РацIцIалъи – сахлъиялъул бетIер

Дагъистаниял рищни-къул батIа гьабизе ругьунлъизе руго

 

2019 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе рищни-къул (ТКО) баччиялъул рахъалъ гьарурал хиса-басиязул хIасилалда, гьеб хъулухъа-лъухъ гIарац кьеялъул къагIидаги хисизабуна. «Рищнидул реформаялда» рекъон, гIадамал ругьунлъизе ккола рищни-къул батIа гьабиялъул цIияб къагIидаялде. Дагъистаналдаги ункъо батIияб регионалиял операторлъиялъул фирмаби хIалтIизе байбихьана.
Рищни баччиялъул хъулухъал гьарулел бакIазда гьоркьор руго республикаялъул киналго районалги. Рищни баччулел машинабицин киданиги рихьичIел росабалъ кинаб къагIидаялда регионалияв оператор хIалтIизе вугевали бичIчIуларо. «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде суалал рачIуна ТКОялъухъ гIарац росабалъги шагьараздаги цого къагIидаялъищ кьезе бугебиланги гьикъун. Гьелъул ва «рощнол реформаялда» рекъон, коммуналиял хъулухъазулъ лъугьарал хиса-басиязул хIакъалъулъ нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул тIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевасулгун.

— Коммуналияб хъулухъалъухъ, ай рищни баччаралъухъ республикаялда багьа цIикIкIинабунищ?
— 2019 соналдаса нахъе рищни-къул баччи ккола коммуналияб хъулухълъун, гьелъухъ гIарац кьезе ккола газалъухъ, лъехъ ва токалъухъго гIадин. Гьединлъидал, цогидал коммуналиял хъулухъазухъ гIадин гьелъухъ гIарац кьеялъулъги хиса-басиял ккана.
Цебе рищни баччаралъухъ квартирабазул ва хасал минабазул бетIергьабазухъа мухь босулаан гьез гIумру гьабун бугел бакIазул квадратиял метрабиги хIисабалде росун. 2019 соналъул январь моцIалдаса байбихьун, ТКОялъухъ гIарац босулеб буго квартираялда яги минаялда гIумру гьабулел ругел гIадамал рикIкIун. Январь моцIалдаса байбихьун, масала, МахIачхъалаялда гIемертIалаял минабахъ гIумру гьабулез ТКОялъухъ кьезе ккола цо чиясухъа 64 гъуруш, минабахъ гIумру гьабун ругезул цо чияс – 74 гъуруш. Цебеялде дандеккун, республикаялда гьеб мухь цIакъго хиралъун гьечIо. Цебе рощнохъ цо чияс 49 гъуруш кьезе кколаан.
— Рищни баччаралъухъ тарифал кин ва щибги хIисабалде босун чIезарулел?
— «Производствоялъул ва ро-къоб хIалтIизабураб къайиялъулгун нигIматазул лъугьараб рищни-къулалъул хIакъалъулъ» абураб федералияб законалдаги, РФялъул хIукуматалъ чIезабураб низамалдаги рекъон, РФялъул субъектазул исполнительнияб власталъул гIуцIабаз чIезарула рищни-къул баччаралъухъ регионалиял операторазе кьезе кколеб мухьалъул тарифал.
Дагъистаналда, ТКОялъухъ кьезе кколеб гIарцул къадар чIезабула тарифазул рахъалъ республикаялъулаб хъулухъалъ (РСТ).
Рищни-къул батIа гьабун къачIаралъухъ, сверухълъиялъе
ва гIадамазе зарал ккеларедухъ бацIцIад гьабуралъухъ ва рищни-къул ракьулъ букъиялъухъ бакIарулеб гIарцул тариф чIезабула гьал хадур рехсарал къагIидабиги хIисабалде росун: гьеб хIалтIи гьабулелъул тIад унеб гIарац рикIкIуна, индексациялъул къагIида хIалтIизабула, гьеб рахъалде риччарал инвестициязул хадубккун пайда босула.
Тарифал чIезарула гIадамаз къалазухъе балеб рощнол гIемерлъиялъухъ ва бакIлъиялъухъ балагьунги. ТКОялъухъ чIезарурал тарифаз бецIизе ккола рищни-къул полигоналде баччаралъухъ, ракьулъ букъаралъухъ ва цогидалги гьарурал хIалтIабазухъ араб гIарац.
РСТялъул баяналда рекъон, регионалиял операторазе рищни-къул баччаралъухъ цогоял тарифал чIезаруна, церехун рукIарал тарифазул 3-4 проценталъ индексацияги гьабун.
Регионалиял операторазул хъулухъазухъ кьолеб гIарцул тарифал чIезарула рищни-къулалъул цо кубалъухъ цо гъурушги хIисабалде босун.
— Квартираялъуб яги минаялъуб гIумру гьабун ругин абун хъвай-хъвагIай бугел (прописка), амма цогидаб бакIалда гIумру гьабун ругел гIадамаз, пропискаялда рекъонищ рощнохъ гIарац кьезе кколеб?
— Квартираялда прописка бугев чи цогидаб шагьаралда гIумру гьабун вугони, гьес гьеб квартираялда ТКОялъул хъулухъалъухъ гIарац кьезе кколаро. Прописка гьабураб, амма гIумру гьабун гьечIеб бакIалда рощнохъ гIарац кьезе ккеларедухъ, регионалияв операторасухъе гIарза ва цогидаб бакIалда заманаялъ гIумру гьабун вукIиналъул документ кьезе ккола.
— Минаялъулги квартираялъулги хважаинлъун кколев чияс кин кьезе кколеб ТКОялъухъ гIарац, цоялъухъ кьураб гIоларищ?
— Жилищнияб кодексалда рекъон, нагагь цо чиясул чанго мина яги квартира бугони, гIицIго жинцаго гIумру гьабун бугеб бакIалда гуребги, гьес ТКОялъухъ гIарац кьезе ккола гьесул бетIергьанлъуда ругел киналго бакIазул адресазда рекъон.
Гьеб хъулухъалъухъ кьун букIараб гIарац тIадбуссинабизе бегьула (перерасчет), масала, гьев чи цогидаб шагьаралда гIумру гьабун яги сапаралъ ун вукIун ватани. Гьелъие гIоло, регионалияв операторасухъе кьезе ккола гьев чIараб шагьаралдаса справка ва регистрация гьабураб бакIалда пуланаб заманалъ жив вукIинчIолъиялда бан, ТКОялъул хъулухъалъухъ кьураб гIарац тIадбуссинабеян гьарун хъвараб гIарза. Хадусеб моцIалъ ТКОялъухъ гIарац босулеб квитанциялда, цебесеб моцIалъ перерасчет гьабураб гIарцул къадарги тIаса бахъун, хутIараб багьа гурони бихьизабун батуларо.
Гьединго, рощнохъ кьураб гIарац тIадбуссинабизе бегьула, квартираялъул яги хасаб минаялъул бетIергьабазул хъизамалдаса цоял цогидаб шагьаралда цIалулел ругони. Перерасчет гьабизе ккани, цIалулеб бакIалдаса справка яги заманаялъ пуланаб бакIалда гIумру гьабулеб бугин абураб документ къваригIуна.
— ТКОялъул хъулухъалъухъ бигьалъаби (льготаби) рихьизарун ругищ?
— Цогидал коммуналиял хъулу-хъазухъго гIадин, ТКОялъухъ гIарац кьолелъул пенсионеразе, сакъатазе ва гьел гурел цогидалги халкъалъул загIипаб бутIаялъе бигьалъаби рихьизарун руго.
— Шагьараздаги росабалъги гьеб гIарац цого къагIидаялъищ кьезе кколеб?
— Коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гIарцул къадаралъул хIисаб гьабула шагьаралдаги районаздаги данде бакIарараб рищнидул къадарги хIисабалде босун. ГIемертIалаял минабаздаги хасал минабаздаги гIумру гьабун ругезухъа гIарац батIи-батIияб къагIидаялда босула. Росулъ гIумру гьабун ругезухъа босулеб гIарцул къадарги шагьаразда гIумру гьабун ругезде дандеккун дагьаб букIине буго.
— ГIемерисел росабалъ рищни-къул бухIула, ракьулъ букъула яги лъаралъе рехун батула. Гьедин тIагIинабун гурони, рищни баччизе рикIкIадал росабалъе нухмалъиялъул компаниял ра-чIунароан. Росулъ гIумру гьабун ругез регионалияв операторасулгун къотIи-къаялдаса инкар гьабизе ихтияр бугищ?
— РФялъул жилищнияб кодексалъул №30 статьяялда рекъон, квартираялъул яги минаялъул бетIергьанасда тIадаб буго, регионалияв операторасулгун ТКОя-лъул рахъалъ къотIи-къай гьабизе.
(Хадусеб 7-аб. гьум.)
Гьелъул проект лъола киназдаго бихьиледухъ компаниялъул сайталда, гьединго къотIи-къай гьабизе бегьула регионалияв операторасул офисалдаги.
ТКОялъулгун хIалтIи гьабиялъул низамазда рекъон, квартираялъул яги минаялъул бетIергьанас регионалияв операторасухъе гIарза ва документал ритIичIони, рищни-къул бакIариялъул хъулухъалъул къотIи гьабураблъун рикIкIуна регионалияв операторасул сайталда проект лъуралдаса 15 къо ун хадуб.
— «Рищнидул реформаялда» рекъон, кинаб къагIидаялъ ва кибе росабалъа рищни баччизе бугеб? Гьенирги къалал лъезе ругищ?
— Росабалъ рищни бакIариялъул ва баччиялъул хIалтIи гьабизе ккола шагьараздаго гьабулеб гIадин. РФялъул хIукуматалъ 31.08.2018 соналда гьабураб бихьизабиялда рекъон, къабул гьаруна рищни-къул бакIарулел бакIазда контейнерал лъун, гьеб къачIазе, гьеб закон хIалтIизе байбихьана 2019 соналъул тIоцебесеб январалдаса. Рищни балел къалал ва гьеб лъезе бакI бихьизабизе ккола бакIалъулал нухмалъиялъул гIуцIабаз. ТIабигIат цIуниялъул законазда рекъон, рищни-къул жидецаго бакIаризе, гьеб бухIизе ва лъелъе рехизе гьукъараб буго. Гьелъухъ административияб тамихI гьабизе ресги буго.
— Республикаялда рищни-къул батIа гьабиялъул къагIида гIумруялде бахъинабизе бугищ?
— ДРялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ гIуцIун буго рищни-къул батIа гьабиялъул къагIида. Жакъа МахIачхъалаялъул Ленинский районалда гIуцIун буго, рищни-къул батIа гьабун балеб, гьанжесеб къагIидаялъул контейнеразул 20 майдан (гьезул цояб буго Европая-лъул стандартазда рекъон гьабураб).
Гьеб гуребги, ДРялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ дагъистаниязул экологияб культура букIинедухъ, рацIцIалъи цIуниялде гъира бижиледухъ рищни-къул батIа гьабиялъул рахъалъ школазда экологиял дарсалги тIоритIулел руго.
ПатIимат СултIанмухIамадова