ЛъикIаб гIумруялде хьул

Сакъатазе бигьалъаби гьаризе ресал ратулел руго

 

25-26 сентябралда МахIачхъа­лаялда тIобитIана сакъатал ва сах­лъиялъул рахъалъ гIунгутIаби ру­гел гIадамазда (ОВЗ) гьоркьоб «Аби­лимпикс» абураб цIаралда гъоркь республикаялъулаб III фестиваль.
ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоя­лъул гIолилал хIалтIудалъун хье­­за­риялъул «Успех» республикая­лъулаб централъул (РМЦЗ) нухма­лъулев Шамил МухIамадовас бицана «Абилимпикс» тIобитIиялъул ва исана гьелде гьабураб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.
«Абилимпикс» ккола ресаздаса пайда босиялъул олимпиада. Гьеб тIобитIулеб буго ОВЗ бугел ва сакъатал гIадамазда жалго гIумруялъулъ, цIалулъ ва хIалтIулъ мукъсаналлъун рихьиларедухъ. ГIемерал мисалал руго ОВЗ бугел гIадамаз ва сакъатаз спорталъулъ, культураялъулъ, лъайкьеялъулъ бергьенлъаби росарал. Нижер аслияб масъала буго гьезул махщел, бахчараб гьунар рагьи. Гьезул мисалалдалъун лъикIаб сахлъи бугев чиясда бихьизабизе бокьун буго, хIалтIизе бокьарав чиясе гьеб камун гьечIеблъи, бокьараб хIалтIи гIумруялде бахъинабизе рес букIин», — ан бицана Шамил МухIамадовас.
«Абилимпикс» чемпионаталда гIахьаллъулезул къадар цIикIкIана, исана 16 батIияб махщалил къецалги тIоритIана.

Дагъистаналда тIоцебесеб
«Хасаб абилимпикс»

«Хасаб абилимпикс» абураб гIакълуялъул рахъалъ (менталиял) гIунгутIаби ругезда гьоркьоб къец тIоцебесеб нухалда тIобитIана «Абилимпикс» чемпионаталда. Республикаялъул коррекциялъулаб лъайкьеялъул идарабазда цIалулел 27 лъимер гIахьаллъана менталиял гIунгутIаби ругезе гIуцIараб «Хасаб абилимпиксалда». Гьел гIахьал­лъана щуго батIияб къецалда: «Ру­къарухъанлъи», «Хьитал гьари», «Бо­гогьанлъи», «ЦIулал устарлъи», «Де­коративиябгун прикладнияб искус­ство».
ГIакълиял гIунгутIаби ругезда гьоркьоб «Хасаб абилимпикс» гIуцIана ва гIумруялде бахъинабуна «Успех» РМЦЗялъул директор Шамил МухIамадовас, ДРялъул гIолилазул ишазул министрасул засместитель ПатIимат ГIумаровалъ.
Исанасеб чемпионаталда жидерго махщел бихьизабуна 150 гIахьалчияс, гьезул хIалтIабазул халгьабуна 115 экспертас, чемпионат нухда бачине кумек гьабулеб букIана 100-ялдаса цIикIкIун волонтерас.
Чемпионаталда щибаб махщалил гIахьалчагIазе гIуцIун рукIана хIажатабщинаб къайи жаниб лъурал майданал. Гьенир рукIана медицинаялъул ва социалияб хъулухъалъул махщелчагIиги, массажисталги, месед-гIарцул устарлъиялъе ругьунлъулелги, гIисинал богогьабиги, компьютералъул махщелчагIиги ва цогидалги. Исанасеб чемпионаталда рихьизарулел махщелазде тIаде жубан букIана жеги щугоги: «Бай­би­хьул классазул учитель», «Лъималазул ахазул тарбиячIужу», «Дефектология», «Администрирование без данных» ва «Богогьанлъи» абурал.
Россиялъул законалда рекъон, хIалтIул коллектив гIуцIулелъул, чан чи хIалтIуде восулев ватаниги, гьезда гьоркьор пуланаб къадаралда сакъатлъи бугел гIадамалги росизе ккола хIалтIуде, гьеб закон тIубазабичIев хIалтIи кьолесда тIаде гIакIаги къотIула. РМЦЗялъул нухмалъулес бицухъе, чемпионаталъул цоги кIвар бугеб масъалалъун букIана хIалтIи кьолезда сахлъиялъул рахъалъ гIунгутIаби ругел махщелчагIиги цогидаздаса нахъеккун хIалтIулареблъи бихьизаби.
«Абилимпикс» ва «Хасаб абилимпикс» тIобитIана У. М. МуртузгIалиевалъул цIаралда бугеб социалиябгун захIматалъул рахъалъ шартIал бигьалъизариялъул (адаптация) ва профориентациялъул республикаялъул централда (РЦСТАИП). Сахлъиялъул рахъалъ санагIалъи гьечIезе лъай кьезе ва махщел камил гьабизе дандекколел лъикIал шартIал гIуцIараб бакI бугоан гьеб. Централъул азбаралда рагьун рукIана халкъиял художествиял махщелазул майданалги.

ГIолилазулгун накъит

Сакъатазул махщел бихьизабулеб чемпионат унеб куц бихьизе вачIун вукIана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги республикаялъул ведомствабазул нухмалъулелги. Щибаб махщалил майданалдеги щун, республикаялъул бетIерас гIолилазулгун гьабуна накъитги. Гьев лъалхъана «Ювелирияб ишалъул» майданалда цеве. Гьениб гIарцул устарлъиялъе бугеб махщел бихьизабулеб букIана сакъатал гIадамал ювелирияб махщалие ругьун гьарулей Наида МухIамадовалъ. Республикаялъул бетIерас гьелъ гьабулеб гурхIел-рахIмуялъулаб ишалъе тIадегIанаб къимат кьуна ва гьелъул проект гIумруялде бахъинабиялъе квербакъизе кколин лъазабуна. Гъоркьиса Наида МухIамадовалъул социалияб проекталъе грантги бергьун букIана. Гьелда рекъон, сакъатал хIалтIизе ва ругьун гьариялъе ижараялъе мина босун буго. КватIичIого Наидаца рагьизе буго сакъатал чIобого ювелирияб махщалие ругьун гьарулеб ва хIалтIудалъун хьезарулеб центрги.
«Абилимпикс» чемпионаталда тIобитIана сакъатлъи бугел гIадамал хIалтIудалъун хьезариялъе ресал ратиялъул ва квербакъиялъул хIакъалъулъ бицунеб данделъиги.
Журналистазул гIахьаллъигун тIобитIараб данделъиялда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас абуна: «Гьадинал лъималазухъ, гьезие дарсал кьолел педагогазухъ ралагьидал букIинеселде божилъи бижула ва гIемерисел масъалаби хехго тIуразе кIвелин ракIчIола. Цо-цо махщелчагIаз жидедего тIаде босун гьабулеб бугеб ишги хIукуматалъ гьабулеб квербакъиги цолъизабун, гьезие шартIал гIуцIизе ккола нижеца. Ниж жеги ургъила, гьаб централда жаниб махщелазда рекъон гьабулеб къайи бичун гIарац гьабизе рес букIинедухъ шартIал гIуцIиялда тIад. Жидецаго жидеего хIалтIул бакIал гIуцIарал гIолилалги руго республикаялда. Гьединал гIолилал руго гьанирги. ГIагараб заманалда нижеца гьел данде ракIаризе руго. Нижее бокьун буго гьел жидерго ишалъул устарзабилъун рахъине. Гьанир руго киназего дандекколел Интернеталъул ресалги. Гьелдалъун бажаризе буго жалго гIумру гьабун ругел бакIазда, Интернеталда гIолилазе хIалтIи щвезе», — ян.
Исана тIоцебе тIобитIараб «Хасаб абилимпикс» чемпионаталъул бутIаялъул хIакъалъулъ ДРялъул гIолилазул ишазул министрасул заместитель ПатIимат ГIумаровалъ бицана гьеб кколин тарихияб лъугьа-бахъинлъун.
Республикаялъул чемпионаталда лъикIал хIасилал рихьизарурал махщелчагIи гIахьаллъизе руго Москваялда тIобитIизесеб «Абилимпикс» миллияб чемпионаталдаги.
ПатIимат
СултIанмухIамадова