Балагьаздаса цIуниялъе сабаб

Балагьал нахъчIваялъе ва 
хIажатал тIураялъе дугIаялъул 
кIудияб пайда букIуна.Гьелъул
хIакъалъулъ руго аварагасул 
(с.т.гI.в.) хIадисалги.
Аварагас абун буго: «ТIадегIанав 
Аллагьасул хIукму-къадар 
нахъчIваларо дугIаялъ гурони, 
гIумруги халалъуларо, лъикIлъи, 
ай садакъа-хайрат гьабиялъ гуро- ни», — ян.
ТIадегIанав Аллагьасда гьару- лелъул, дугIа гьабулелъул, ният 
бацIцIадав инсанасе Аллагьас 
кьола нигIмат, жаваб гьабиял- далъун. Жинда Аллагь разилъаяв 
ГIали асхIабас абулеб буго: «Ну- жеца балагьал тIаса рорхизе гьаре 
дугIаялдалъун», — илан.
Аллагь разилъаяв Анасидасан 
бицана: «Нуж дугIа гьабиялдаса 
гIажизлъуге, дугIагун вугев чи ки-
даниги гьалаглъиларо», — ян.
Свалат-салам лъеяв аварагас абу-
на: «ТIадегIанав Аллагьасе бокьула 
сахлъи ва балагьаздаса цIуни гьа-
ризе. ДугIаялъ мунпагIат гьабула 
балагь рещтIиндал тIаса босизеги 
рещтIунеб нахъчIвазеги», — ян.
«Нужеца гьаре, Дица жаваб гьа-
била», — ян ТIадегIанав Аллагьас 
абун бугелъул, нилъее дугIаялъе 
жаваб гьабичIого толеб гьечIо. 
Амма цо чияс жиндирго мурадлъун 
бугеб, балагь тIаса боси букIаниги 
ялъуни цо кинаб бугониги жиндие 
хIажатаб жо тIалаб гьабун бугони-
ги, гьарараб мехалда, гьебсагIатго 
жаваб гьабичIони, гьелъие рукIуна 
батIи-батIиял гIиллаби.
Басра шагьаралда базаркъотI-
носан унаго, Адгьамил Ибрагьи-
мида жамагIаталъул цо къокъаялъ 
абун буго: «Я, Аба-ИсхIакъ! Ни-
жеца ТIадегIанав Аллагьасда гьа-
рула, жаваб гьабуларо», — ян. Гьес 
жаваб гьабун буго гьадин: «Нужер 
ракIал хун руго анцIго жоялдалъун: 
тIоцебесеб – нужеда Аллагь лъа-
ла, амма Досул амру тIубазабулеб 
гьечIо; кIиабилеб – нужеца абула 
нижее Авараг вокьулилан, амма гье-
сул суннат нужеца тун буго; лъаба-
билеб – нужеца Къуръан цIалула, 
амма гьелда гIамал гьабуларо; ун-
къабилеб – нужеца ТIадегIанав 
Аллагьасул нигIматал кванала, щу-
кру гьабуларо; щуабилеб – нужеца 
абула щайтIан нижер тушман бу-
гин, гьелъие бокьухъеги хьвадула; 
анлъабилеб – нужеца абула алжан 
хIакъаб бугин, ай букIиналда бо-
жула, амма гьелъие мустахIикъаб 
гIамал гьабуларо; анкьабилеб
– нужеца абула жужахI букIин 
хIакъаб бугин, амма гьенире кке-
ялдаса цIунулеб гIамал гьабула-
ро; микьабилеб – нужеца абула 
хвел хIакъаб бугин, амма гьелъие 
нуж хIадурлъуларо; ичIабилеб – 
нуж макьидаса рорчIула, ай радал 
тIаде рахъуна ва нуж машгъуллъу-
ла гIадамазул гIайибал цIехеялде, 
ай гьелда хадур лъугьуна, нужерго 
гIайибалин абуни жахIалго тола, ай 
гьел рихьуларо, гьезул кIварги гьа-
буларо; анцIабилеб – нужеца ну-
жерго хварал чагIи рукъула, амма 
гьезул пикру гьабуларо».