Насраниязул байрам

Иерусалималъул килисаялдаса баракатаб цIа Дагъистаналдеги бачIана

 

Насраниязул пасха кIодо гьабулел къоязда баракаталъу­лабин абулеб цIа щвезабула ду­няла­лъу­л щибаб бакIалде. Насраниязе гьеб ккола кIудияб бай­рамлъун. Гьал къояздайин абуни, Иерусалималдаса гьеб цIа бачIана Дагъистаналдеги. Республикаялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас бицана дагъистаниял-насраниязда байрам барканин муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасги, ягьудиязул жамгIияталъул вакил Валерий Дибияевасги.
«Гьеб ккола гIолеб гIелалъе ватIан бокьиялъулгун рухIияб тарбия кьейлъунги», — ян абуна министрас.
МахIачхъалаялъул ва Грозныялъул архиепископ Варлаамида байрамги баркун, ДРялъул бетIер Владимир Васильевас гьесухъе кьуна пасхаялде хIадурулел хасал гьуинчадал – куличал.
«МахIачхъалаялда гIумру гьа­булеб буго Шахсалан ГIисае­валъ. Гьей ккола кондитеразул искусствоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда чIел босарай бусурманчIужу. Гьелъ гьал гьуинчадал хIадурана ва со­боралде рачIунел насраниязе сайгъаталъе ритIана. Гьеле гьединаб буго гIемермиллатазулаб нилъер Дагъистан», — ан бицана ДРялъул бетIерас лъималазе сайгъатал рикьулаго.
Хадуб гьес киназдаго байрам баркана ва гьарана рекъелгун хинлъи.