Марталда къараб школа

Судалъул хIукмуялдалъун къана Ингердахъ росдал гьоркьохъеб школа

 

ЦIалул соналъул бакьулъ ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росдал гьоркьохъеб школа къана. Школалда цIалулев вуго 130-гIана­сев цIалдохъан. Гьеб къаялъе гIиллалъунги ккана чIабаралда, ай гIо­доб кьабураб хъорщода гъоркь сахлъиялъе заралияб ккал (грибок) бати. Гьеб суал тIубазегIан, судалъул хIукмуялда ре­къон, школа заманаялъ къалеб буго. Школа къая­лъул хIакъа­лъулъ гIатIидго хъвазе буго хадусеб номералда.