ТIисси-Ахикь цIадул балагь

В. Васильев: «ЦIумадисел гIадал гъункарал гIадамал дида рихьун рукIинчIо»

 

КIиабилеб марталъул сардилъ бахъана ахIи ЦIумада районалъул ТIисси-Ахикь росу бухIулеб бугин ва социалиял гьиназдасан гьарулеб букIана, кумекалъе вахъине бажари бугев чи гьениве вачIаян абун. «Кутакаб гьури бахъун буго, цIа свинабизе квалквал гьабулеб буго гьелъ. Гваргъун рекIараб цIаялъ аскIоре къазе толел гьечIо», — ян цIа ккараб сордоялъго телефоналдасан бицана Агъвали росдал больницаялъул тохтур Марина МухIамадовалъ.

Хасалил заманалда гьединаб балагьалъукье ккарал гIадамазда гурхIичIого хутIуларо. Гьединлъидал, умумузул гIадаталда рекъон, сардил заман бугин абун чIечIо цIумадиселги мадугьалзабиги. «Сверухъ ругел росабалъаги мадугьалихъ ругел районаздасаги магIарулал рачIана кумекалъе. ЦIа свинабизе рачIана полициялъул хIалтIухъабиги цIа свинабулезул къокъабиги. Цадахъаб хIаракаталдалъун цIадул квачIикьа бахъана росдал цIикIкIарасеб бутIа. Амма 16 мина бухIана: 11 тIубанго ва щугоялъе гIураб зарал ккана. ТалихIалъ, цониги чиясе зарал ккечIо. 64 чи (гьезда гьоркьоб буго анкьго лъимерги) махIрумлъана мина-карталдаса. Нижеца Агъвали росулъ хIадурун букIана гьезие бакI. Амма, къварилъи ккарав чи къватIахъ толеб гIадат магIарулазул гьечIелъул, гьелги жидехъего рачана гIагарлъиялъ. ТIисси-Ахикь росдал школалда гьечIо гIадамазе гIумру гьабизе рес. ХIукму гьабуна киналго рухIарал минаби цIигьаризе.
ГьабсагIаталда бахъулеб буго росулъе нух. Районалде вачIун вукIана РФялъул МЧСалъул вакил Андрей Гуровичги. Гьабулеб буго кумек. Дихъе кIалъалел руго тIолабго улкаялдасаго дагъистаниял кумек гьабизе бугинги абун. Республикаялъул росабалъагун шагьараздасаги кумек щвана. Дица гьезие киназего, районалъул нухмалъиялъулги къварилъи ккарал гIадамазулги рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркалаги загьир гьабула. Аллагьас нилъ кидаго цIунаги балагьаздаса», — ян абуна ЦIумада районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас.
МЧСалъул баяназда рекъон, цIадул балагьалъукье ккезе течIого, цIунун бажарана 73 мина.
ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул баяналда рекъон, медицинаялъул кумек гьабизе хIадурго чIун букIана хехаб кумекалъул кIиго бригада, амма гьединаб кумек хIажат бугин абун, цонигияс хитIаб гьабичIо.

ДРялъул МЧСалъул данделъи

Нахъисеб къоялъ ТIисси-Ахикье щвана ДРялъул бетIер Владимир Васильев. Гьес халгьабуна росдал бугеб ахIвал-хIалалъухъ, хадуб тIобитIана районалъул нухмалъиялъулгун ва республикаялъул министерствабазул вакилзабазулгун цадахъаб видео-конференция. Гьениб дандбалеб букIана щибаб министерствоялъ росдае кумек гьабиялъул масъала. Масала, бухIун буго лъабго токалъул хIуби ва жагъаллъун буго токазул кваразул 600 метр. Газалъул рогIрал рачун руго, амма жеги газ биччан гьечIо. «Бахиллъана гIадамазул сабурлъиялдаги гьезул цолъиялдаги. Мадугьалихъ росабалъа лъималцин рачIун руго цIа свинабизе кумекалъе», — ян абуна ДРялъул бетIерас данделъиялда.
Данделъиялдаса хадуб В. Васильевас гара-чIвари гьабуна гIадамазулгунги. Гьес гьикъана щиб кумек хIажат бугебин ва рагIи кьуна къварилъи ккаразе квербакъизе. «ГьабсагIаталда ДРялъул министерстваби хIалтIулел руго росдае кумекалъе ресал ратиялда тIад. Масала, росу газалдалъунги токалдалъунги хьезабиялъул масъалаялда тIад – районалде рачIине руго «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООя-лъул нухмалъулел. Байбихьизе буго росулъе газ бачиналъе хIалтIиги. Кьезе буго къварилъи ккарал хъизамазе гIарацги. РФялъул МВДялъул ДРялда бугеб миграциялъул суалазул управлениялъулгун къотIи гьабун буго рухIарал документал цIигьариялъул хIакъалъулъги», — ян абуна республикаялъул нухмалъулес.

МЧСалъул вертолет

РФялъул президент Владимир Путиница лъазабуна къварилъи ккарал дагъистаниязе кумек гьабеян абун. Гьелда бан, Дагъистаналде рачIана РФялъул МЧСалъул министрасул заместитель Андрей Гуровичасул нухмалъиялда гъоркь рехсараб министерствоялъул вакилзаби. Гьезул гIахьаллъигун лъабабилеб марталда МахIачхъалаялда тIобитIана данделъиги.
Гьениб ДРялъул бетIерас бицана ЦIумада районалъул ТIисси-Ахикь бугеб хIалалъулги кумекалъе гIуцIарал тадбиразулги хIакъалъулъ. «ГIадамаз абулеб букIана гьединал балагьаздаса цIуниялъул мурадалда, росу тIарада лъел хIавузал гьаризе кколин. Гьениса лъим хIалтIизабизе бегьила хурзалгун ахал лъалъазеги», — ян абуна гьес.
«Улкаялъул президентасул тIадкъаялда рекъон, республикаялде рачIине руго цIа свинабиялъул къагIидабазул рахъалъ кумек гьабизе бажари бугел махщелчагIи. Халгьабиялъул хIасилалда чIезабизе буго федералияб бюджеталдаса кумекалъул къадарги. ГIадамазе гьабсагIат хIажат буго кумек. Гьеб гьаби ккола нилъер аслияб масъала», — ян абуна А. Гуровичас.
Амма, РФялъул МЧСалъул вакиласул пикруялда рекъон, цIа свинабулезул ишалъе квалквал гьабулеб хIужалъун ккола Дагъистаналъул МЧСалъул гьелъие рекъонкколеб вертолет гьечIолъи. Гьаваялдасан лъим чвалхизе рес букIарабани, цIаги хехго свинабун бажарулаанин абуна гьес.
Гьеб пикруялъул рахъги кколаго, гьадин абуна Владимир Васильевас: «Кутакаб гьури – гьебги букIана кIудияб квекIенлъун. Хехго цIа тIибитIизабуна гьелъ. МугIрузул тIабигIаталъ рес кьоларо бухIулеб минаялде аскIобе щвезегIан цIа свинабулезул машина бачинеги. 200 метралъул манзилалдасан лъим кьабулеб букIана цIа свинабулез. Гьединлъидал Дагъистаналъул МЧСа-лъул чарагьечIого букIине ккола вертолет», — ан.

Кумекалъе рахъана

ТIисси-Ахикь росдал балагь ккарал гIадамазе кумекалъе чIобого цIул кьезе бугин лъазабуна ДРялъул Рохьил магIишаталъул комитеталъул нухмалъулев ГIалибег ХIажиевас. «Нилъер ракьцоязде бачIун буго балагь. Нилъецаги гьабизе буго гьезие бажарараб кумек. «ЦIумадисезул рохьихъанлъи» ГКУялъул нухмалъулесда дица лъазабуна, минаби гьечIого хутIарал гIадамазе хIажатаб цIул чIобого кьеян», — илан абуна ГI. ХIажиевас.
Чачан Республикаялъул бетIер
Рамзан Къадировасги АхIмад-хIажи Къадировасул цIаралда бугеб фондалдаса росдае кьуна 10 млн гъуруш. Гьесул вакил Шамил Завуровас гIарац кьуна жамагIаталъухъе, къварилъи ккаразда гьоркьоб бикьеянги абун.
Ункъабилеб марталда ТIисси-Ахикь росдал школалда цIиял паспортал кьуна минабиги документалги рухIарав 10 чиясе. Хехаб заманалда документал цIигьаризе хIаракат бахъана ЦIумада районалъул миграциялъу-лаб хъулухъалъул хIалтIухъаби Заур МухIамаднабиевасги Аминат Давудовалъги. ГIагараб заманалда хутIаразеги документал кьезе руго.
Кавсарат Сулейманова