ДРялъул хIукуматалда

ЦIалдохъабазул эбел-инсуца кьуна ЕГЭ

 

МахIачхъалаялъул № 39 школалда тIобитIана «Эбел-инсуца
ЕГЭ кьеялъул цогояб къо» абураб акция

Гьеб къоялъ гIурус мацIалъул ЕГЭ кьуна РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрасул заместитель – Рособрнадзоралъул нухмалъулев Сергей Кравцовасги, «Просвещение» басмаханаялъул президент Владимир Узуницаги, ДРялъул вице-премьер – лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумаровалъги, жамгIиял хIаракатчагIазги, журналистазги.
Школалда гIуцIун букIана экзаменал кьолеб къоялъго гIадинаб ахIвал-хIал. ТIадкъаял тIуразаризе кьуна бащдаб сагIат.
Журналисталгун букIараб гара-чIвариялда Сергей Кравцовас абуна республика хIадур бугин ЕГЭ кьезе ва выпускниказе икъбалги гьарана.