Федералияв инспекторлъун тIамуна дагъистанияв

А. Степанов: «Дун чияр чи гуро»

Гьал къоязда Дагъистаналде вачIун вукIана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Игорь Рабков. Гьесул гIахьаллъигун тIобитIараб ДРялъул хIукуматалъул министразулги ведомствабазулгун низам цIунулел идарабазул нухмалъулезул цадахъаб данделъиялда гьес бицана, 20 августалдаса нахъе СКФОялда бугеб РФялъул президентасул вакиллъиялъул Дагъистаналъул рахъалъ федералияв инспекторлъун Александр Степанов тIамунин абун.
ЦIияв федералияв инспекторасул хIакъалъулъ гьадин абуна Игорь Рабковас: «Александр Степанов гьавуна Дагъистаналда. Гьес лъугIизабуна тIадегIанаб лъайкьеялъул кIиго идара. ХIалтIизе байбихьана МВДялда, хадуб прокуратураялда — ба­тIи-батIиял хъулухъазда. Ахи­раб заманалда хIалтIулев ву­кIана Москваялъул регионаз­да гьоркьосеб транспорталъул про­курорасул тIоцевесев замес­тительлъун. Пачалихъия­б хъу­лухъалда гьев хIалтIана гIа­ммаб къагIидаялда 25 соналъ», — ан.
Александр Степановас абуна Дагъистаналъул хIакъалъулъ жинда гIемераб жо лъалин. «Дун гьавуна Дагъиста­нал­да, гьанив цIалана ва гьанисан ана армиялда хъулухъ гьа­бизе. Гьанир руго дир кьал­бал. ГьабсагIаталда, рес­пуб­ликаялъул нухмалъиялъу­л хIа­ра­каталдалъун, Дагъиста­на­лъул социалиябгун экономи­каялда лъикIаб це­бе­тIей буго. Дун чияр чиги гу­релъул, диеги бокьун буго гьеб цебетIеялъулъ бутIа лъезе. РФялъул президентасулги, РФя­лъул хIукуматалъулги, РФя­лъул президентасул СКФОял­да вугев вакиласулги тIад­къаязул хIакъалъулъ абуни, хьул буго бакIалъул нухма­лъиялъул идарабазулгун ца­дахъаб хIаракаталдалъун Ми­ллиял проектал тIу­разарун бажариялде», — ян би­цана Александр Степановас.
Гьединго гьес бицана дагьалъ цеве Дагъистаналде вачIун вукIарав РФялъул антимонополияб хъулухъалъул (ФАС) нухмалъулев Игорь Артемьевасул­гун цадахъаб хIалтIиялъул хIа­къа­лъулъги: «ФАСалъулгун хIал­тIизе байбихьараб мехалда, Дагъистаналъул тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалда рагьана кIиго уголовияб дело – картелазул ишазда бан. Гьелъухъ кIудияб баркалаги буго ФАСалъе. МухIканго гъорлъе ваккичIого, рехсон тела кIиго тарих: РФялъул ФАСалъул баяназда рекъон, 70 проценталъ дагьлъана хъулухъалдаса пайдаги босун гьарулел такъсиразул къадарги конкуренциялъул рахъалъ низам хвезабиялъул хIужабиги. Гьелде тIадеги, 40 проценталъ цIикIкIана пачалихъиял закупкабазулъ гIа­хьал­лъулеб гIисинаб бизнесалъе кьолеб бюджетияб гIар­цул къадарги», — ян бицана В. Ва­сильевас.
Александр Степанов гьавуна 1974 соналъул 30 январалда Гъизляр районалъул Южное росулъ. 1997 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб техникияб университет, 2000 соналда – Москваялъул пачалихъияб социалияб университет.
Хъулухъ гьабуна МВДялъу­л идарабазда — 2001-2018 соназ­да Ставрополь краялъул, Хан­ты-Мансийск автономияб окру­галъу­л, Тверь областалъул про­­­­куратураялъул идарабазда, Мос­­кваялъул регионазда гьор­кьо­себ транспортиалъул про­ку­ра­тураял­да.
2019 соналъул 20 августалда тIамуна СКФОялда бугеб РФя­лъул президентасул вакиллъиялъул Дагъистаналъул рахъалъ федералияв инспекторлъун.