Рихьдае хIалтIиги интеллектуалияб гъазаватги

 

Цебесеб анкьида МахIачхъалаялда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб исламияб конференция.

Россиялъул регионаздасаги батIи-батIиял улкабаздасаги рачIарал вакилзабаз бицана жакъа дунялалда киназего гIаммаб исламияб цо проект гьечIолъиялъулги, Сириялъул хIукуматалда данде рагъулел рукIарал «смертникал» дагьлъиялъулги, чи мекъи ккеялъе интернеталдасан гьарулел хIалбихьиязулги.  

 

 

«Смертникал» дагьлъулел руго

 

Дунялалда исламалъ кколеб бакIалъул бицунеб секциялда тIадчIей гьабуна Сириялда унеб бугеб рагъуда.

Масала, Севастополалъул пачалихъияб университеталда хIалтIулев гIарабияв Канах Аммар МахIмуд Аль-Мутлакил рагIабазда рекъон, Россиялда гьукъараб террористазул гIуцIи — ИГИЛалъул рукIарал боевиказул 70 процент кколаан «смертниказул». Амма гьелги гьанже дагьлъулел ругила.

Щайин абуни, гьезда бичIчIулеб бугила жидер идеологиялъ жал махсароде кколел рукIинги.

 

 

Сурсатал руго, 

 

 

«Рихьдае хIалтIиги, ххвалие гьарулел жалги руго гIемерлъун. Кутакалда гьелъул заралги буго жамгIияталъе. Щайин абуни, гьелдалъун кIигьумерчилъиги гIемерлъулеб бугелъул», — ин бицана тарихиял гIелмабазул доктор ХIайбула МухIамадсалихIовасул.

Гьеб рахъалъ исламалде божилъи бугоан гьесул.

 

 

Сурсат буго, амма загьирлъун гьечIо

 

 

Адыгеялъулги Краснодар краялъулги муфтиясул заместитель, философиял гIелмабазул кандидат Асфар Шаовас рикIкIунеб буго гьабсагIаталда дунялалда исламияб (теологиялъул) центр гьечIилан.

ГIусманиязул халифат аралдаса нахъего гьечIила гьеб.

 

 

«1 400 соналъ данде гьабураб исламияб сурсат буго, амма букIине кколеб куцалда загьирлъун гьечIо гьеб. Щайгурелъул нилъеца гIумру гьабулеб буго исламияб гуреб, бахътIерхьул Европаялъул къагIидаялда гIуцIараб дунялалда», — ян абуна Асфар Шаовас.

Цинги суалги лъуна 21 гIасруялъул бусурбабазда кIвеладай интеллектуалияб жигьадалде ахIулеб исламалъул цо глобалияб проект гIуцIизеян?

 

 

Западалъул лозунгалги Краснодар краялъул гимнги

 

 

Къойидаса-къойиде исламалдехун кIвар цIикIкIунеб бугин, амма гьеб хадуб хъаравуллъи гьечIого тезе бегьуларин абуна ННТялъул бетIерав редактор ва политолог Ханжан Къурбановас. Щайгурелъул исламалъул багьанаги батун, чи мекъи ккезавизе рес бугила хасал чагIаз.

 

 

Валлагь, соцсетазда гIемерисеб мехалда экстремистал жидедасаги цере ккун ратулилан мукIурлъана Татарстаналдаса вакилги.

 

 

Дагъистаналъул теологиялъул институталъул ректорасул кумекчи АхIмад Жамалудиновас ракIалде щвезабуна экстремистазул кверщаликье ккеялда рес букIун къараб соцсетазул 280 къокъа.

Амма гьедин гьабуниги, экстремистазул агитаторал жеги цIикIкIун ратанила: гьел рокъо-рокъоре ракIаризе лъугьанила.

 

 

Отставкаялда вугев Краснодар краялдаса подполковник Николай Кизимовас бицана гIолилазулгун бичIчIикьеялъул хIалтIи жидеца кин гьабулебали:

«Цо-цо мехалда нижеца халгьабула бакътIерхьудасан гьанире, Северияб Кавказалде, хасго Чачаналде, «ритIун рачIунел» лозунгазулги.

Масала, гьезул цояб буго гьадинаб: «Если ты не пил вина, не валялся в луже, значит, ты – не россиянин, нам такой не нужен»».

 

 

ТIад балагьун кеп щолеб гIадаб жо гьечIищха? Амма гьелъул магIна буго дол бакътIерхьул улкабаздасан хасал хъулухъазе нилъер чи мехтун, хIорилъ гевегахъдулев вихьизе».

Хадуб подполковникас бицана улкаялда гIумру гьабун ругел гIадамал, цоцазул культураги тIабигIатги бичIчIун, цоцаздехун сабруялда рукIине ккеялъулги.

Гьеб мехалда гьал мухъазул авторалъ гьесда гьикъана дуда Краснодар краялъул гимналъулъ ругел рагIаби лъалищан.

 

 

«На врага, на басурманина, мы идем на смертный бой!» — гьел рагIабазе къимат кьезе ккелилан закон цIунулел идарабазде хитIаб гьабун букIана Дагъистаналъул бетIерлъиялда вукIаго Рамазан ГIабдулатIиповасги.

«Дида рагIана гьелъул хIакъалъулъ. … Амма гьеб захIматаб суал буго. Нилъехъа гьабсагIат цоцалъа бахъунги бажаруларо. Дун, Краснодар краялда, хIалтIулев вукIун гурони, гьениса чиги кколаро.

Дун дуда разияв вуго. Амма нилъеда гьеб хисизабизе кIолареб жоялъул бицинчIого чIезе руго», — ян жаваб кьуна подполковникас.