ГIалимзаби-бусурбаби

ФИЗИКА
Физикаялъул бицунаго, тIоцебе ракIалде вачIуна ХII гIасруялъул ахиралда гIумру гьабун вукIарав ИсмагIил ал-Жазари.

 

Гьев рикIкIуна гьанжесеб кибернетикаялъул эменлъун. Ибн ХIайсамица (965-1051) хъвана дунялалдаго цIар рагIараб «Горюнтюлер Китаби» абураб хIалтIи ва гьев ккола физикаялъул цо бутIалъун кколеб оптикаялъе кьучI лъурав чи. Гьесул хIалтIудаса пайда босулаан Европаялда рукIарал гIалимзаби Бэконица, Кеплерица, Леонардица ва цогидазги.

Фараби (870-950) абулев гIалимчияс баян кьуна гьаркьие, ай бихьизабуна физикаялда гьеб щиб кколебали. Ибн Карара (хвана1100 соналъ) ккола тIоцебе харатIалъул станок ургъарав чи.
Инсанасда воржине кIолеблъи чIезабулеб букIана ИсмагIил ЖахIравица (950-1010). Амма гьесул анищ гIумруялде бахъинчIо, битIун гIелмуялъул завалалде вахиндал къадаралде щвана. Гьесул анищин абуни гIумруялде бахъинабуна Хезарфен АхIмад Челебица ХVII гIасруялда. Гьес ургъараб алаталъул кумекалдалъун инсан гьаваялдасан воржана Стамбулалда.
ХIасан Челебийин абуни рикIкIуна ракетаби ургъия­лъе кьучI лъуравлъун. Ракетаялъе хIажалъулеб цIа­та­риялъул кумекалдалъун «зодове» воржарав гIалимчи кко­ла гьев. Гьев «зодовеги» воржана Мурад-султIанасе яс гьаюраб къоялъ.
Эвлия Челеби абулев гIалимчияс хъвалеб буго ХIасаница гьаваялде вахъунелъул ахIанила падишагьасде мун толев вугин БетIергьанасда божилъи гьабун абун. Саламатаб манзилалъги боржун, гьев тIад рекIараб алат, гамачI гIадин ракьалде бортун бачIунеб мехалда, киназдаго ракIалде ккун букIун буго гьанже гурони гьанже гьев ракьалда речIчIилин. Амма ХIасаница жинцаго ургъараб парашютги рагьун, гьев бигьаго рещтIун вуго ракьалда.
«Планер» тайпаялъул боржунеб алат ургъарав чи ккола ибн Фирнас. Гьебгиха 850 соналда. БакътIерхьул Европаялдайин абуни вацал Райтал тIоцере «зодоре» роржана гIицIго 1903 соналда.
Физикаялъул тIахьазда хъван буго ракьалъул жиндего тIаде цIалеб хасият букIин тIоцебе Ньютоница загьир гьабунин. Амма тарихалде раккани гьелъул бицунеб буго ар-Рази, ал-Беруни ва ал-Хазини гIадал гIалимзабаз. Гьединлъидал ракIчIун абизе бегьула ракьалъул щибго жо жидерго тIаде цIалеб хасият букIин бусурбабазул гIалимзабаз Ньютон гьавилалдего чIезабун букIараблъи.
СагIтил хьвади рекъезабулеб чарх ургъарав чи Галилей (1564-1642) вугин малъула школазда. ХIа­къи­къа­талдайин абуни гьединаб сагIат ургъарав чи ккола ибн Юнус (1009 сон).