Нилъ киналго цолъизе ккола

23 августалда МахIачхъалаялда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб гIолилазул динияб форум

 

Гьудуллъиялъул рокъоб гIуцIараб данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги. Гьес абуна, батIи-батIиял диназул вакилзабазда гьоркьор лъикIал бухьенал ругони, рес букIунин республикаялда ракълилаб гIумру цIунизеги, жамгIият цолъизабизеги, ватIан цебетIезабизеги.
«Халкъалъул цолъи гьечIони, гьарун бажаруларо киналгIаги улкаялъе пайдаял хиса-басиял. Улкаялъул президент Владимир Путиницаги кIудияб кIваркьола рухIияб цебетIеялъе, культураги, динги чIаголъизабиялъе, батIи-батIиял диназул вакилзабазда гьоркьосел бухьенал щулалъиялъе», — ян бицана гьес.
Республикаялъул нухмалъулес бар­кала кьуна Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасеги МахIачхъалаялъулги Грозныялъулги епископ Варлаамиеги – Кавказалъул рагъул гIасиял лъугьа-бахъиназул нугIлъун бугеб АхIулгохIда мемориалияб комплекс базе разилъаралъухъ. «Гьенир шагьидлъана гIемерал дагъистаниялги, гIурусалги, Кавказалъул халкъазул цогидал вакилзабиги. Киназулго биялъ белъараблъун рикIкIуна Кавказалъул рагъул бищунго кьварараб кьаби ккараб АхIулгохI – гьебго биялъ лъалъараб буго Россиялъул халкъазул гIаммаб къисматги. 1929 соналда, килиса къаялъул хабар ккедал, гьелде данде рахъана Дагъистаналъул бусурбаби. Гьезул хитIабалда гьадин хъван буго: «Нижеца, гьаниб гъоркь гъолбасарал Буйнакскалъул бусурбабазул жамгIияталъул вакилзабаз, цIалана «БагIараб Дагъистан» газеталда бахъараб макъала. Гьелда бицунеб буго Святотроицкий килиса къазе кколилан. Гьеб балаго, хIалтIизабун букIана нижерги захIматгун сурсатал. Ниж рази гьечIо гьеб къазе кколин абураб пикруялда. Гьединал, ай диназда гьоркьосеб цолъиялъул, мисалал гIемер руго», — ян бицана Рамазан ГIабдулатIиповас ва форумалъул гIахьалчагIазе икъбал гьарана.
Гьадинал дандеруссиназ власталъулги диниял жамгIиятазулги бухьенал щулалъизариялдеги терроризмалъулгун экстремизмалъул идеологиялде данде къеркьеялъе квербакъиялде хьул бугин абуна данделъиялда шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевас.
Форумалда кIалъана Сириялдаса шаргIиял гIелмабазул доктор МустIапа Диб ал-Буга, диакон Дмитрий Асратян, СагIид-Апандил цIаралда бугеб Дагъистаналъул теологиялъул институталъул ректор ГIабдула Ацаев, РФялъул президентасда цебе гIуцIараб ГIолилазегун лъималазе рухIиябгун ватIан бокьиялъул тарбиякьеялъул комиссиялъул член Алексей Вайц.