Рощнохъги гIарац кьола

Халкъалъе гIоло хIалтIулезе гIуцIизе руго киналго шартIал

 

Данделъи рагьулеб мехалда, ДРялъул бетIер Владимир Васильевас абуна жакъа гьоркьоб лъезе бугин киназулго рахIат хвезабулеб суал. «Жакъа киса-кибего бицунеб буго рощнол хIакъалъулъ. Дагъистаналдаги гьеб ккола аслиял суалазул цояблъун. Нилъер буго туризм цебетIезабизе рес, нилъ чIухIула бацIцIадаб лъимги гьаваги бугин, амма гIемерал соназ рощнол суал хутIана тIубачIого. Данделъиялде хIадурлъулаго, дида бихьизабуна рощнол гохIазул карта. Гьелда рекъон, мугIрузул районазда гьединал бакIал гьезего гьечIо, амма хIакъикъаталдайин абуни гьел руго. Гьелдаго цадахъ нилъеда тIадкъан буго коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гIарцул рахъалъ гьарулел хиса-басиязда хадуб халкквеянги. Гьенибин абуни, гьечIо расги лъикIаб хIал: рищни нахъе баччаралъухъ унеб харжалъул хIисабги гьабун, бизнесалъ кинабго баччизабун буго халкъалда. Гьедин бегьуларо», — ян абуна гьес.
Масъалаялъул хIакъалъулъ данделъиялда гIатIидго бицана ДРялъул тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас. ЦIияб къагIидаялда рекъон хIалтIизе гъира загьир гьабурал компаниязда гьоркьоб къец тIобитIизе ракIалда букIун буго министерствоялда, амма гьелда гIахьаллъизе къасд бугин лъазабун гьечIо цогIаги компаниялъ. ГIиллалъунги рехсана рищни нахъе баччаралъухъ гIадамаз гIарац кьунгутIи. Гьелъул хIасилалда республикаялъул шагьараздаги районаздаги лъугьун буго квешаб хIал. Рищни балеб буго «минабазда нахъе» ва хадубккун гьеб, цIадал лъеца босун, щолеб буго гIурулъегун лъаразулъе ва чвахулеб буго Каспиялде.
«Гьедин букIаго, нижее захIмалъулеб буго регионалиял оператораллъун рукIине гъира бугел компаниял ралагьизе. Абулеб букIана, январалдаго Дагъистан рощнолъ гъанкъизе бугиланги. Амма нижеца гьедин ккунгутIизе хIаракат бахъана. ДРялъул бетIерасул тIадкъаялда рекъон, муниципалитетазул бутIруз хIадуризе кколаан рощнол къалал лъезе бакIалги гьел лъеялъул схемабиги. Амма гьеб гьабичIо. Халгьабураб мехалда баянлъана, шагьаразда гьединал бакIал ричун рукIин ва гьенир минаби, тукаби, цогидал объектал ран рукIин. Гьеб сабаблъун гIолел гьечIо шагьаразда рощнол къалал лъезе бакIал. Гьединлъидал хIажаталлъун ккана шагьаралъул къватI бакьулъ, гIурччинлъиялда ва тротуаразда рищни балел бакIал гIуцIизе», — ян бицана министрас.
Набиюла Гъарачаевас бицана батIагьабун рищни къабул гьарулел пунктал рагьизе рукIиналъулги. «Цо пункталда кIвезе буго 10 азарго чиясухъа рищни къабул гьа­бизе. ГьабсагIаталда МахIач­хъалаялда буго гьединаб кIиго киоск ва гьез гьабулеб хIалтIул хIасилги буго. Жигаралда рищни баччула гьенибе лъималаз, щайгурелъул, масала, картоналъул цо килоялъухъ гьезие кьолеб буго лъабго гъурущ, пластикалъухъ – 10 гъурущ.
Амма камуларо сундулго ургъел гьабуларел гIадамалги. Гьединал кIалъала нижехъе ва тIалаб гьабула жидеца данде гьабураб рищни чIобого нахъе баччизе рачIаян. КватIичIого гьединал киоскал рагьизе руго киналниги шагьаразда», — ян бицана министрас.
ЛъикI хIалтIулев оператор хIисабалда Н. Гъарачаевас рехсана «Лидер» компания. Гьелъ жиндирго гIарцухъ босун буго нусгоялдаса цIикIкIун машина ва гьез хъулухъ гьабулеб буго чIахIиял шагьараздагун районазда гIумру гьабулев 1,5 миллион дагъистаниясе. Жеги босун буго техника (кватIичIого гьеб щвезе буго Дагъистаналде), рищни бакIаризе аслияб бакI, басрияб рощнол завод (гьеб цIигьабун буго ва хIалтIизе байбихьунги буго), рищни дандекъалеб Италиялъул къайи-алатги. Жидерго гIарцухъ рощнол къалал росулел операторалги ругин бицана министрас.
«Лидералъул» генералияв директор Дмитрий Зуевас гьадин бицана жидерго компаниялъул хIалтIул хIакъалъулъ: «Нижер компаниялъул субподрядчикалги малъун, «Лидералъул» вуго 318 хIалтIухъан, гьезул гьоркьохъе­б харжги буго 35 азарго гъурущ. Босана 41 цIияб машина, 28 бачIун буго МахIачхъалаялде, хутIарал щвезе руго гIагараб заманалда. Ижараялъе босун буго 100 машина. 2019 соналда кьуна 16,5 млн гъурущ налогалъул. КIиго млн гъурщиде рощнол къалал росизе ракIалда букIана, амма росана 16 млн гъурщиде ва жеги хIажат буго азаргониги рощнол къали лъолеб бакI.
Нижер хIалтIи ккола гIицIго рищни нахъе баччи, ай къолониса машинаялдеги лъун, гьеб нахъе боси. ГIадамазда ракIалде кколеб буго, нижецаго рацIцIалъиги гьабизе кколин абун. ГьабсагIаталда гьеб гьабулебги буго, амма гьеб нижер хIалтIи кколаро», — ян.
РакIбацIцIадго ва пайдаялъе хIалтIаралъухъ компаниялъе баркалаги кьун, Владимир Васильевас абуна, гьединал компаниязе санагIатал киналго шартIал чIезаризе ругин республикаялдайин. «Законалги цIунун, налогалги кьолаго, захIматалъул хIакъалъулъ къотIабиги гьарун, лъикIаб даражаялъул къайи яги хъулухъал гьарулеб бизнесалъе рукIине руго рагьарал нухал – халгьабиялъул идарабиги гьезда аскIоре къазе гьечIо. Нагагь суалал раккани, халгьабиялъул идараялда цадахъго хIалтIизе руго жамгIиятги, бизнесалъул вакилзабиги, депутаталги. Махщел бугезе рес кьезе ккола законалда рекъонги халкъалъе пайдаялъеги хIалтIизе. Законалъул тIалабалги цIунулев, налогалги кьолев чиясе гIуцIизе буго хIалтIуе эркенлъи», — ян рагIи кьуна ДРялъул бетIерас.
Муниципалитетазул бутIруз данделъиялда бицана шагьаразда бугеб хIалалъул ва церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.
ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги
администрациялъул пресс-хъулухъ