ХIужаби ва тарихал

Россиялъул мискинзаби

Язихъазул къадар – 19 миллион чи

РФялъул Пачалихъияб Думаялда кIалъалаго, хIукуматалъул нухма-лъулев Дмитрий Медведевас баян кьуна гьабсагIаталда улкаялда вугин гIумру гьабиялъе чара гьечIого хIажалъулеб къадаралда гIарац щоларев 19 миллион чи. Гьелъул магIнаги ккола тIабигIиял сурсатаздалъунги магIданаздалъунги, ай сундулго ра-
хъалъан бечедаб улкаялда гьеди-гIанасеб къадар гIадамазул язихълъиялда бугин абураб. Премьер-министрас бицухъе, мискинлъиялде данде къеркьеялъул мурадалда улкаялда гIуцIизе буго гьединал гIадамазул реестр.
«Жакъа къоялде ругел баяназда рекъон, 19 миллион мискинчи улкаялда вукIин, расги лъикIаб хIужа гуро. Гьеб ахIвал-хIал хисизабиялъул мурадалда хIукуматалъ хIалтIиги гьабулеб буго. Масала, лъагIалида жаниб кIвана мискинзабазул къадар 400 азарго чияс дагь гьабизе», — ян абуна Дмитрий Медведевас. Амма гьес бицинчIо кин хIукуматалда 400 азарго чи мискинлъиялъул квачIикьа хвасар гьавизе кIваравали. БицинчIо хутIарал чагIи язихълъиялдаса кидал рорчIизе ругелалиги. ПалхIасил, хIукуматалъ гьединал чагIазе кумек гьабизе бугин абуна, амма мухIкан гьабичIо кумек гьабиялъул къагIидаби.
ХIабиб МухIамадов