Анкьил хIасилал

Гъизляр районалда цIияб завод

Сар-Сар росулъ «Нива» абураб ОООялда хIадуризе буго пиринчIалъул крупа

Гьеб ккола Северияб Кавказалъул федералияб округалдаго бищун кIудияб завод. Гьелъ 60 магIишаталъухъа бичун босизе буго пиринчI.
Завод рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъарав ДРялъул бетIер Владимир Васильевас гьадин абуна: «Ахираб заманалда нилъеда кIвана кIигогун бащдаб нухалъ пиринчI бекьулеб ракьул къадар цIикIкIинабизе. ГьабсагIаталда гьеб бекьулеб буго 19 азаргоялдаса цIикIкIун гектаралда. Цо гектаралдаса бакIарула 42,6 центнер ва гьелъул гIаммаб къадар бахуна 81 азаралда ичIнусго тоннаялде. Республикаялда буго пиринчIалъул чеказул кинабниги 46100 гектар, амма гьелъул бащдаб гурони хIалтIизабуларо. ГIолеб гьечIо лъим», — ан.
Васильевас бицана республикаялъул лъалъадулеб комплексалда ругел масъалабазул хIакъалъулъги. «Аслияб къагIидаялда пиринчI бекьула Гъизляр районалъул магIишатазда. Гьединлъидал гьел магIишатазе лъалъадизе лъим чIезабиялда тIад ургъизе ккола», — ан бицана гьес.
«Нива» ОООялъул генералияв директор Загьидин Къасумовас республикаялъул нухмалъиялъе баркалаги кьолаго, гьадин абуна: «ДРялъул росдал магIишаталъул кумекалдалъун нижеца Сар-Сар росулъ гIумруялде рахъинарулел руго социалиял проектал. Бажарана хIажатаб инфраструктура гIуцIунги. Росулъе бачана лъимги токги, бана гьанжезаманалъул нух ва спортивияб майдан, ралел руго культураялъул рукъалъеги лъималазул ахалъеги минаби. Гьединлъидал росдал гIолилал росу тун унаро ва нижецаго хIадурула заводалъе хIажатал хIалтIухъабиги», — ян бицана гьес.
Заводалъул буго 22 машина, гьезда гьоркьоб – анлъго комбайнги; къватIисел улкабаздаса бачIараб пиринчI хIалтIизабулеб гьанжезаманалъул технологиягун техникаги.
Гъизляралда вукIаго, Владимир Васильев щвана «Концерн КЭМЗ» ОАОялдеги. Гьелъул генералияв директор Ибрагьим АхIматIовасда цадахъ гьес халгьабуна заводалъул цехазухъги «Терек» абураб санаторий-профилакториялъухъги.
Гьезда цадахъ вукIана Гъизляр шагьаралъул бетIер Александр Шуваловги. Гьесулгун гара-чIвариялда бицана шагьаралда гьекъолеб лъим чIезабиялъул масъалабазул хIакъалъулъ.
Гьелдаса хадуб ДРялъул бетIерас тIобитIана муниципалиял гIуцIабазулгун данделъи. Гьелда бицана «Шагьаралъул санагIатаб сверухълъи гIуцIи» абураб программаялъул. Данделъиялдаса хадуб гIуцIун букIана батIи-батIияб темаялда тIасан чанго семинар. Семинаразда бицана шагьаралде бацIцIадаб гьекъолеб лъим бачиналъулги, лъел мухъал цIигьариялъулги, токалдалъун росаби хьезариялъулги, «Земский доктор» абураб программа гIумруялде бахъинабиялъулги хIакъалъулъ.