIадерил гIадамал чIараб росулъе щвана. Цо херай гIаданалъ гьоболлъи гьабуна нижее. Гьелъ нижеда цере лъурал чIахIиял хинкIал жакъаги цере тIамула. Жидеда эбелалъ малъулаанин, мискинлъизе бокьун батичIони, нужеца киданиги гIисинал хинкIал гьаругеян абун бицана гьелъ.

Гьедин сапаралъ унаан хасалоги. ЦIакъ хIинкъарал, къваридал сухъмахъаздасан хьвадизе кколаан. Дунги, гьитIинав чи, эменгун цадахъ унаан Чачаналълъе. Хадув ругьунлъидал, гьалмагъзабигун цадахъ, дунгоги унаан. Инсуца дида малъулаан араб-хвараб жоялда хадуб ракI ине биччагеян. Кьурабаздаса ругел хIинкъарал нухаздасан унелъул, нагагь хIама хъущтIани, гьелда хадур рортизе бегьуларин малъулаан гьес»,— ян бицунаан кIудадаца.