Сессия

29 суалалъул бицана ГIурхъи чIезабиялъул хIалтIи тIадеялъулалде бахъана

 

17 июналда МахIачхъалаялда тIобитIана Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул 37-абилеб сессия. Гьеб нухда бачана парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас.
Сессиялда гIахьаллъана Пачалихъияб Думаялъул депутатал ГIумахан ГIумахановги, ГIабдулмажид Маграмовги, исполнительнияб власталъул, жамгIиял ва диниял гIуцIабазул нухмалъулелги, СМИялъул вакилзабиги.
Хизри ШихсагIидовас бицана ДРялъул бетIер Владимир Васильевас сессиялда гIахьаллъизе гьечIин, гьев унтун вугин.
Сессиялда гьоркьоб лъуна 29 суал. ТIоцебесеблъун букIана Андрей Ежов Дагъистаналъу­л про­курорасул хъулухъалде тIа­миялъул хIакъалъулъ суал. Гьесул хIалтIул хIакъалъулъ бицана РФялъул генералияв прокурорасул заместитель Андрей Кикотлица. Парламенталда цеве кIа­­лъазе вахъарав прокурорасул хъулухъалде кандидатасги бицана жинда республикая­лъул прокуратураялъул хIалтIиги лъалин, хасаб кIвар кьезе кколел Дагъистаналъул захIмалъабиги ричIчIулин абун. Дагъистаналъул парламентариялъ киналго разилъун Андрей Ежовасул кандидатура къабул гьабуна.
«Единая Россия» партиялъул вакил Рамазан Мирзаевас Халкъияб Собраниялъул председателасдехун хитIаб гьабуна чачаназулгун гIорхъода ккараб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицеян абун. Хизри ШихсагIидовас абуна кидаго Дагъистанги Чачанги цадахъ рукIанин ва хасго гIолилал питнаялде гьусулел харбаз гуккизе чIезе бегьуларин. «Квешал халкъал рукIунаро, рукIуна жидер махщел гьечIел ишаз, киналалиго рагIабаз жидерго халкъазе рекIкI гьабулел батIи-батIиял гIадамал. Гьединлъидал гьел халкъаздехун нилъер дагIба гьечIо, нилъеца гьанжелъизегIанги ракълида ва гьудуллъиялда гIумру гьабулеб букIана ва гьанжеги гьедин букIине буго. Чачаназул вацлъиялъулаб халкъалъулгун нилъер халкъалъул бугеб гьоркьоблъиялъул бицунаго, абизе ккола гьеб гIицIго вацлъиялъулаб гуребги нилъее гIагарабги халкъ бугин, тарихалдасанги гьеб гьедин букIин бихьулеб буго. Нилъее ва гьезие захIматал соназдаги кидаго цоцазе квербакъи гьабулеб букIана», — ян абуна Хизри ШихсагIидовас.
Парламенталъул спикерас абуна гьениб рекIее гIолареб жо бугин, ракьул кесек Чачаназул букIун батанигицин, гьебин абуни унго-унголъунги Чачан республикаялъул ракь кколин, дагIба-рагIи гьабизе ярагъ барал гIадамалги рачун къуват бихьизабизе лъугьин. «Гьединал ишаз гьоркьорлъаби хIалуцинарула», — ян абуна Хизри ШихсагIидовас.
Халкъияб Собраниялъул председателас бицана хIукму гьабунин исана гIорхъабазул суал борхичIого тезе ва гьеб хIалтIи документазухъ халги гьабун муниципалитетазул, жамагIатазул нухмалъулелги гIахьал гьарун тIадеялъул гьабизе.
Карият МухIамадова,
ДГУялъул студентка