Цо-цо бугьун цIун бичулаан ханжу

(Сасикьа ГIабдурахIимил ракIалдещвеяздаса)

…Рагъ лъугIун хадубги цо чанго соналъ, «рагъалъ чIунтизабураб халкъияб магIишат рукIалиде ккезабулеб бугинги» абун, долго займалги, магъалабиги, страховкабиги ракIарун, халкъалъул кисиниб шагьи-параги хутIулеб ва гьезул рокъоб къайи-матахIги данделъулеб букIинчIо.

 

Рагъде арал гIолохъабазулги гIемерисел тIад руссинчIо. Руссаралги, сакъатлъун, бох-гъеж гьечIого рачIана. Цо-цоял асирлъудеги ккун рукIана. Гьениса рорчIаралги, «ватIаналъе хилиплъарал» абун цIарги лъун, 10-15 соналъ туснахъалда тIамуна.
Дида гIакълу-лъай щвараб заманалда, ай 1947-1948 соназда бихьараб жо буго, мискинаб, язихъаб, пашманаб яшавалда ругел дир росуцоял. ГIемерисел лъимал хIатIида гIицIго рукIунаан. Гьезда тIад ретIараб ретIелги цохIо гурде-тIажу букIунаан. Гьеб ретIелги гъизихараб ва гIемераб рукъи бараб букIун, жиндир аслияб кьер щиб бугеб ва щиб ххамил гьабурабали лъалареб букIунаан. РетIел чуричIого тIубараб хасел унаан — гьеб тIаса бахъидал, хисун ретIине цоги ретIел гьечIолъиялъ. Къаси регулеб бусенги жаниб хIет лъураб квасул ургу букIунаан. ТIаде бачунеб жоги квасул гьабураб, «цIаха» абун жинда абулеб бакIаб жо букIунаан. АнцIго-къого соналъги жиб чуричIеб, нацIалъ, чIетIалъ жиб цIураб, лъималазул кIущалъ туризабураб букIунаан бусен.
Яшавалъул язихълъиялъ лъималазул черхалда тIагIунарел тIомол унтаби рукIунаан. Бищунго сах гьабизе захIматаб букIана бетIералде бараб тIехI. ТIубанго ботIрол тIом квешаб махI бугеб чанхъ тIад чIван букIунаан. Ахирабги тIехI тIагIинабуна, 1955-1956 соназ Буйнакскиялда ва МахIачхъалаялда больницабазда регизарун. НацI-чIетI жеги чанго соназ тIагIун букIинчIо, жанир чIолеб рукъ, тIад ретIунеб ретIел чорокаб букIиналъ, гьелъул хьон бакъвазабизе захIмат букIана. Дида ракIалда буго, школалда цIализе унеб мехалъ, «дуст ДДТ» абулеб цIакъ махI квешаб дару балаан цIалдохъабазул ратIлил жанисеб рахъалде. Гьелъул квешаб махIалъ нацI тIагIунаан, амма кибго тIибитIараб хIутI-хъумур букIиналъ, цо анкь гIадаб заманалдасан цIидасанги бачIун батулаан.
1957 соналда дун МахIачхъалаял-да цIалулелъул, общежитиязда ругел цIалдохъабазул ретIел ва бусен-къайиялъе, санэпидстанциялде баччун, лъагIалида жаниб цо чанго нухалъ дезинфекция гьабулаан. Гьенибги добго нацI камулеб букIинчIо ва гьеб хвезабизе гIоло, бухIараб хIухьлал хьагазухъе балаан ретIел.
Нижер хъизан жаниб хIебтIараб мина букIана халалъухъе ва гIеблъухъе анлъ-анлъ метр бугеб цо рукъ. Гьеб рукъалъул лъабго метр гIеблъи ва лъабго метр халалъи бугеб бакI, хьопалъ хьухьун къадалги гьарун, гьелда хIарщ-ракьги бохьун, батIа тIезабун букIана, ва гьелда цIар букIана печьрукъ абун. Гьеб букIана жаниб гьитIинаб печьги цIулал мангиги бугеб, цо хьибилалда 3-4 хъарщи лъураб, цIарагI тIад лъолеб мегIелиги бугеб рукъ. ГьитIинабго гордуги букIана гьелъул. Нижер хъизамалъул 5-6 чи вукIана.
Рукъалъул цогидаб бутIа букIана гордоги гьечIеб, берцинго къадазда хIарщги бохьичIеб. Хасало тIупун къазего къан бачIунареб гьетIараб нуцIаги букIана гьелъул. Къадал цо хьибилалда риидал жаниб цIа бакулеб «тавухан» абулеб бакIги букIана, цIадул кIкIуялъ чIегIерлъизарурал рукIана рукъалъул къадалги чIалу-рахиги. Гьеб рукъалъул бокIнида, дунги дир гьитIинав вац ва кIудияй яц регулеб, хIеталде тIаде рехараб басрияб цIахаги, тIутIун лъугIулеб бугеб къохьол тIимугъги букIана. ТIубараб хаселалъ гьеб бусен хисизе рес букIинчIо, ва нижер кIващ цIахаялдаса тIагIараб, гьеб бакъвараб заманги букIинчIо.
Нижералдаго релълъараб яшав
букIана росдал гIемерисел гIадама-зулги. Цо-цо хъизамазул мина-рукъ дагьабго гIатIидабги букIана, цо-цо нижедаса язихъалги рукIана.
Квен-тIех тIубанго тIагIун ракъи бугеб заман дир гIумруялда жаниб букIинчIо — цIоросаролъил хинкI-чедниги, тIехниги, картошка-гьолониги тIагIун хутIичIо.
ГIачиязул рахьдадаса тIорахь бахъулеб машина букIана колхоза-лъул. ТIорахь бахъун хадубги рахьалда цIцIо гъун, гьелдаса хIан гIадаб жо гьабулаан. Гьеб букIана щибго жиндир тIагIам гьечIеб, ракь гIадаб нисо. Кванида цадахъ гьекъезе хIан бахъун хутIараб риди босизе иргаялда чIун лъималги рукIунаан. Риди щвечIого, гIемерисел чIорого тIадги руссунаан. Цоги, ракIалда буго, колхозалъул хIан жаниб лъурал къалазухъан гьеб хIан хIукуматалъе кьун хадуб нахъе хутIараб цIамул лъим (тори) босизе унел рукIараблъи – квание дандежолъун гьеб хIалтIизабизе. Чанго нухалда дунги дир яцги Къедире щвезегIан ана гьеб босизе. ЦIоросаролъил хинкIалги гьарун, гьел жанир релъараб лъиналде дагьабго цIамги тIехги жубан, гьекъолеб букIана хинкIалгун цадахъ. Дагьабго нису-хIанги жубан буцараб тIохол къай кваназе щвейги кIудияб рохел букIунаан. Цоги, ракIалда буго, эбелалъ нижее — кIиго васасе — цохIо хоно белъун, гьеб кIибекун кьолеб букIараблъиги.
Хасало цIакъго захIматаб нух букIана, мегIер бегун ине кколеб, чачаназул Хашакь абулеб росулъе. Цо-цо гIадамал бажаричIого тIад руссунги рачIунаан. Гьениса, хIамузда тIадги къан, бачIунаан цIоросаролъ. Цо соналъ гьеб букIана ккалараб, кьогIам тIагIамалъул. Рес гьечIолъиялъ гьелъул гьабураб хинкI-чедги кваназе кколаан.
Рагъда хадусел соназ халкъалъе кумек гьабун бачIунеб ролъул ва огобалъул чIегIераб ханжу букIана. Цере хIамулги къотIун, Буйнакскиялде щвезегIан ине кколаан гьеб босизе, ва гьеб сапар анцIго къоялдасаги халалъулаан.
Нарт, цIам ва ххам-квар босизе унаан, ГIанди мегIерги бегун, Грозныялде щвезегIан. Гьеб сапарги цIакъ халатаб ва захIматаб букIана. Грозныялде унеб мехалъ хIамузда тIад цIоросаролъил ханжу, багIаргьоло, нису-хIан лъолеб букIана. Гьенир ругел хIалтIухъабиги цIакъго язихъаб хIалалда рукIун, кваналеб жоя-лъухъ гьез хисун ретIел-хьит кьо-лаан.
Дир эбелалъул вац ГIабдул-муслимица бицунаан, жив анила Грозныялде, хIамида тIад цIоросаролъил ханждал таргьаги къан. Гьениб цо чIараб бакIалдаса вагъаризе течIого, сверун руссун гIадамаз ханжу бичун босулеб букIанила, ретIел-хьитги жиндие кьун. Гьеб дармил байбихьуда жинца цо-цо стакан цIураб ханжу кьолеб букIанила лъималазул цо ратIлихъ. Дагьаб хадуб гIадамаз гьаранила гьеб жидееги щвезе гIоло цо чиясе бащдаб стакан гурони кьогейин абун. Ахиралда жинца гьеб ханжу цо-цо бугьун цIун бичанила ва, гьебги хъатиниб бан, гьелда мацIги ба-хъулаго, гIадамалги унел рукIанила.
Доб заманалъул мискинаб, язихъаб яшавалъул бициналъул мурад буго нилъ кантIизари. Жакъа-себ бечелъиги эркенлъиги цебе букIинчIолъи кIочене тезе бегьуларо. Гьарзаго нигIматал нилъее кьурав БетIергьанасе щукру гьабизеги кIочене бегьиларо.