ЕГЭ

ЦIалдани – бажарула

Исана экзамен кьезе буго 12 азарго цIалдохъанас

Рособрнадзоралъул нухмалъулес Дагъистаналда тIобитIана иргадулаб данделъи. Гьеб нухда бачарав ДРялъул бетIер Владимир Васильевас абуна ахирал соназда ЕГЭ кьеялъул къагIида мухIкан гьабиялда бан, Дагъистаналъул цIалдохъабаз лъикIал хIасилал рихьизарулел ругин. Рособрнадзоралъул нухмалъулев Сергей Кравцовас ракIалдещвезабуна ЕГЭялда букIараб ришватчилъи тIагIинабиялдалъун ккараб хIасилги.

«Дун щола батIи-батIиял регионазде ва гьенибги бицуна Дагъистаналда ЕГЭ кьеялъулъ гIадлу чIезабунин абун. 11 соналъ школалда цIаларав чиясухъа бажарула ЕГЭ кьун. Аттестат щвезе ккани, кьезе ккола гIурус мацIалъул экзаменги (гье-лъие гIола 24 балл) ва математикаялъул базовияб бутIаги. Жавабияб бербалагьи букIине ккола ичIабилеб класс лъугIулел цIалдохъабазул экзаменаздеги», — ян бицана Кравцовас.
Дагъистаналда ЕГЭялде гьабураб хIа-дурлъиялъул хIакъалъулъ бицана ДРя-
лъул вице-премьер Уммупазил ГIума-ровалъги. «Исана ЕГЭ кьезе буго 12 азарго выпускникас ва аслияб пачалихъияб экзамен – 35 азаралда ункънусго цIалдохъанас. ЕГЭялдагун ОГЭялда гIахьаллъизе вуго 4328 чи – педагогалги, лъайкьеялъул идарабазул нухмалъулелги, гIуцIарухъабиги, техникиял махщелчагIиги», — ян бицана вице-премьералъ.