«Хваразул рухIазеги» кьолеб батана

Дагъистаналъул ХIисабалъул палатаялда хIасилал гьаруна

 

2017 соналда ДРялъул ХIисаба­лъул палатаялъ гIуцIана халгьабиялъул 69 тадбир ва халгьабуна 621 идараялъулги гIуцIиялъулги хIаракаталъул.

2017 соналда гьабураб хIалтIул бицунаго, аслияб кIварбуссинабуна бюджеталъул сурсатал пайдаялъе хIалтIизариялдеги, республикаялде финансазул рахъалъ хIал щунгутIиялъе гIуцIизе кколел тадбираздеги, тематикиял халгьабиязул хIасилаздеги, гьоркьоб тун букIараб пачалихъияб мулк тIатинабиялдегун гьеб реестралда гъорлъе ккезабиялдеги.
2017 соналда ДРялъул ХIисаба­лъул палатаялъ гIуцIана халгьабиялъул 69 тадбир ва халгьабуна 621 идараялъулги гIуцIиялъулги хIаракаталъул. Гьезда гьоркьоб буго: Дагъистан Рес­публикаялъул пачалихъияб идара – 17; бакIалъул нухмалъиялъул идара – 27; пачалихъияб идара – 106; унитарияб пачалихъияб предприятие ва акционеразул общество – 16; муниципалияб идара – 239; цогидал идарабиги гIуцIабиги (ОООял, риидал лъималаз хIухьбахъулел идараби, коммерциял гурел гIуцIаби ва гь.ц.) – 216.
Халгьабиязул хIасилазда тIа­ти­на­буна 12 221,6 млн гъуршил бюд­жета­лъулгун финансазул низам хвезабиялъул хIужаби. БатIи-батIияб даражаялъул бюджетазе тIадбуссинабуна, законги хвезабун, хIалтIизабун букIараб 882,5 млн гъурушги мулкги. Административияб низам хвезабиялда бан, хъвана 333 протокол. Административияб гIакIаде бахъана 905,3 азарго гъуруш.
ДРялъул пачалихъиял идарабазул нухмалъиялдаги бакIалъул идарабаздаги, гьединго ведомствабазул нухмалъиялда гъоркь ругел учрежденияздаги хIалтIулев вукIун вуго гьениб чIезабураб къадаралда тIадеги 76 чи. Гьединаб хIужа тIатарал идарабазул 209 нухмалъулев административияб жавабчилъиялде цIана ва гьезда гьоркьоса 29-яв хъулухъалдаса вахъана.
Медицинаялъул страхования­лъул территориалияб фондалъу­л гIа­­хьаллъигун мухIкан гьабу­на хIакъикъаталда хварал, амма жеги чIагоязда гъорлъ ри­кIкIунел рукIаралги республика тун къватIире гочаразул ва гьенир хIалтIулел гIадамазул сияхI. Гьелдалъун дагьлъизабуна республикаялда страхование гьабураблъун рикIкIунел гIадамазул къа­дар. Гьелдалъун Дагъистана­лъул 2018 соналде къабул гьабураб бюджеталъе тIокIлъизабуна хIалтIуларезул сияхIалда рехсолев вукIарав 163,8 азарго чиясул страхованиялъухъ кьолеб букIараб 1 115,0 млн гъуруш.
2017 соналда тIоритIарал халгьабиязул хIасилалда низам цIу­нулезул идарабазухъе битIана 69 материал: прокуратураялде – 15, жанисел ишазул идарабазухъе – 42, РФялъул ФСБялъул ДРялда бугеб управлениялъухъе – 12. Гьезул цIех-рехаздалъун рагьана 10 уголовнияб дело, гьабуна судалъул лъабго хIукму. ХутIарал материалазул цIех-рех гьабулеб буго.
ХIисабалъул палатаялъул хIаси­ла­­зул хIакъалъулъ мухIканго цIа­лизе бегьула http://www.spdag.ru ва http://www.portalkso.ru сайтазда.
Муса Азаев