КватIараб кантIи

Чачаналъулгун Дагъистаналъул гIорхъода ккараб дагIбаялъе гIилла щиб?

 

Гъизляралда гIагарлъухъ ккараб дагIба-рагIи киназдаго рагIун батила. Шукру Аллагьасе, би тIечIого рорчIана. Питнаялде иш ккана «Чачан Республика, Шелковский район» абураб хъвай-хъвагIайги тIад гьабун, хасаб игIлан шагьранухлул рагIалда чIваялъ. 11 июналъул сардилъ гьеб нахъе бахъана дагъистанияз. Гьелъул хIакъалъулъ рагIидал, ЧРялъул парламенталъул председатель МухIамад Даудовасул («Лорд») бетIерлъиялда гъоркь Дагъистаналде бачIана ОМОНалъул цо къокъа ва добго бакIалда эхетизабуна игIлан. Даудовас лъазабуна, «жидерго ракьалда бокьараб гьабизе ихтияр бугин» абун. Гъизляралъул дагъистаниял гIажаиблъизаруна гьеб лъазабиялъ. Гьезда лъалебцин букIун гьечIо игIлан чIвараб ракь чачаназул кколеблъи.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул гIахьал­чи, ДРялъул НКОялъул координациялъул советалъул председатель ва жамгIияб комиссиялъул член Шамил Хадулаевас дида бицана, дагIба жеги хIалуцинабизе ва кьал ккезабизе хIаракат бахъулел гIадамалги камун рукIинчIин. Гьенире щвана ДРя­лъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги, ДРялъу­л МВДялъул министр МухIамад ГIаб­дурашидовги, транспорталъул ва нухазул магIишаталъул министр Ши­рухан ХIажимурадовги. БукIана гье­ниб нилъер ОМОНги.
Гьенир рукIаго, М. Даудовас бадибчIвай гьабун буго Гъизляр районалъул бетIер Александр Погореловасе: «Сонисеб лъугьа-бахъин ккелароан, районалъул гIадамазда бичIчIизабун букIарабани, гьаб ракь чачаназул бугеблъи. Гьелъие гIоло тIоритIизе кколаан жамагIатазул дандеруссинал, районалъулги росабазулги советазул депутатал дандчIвазе кколаан гIолилалгун. Гьебмехалда гьаб гIала-гъважа ккелароан», — абун.
Руго гьесул рагIабазулъ ри­тIухъ­лъиялъул мугьалги, амма гьев мекъи вуго: 1) Кинаб хIажалъи букIараб гьанже гьеб игIлан эхетизабизе? Ш. ХIажимурадовас бицана, шагьранухлул гьеб бутIаялъул тIалаб кидаго гьабулаанин Дагъистаналъул дорожниказ. 2) Щай Даудовас цадахъ бачараб ОМОН, гьев вагъизейищ вачIун вукIарав яги маслихIаталъейищ? Кин букIаниги, нилъер гIадамал хIалуцинаричIого, дурго ОМОН ри­кIкIадегIан битIеян абураб мехалда, гьев хехго гIенеккана гьеб пикруя­лъухъ ва ОМОН нахъе битIеян лъазабуна. Гьедин гьабизеги гьабуна.
Нилъер нухмалъиялъу­л вакил­забаз абуна, гьеб ракь хIакъикъа­тал­даги чачаназул бугилан. Амма хал­къалъул цIикIкIарасеб бутIаялъе гьеб рекIеего гIечIо. Руго гьелъие гIиллабиги.

ГIорхъи чIезабиялъул рахъалъ ДРя­лъул комиссияги дагIбаялъе гIиллаги

ГIорхъаби мухIкан гьариялъул иш байбихьана 2019 соналъул январалдаго. Чачаназ гьеб иш хехго рагIалде бахъинабуна. Нилъерал щурун рахъинчIо. Мулкалъул ва ракьазул гьоркьорлъабазул цIияв министрлъун тIамуна Агъарагьим КъагьирхIажиев. Гьев жигаралда лъугьун вукIана гьеб ишалда гъорлъе, амма дагь-дагьккун жигарчилъи чучлъана.
Гьелдасаги цебе, ай 2018 соналъул ноябралдаго, Ингушетиял­да ккарал лъугьа-бахъиналги кьочIое росун, Дагъистаналъул коммерци­я­л­ъу­лал гурел гIуцIабаз (НКО) – гьелда гъорлъ руго 40 сонил ригьалде рахинчIел дагъистаниял – гIуцIана Дагъистаналъулги Ча­чаналъулги гIор­­хъи мухIкан гьабия­лъул ра­хъалъ жамгIияб комиссия. Гьеб ишалда гъорлъ вукIана гьаб макъалая­лъул авторги. Рехсараб комиссиялъ тIобитIана цо чанго данделъи ва кIвар буссинабуна нилъер хIукуматалъ гьеб ишалъул тIалаб гьабунгутIиялде.
ДРялъул парламенталъул председатель Хизри ШихсагIидов нижгун дандчIвана 2019 соналъул февралалда. Гьениб къотIи гьабуна пачалихъияб комиссиялда гъорлъе жамгIияталъул экспертал рачине ва районазде цадахъал сапарал гьаризе. Цо тартибалда унеб букIана хIалтIи. Амма апрелалда хIаракат лъугIана. Дидаги «Цогояб Дагъистан» абураб жамгIиябгун политикияб гIуцIиялъул нухма­лъулесдаги Владимир Ивановас абуна: «ДандеккунгутIиял мухIкан­лъи­зегIан, комиссиялъул хIалтIи заманаялъ лъалхъизабун буго», — ян. ХIукуматалъул хъулухъчагIазда лъа­леб гьечIо щиб гьабилебали. На­хъетIамун толеб буго иш. Чачаназда «чIалгIун» батила, гIорхъиялъул ра­хъалъ нилъер рахъалдасан мухI­канаб жавабалъухъ балагьун чIун. Ва гьезги жидер ракьалда – Гъизляралда гIагарлъухъ букIаниги щиб – эхетизабуна нухлул игIлан, хадур­ккун суалал рижунгутIизе.
Чачаназе щвана ракIалдаго гьечIеб (нилъеразда гьедин кколеблъи лъалаан) жавабги. ЧIванкъотIараб хIук­му гьабизе власть хIинкъулеб ва щиб гьабилебали лъалареб мехалда, халкъалда гьоркьоб къадруги билун бугони, «кидаго гIадин ккола иш». Дида ракIалде щвана микьабилеб маялда букIараб дандчIваялда Владимир Ивановас абурал рагIаби: «Нилъеца заманалда лъалхъизабуна гIорхъабазул масъала…». Дица гьесда абилаан гьанже: «Бихьулищ, заманалда масъала тIубангутIиялъул хIасил кинаб кколебали?!» — ян. Щайха гьедин ккараб? Щайгуре­лъул гIорхъи чIезабиялъул масъалабазул хIакъалъулъ СМИяздасан бицунеб гьечIелъул. Дагъистаниязда лъаларо гьелъул хIакъикъат. Щайгурелъул ДРялъул Пачалихъияб комиссия хIалтIулеб буго хIинцго ва балъго. Буго цоги гIилла – Гъизляр шагьаралъул нухмалъиялъ, низамги цIуничIого, жидее бокьухъе ракьал хIалтIизари. Гьединго хIалтIи гьабулеб буго питна бекьизе бокьаразги. Гьелъ хIалуцинабизе буго нилъеразулги чачаназулги жамгIият.

Щиб гьабизе кколеб букIараб?

Гара-чIвариязул байбихьуда, ай 2019 соналъул январь-февралалдаго, чачаназ абулеб букIана ракьал хисеян абун. Хабар букIана 20-гIанасеб гектаралда сверухъ. Гьедин гьабуни, «Хасавюрт-Гъизляр» шагьранух Чачаналъул ракьалде гъорлъе ккелароан ва букIинаан нилъерго ракьалда. ГIорхъи мухIкан гьабиялъул гIемерисел масъалабиги тIуралаан гьебмехалда. БукIинароан дагIбаги. Нилъер хIукумат «ургъун бахъунебго гьечIо». Масъалаги тIубалеб гьечIо. «Гьабги нилъер, добги нилъер» абун рукIине бегьуларо. ХIажат буго, ращалъиги цIунун, ракь бикьизе.
Гъизляралда гIагарлъухъ бугеб чачаназул ракь хIажат бугеб къагIида бакIалъулал хIакимзабазе. Гьез, лъиданиги дандбачIого, картабазухъги балагьичIого, гьеб ракь босун буго кадастралъул хIисабалде ва, мехго бачIого, гьабун буго гье­лъул приватизация. Хадуб, 1942 соналъул координатазда рекъон, (1958 соналъул карта) гьеб ракьул бутIа ЧРялъул кколеблъи бициндал, гьез (Гъизляралъул нухмалъиялъ) жидерго чукъа-рахханалъул кумекалдалъун бахъинабуна ахIи-х1ур. ХIакимзабазул хъантIиялъеги кIигьумерчилъиялъеги ахирго гье­чIо. Лъица гIадамал ригъинаруралали бигьаго чIезабизе бажарула, гъира бугониха. Нижеца, ай жамгIиятчагIаз абулеб буго рачIа кинабго гIакъилго гьабизейилан. Кье бюджеталде приватизация гьабураб ракьухъ букIине кколеб налог, кье чачаназе гьелде рекъонкколеб ракьул бутIа цогидаб бакIалдаса ва лъугIана хабар. Биччанте хадубккунисеб хIал­тIи, ай жидее бокьухъе ракь хIал­тIизабиялъулги, тунка-гIусиялда халкъ тIамиялъулги гIайибиязул ра­хъалъ иш, низам цIунулел идарабаз роцIинабизе.

Щиб гьабизе бегьулеб?

Гьанир рехсолел руго «Цогояб Дагъистан» абураб жамгIиябгун политикияб гIуцIиялъул нухмалъиялда гъоркь 12 июналда тIобитIараб цадахъаб данделъиялда (гьелда гIахьаллъана щугоялдаса цIикIкIун жамгIияб гIуцIиялъул вакилзаби) къабул гьарурал малъа-хъваял.
1. ДРялъул парламенталъулаб комиссиялъул статус хисизабизе ккола – гьеб букIине ккола ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасе мутIигIаблъун; букIине бегьула гьеб ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараблъунги.
2. Гьеб комиссия гьабизе ккола пачалихъиябгун жамгIияблъун ва гьелда гъорлъе рачине ккола жамгIиял гIуцIабазул щугониги вакил-эксперт; гьелде рекъонкколеб, ай Пачалихъиябгун жамгIияб комиссиялъул статус тасдикъ гьабулеб, подзаконияб акт къватIибе бахъизе (ДРялъул бетIерасул указ яги ДРя­лъул Халкъияб Собраниялъул хIукму). Гье­лъул тIоцебесебго данделъиялда тасдикъ гьабизе Программаги Комиссиялъул хIалтIул планги.
3. Комиссиялда тIадаблъун гьабизе щибаб моцIалъ, гIорхъаби мухIкан гьариялъул рахъалъ ккарал хиса-басиязул хIакъалъулъ бицун, пресс-конференциял тIоритIи.
4. Загьир гьабизе Дагъистаналъулги Чачаналъулги цадахъаб жамгIияб комиссия (яги совет) гIуцIизе кколин абураб ва вацлъиялъул халкъазе пайдаял проекталгун пикраби хIадуриялъул хIакъалъулъ пикру.
Денга Халидов,
ДРялдаги ЧРялдаги гьоркьоб гIорхъи чIезабиялъул рахъалъ гIуцIараб жамгIияб комиссиялъул эксперт, ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул хIалтIулаб къокъаялъул нухмалъулев