Къурбан байрам

ХIурматиял магIарулал!

 

Баркула нужеда тIаде щвараб бусурбабазул бищунго хириял байрамазул цояб Къурбан къо. Гьарула нужер хъизан-лъималазе, гIага-божаразе, гьудул-гьалмагълъиялъе лъикIабщинаб. РакIал иманалъул цIеги, рукъ баркат-рахIматалъул цIеги, хъураб Къурбанги азариде бахинабеги Аллагьас нужер. Балагьал рикIкIалъаги нужедаса, гIазабазда нухал къосаги нужер гъасде. Гьабунщинаб лъикIаб гIамалги садакъаги къабул гьабеги ТIадегIанас нужер. ХIарамабщиналдаса квер рикIкIалъаги. Сахаватлъиялде нух кIочонгеги. Нужер пикрабазеги даимаб рогьел, анищазеги тIубай гьарула. Лъималазул рухIел киданиги бихьугеги эбел-инсуда. Гьезул адаб бугеллъун лъугьаги лъималги.
ЛъикIаб гьабизе, квешаб тезе тавпикъ кьеги нуж киназего.