Анкьил хIасилал

КъватIисезул бакIалда — нилъералго

Росдал магIишаталъе хIажатал хьонал Дагъистаналдаго гIезаризе руго

29 январалда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIа­раб данделъиялда гIахьаллъана «Овощал гIезариялъул федералияб гIелмияб центр» абураб федералияб пачалихъияб гIелмияб идараялъул директор Алексей Солдатенко.
Республика цебетIезабулеб асли­­яб нухлъун Васильевас рехса­на Дагъистаналъул нухмалъия­лъул­ги, гIалимзабазулги, рос­­­дал магIишаталъул махщелчагIа­зу­­л­­ги цадахъаб хIаракат. «Цадахъаб хIа­ракаталдалъун рес щола ругел шартIаздаса цIикIкIун пайда босизе. Дагьалъ цеве дун дандчIвана «Бабушкино лукошко» абураб лъималазе нигIматал хIадурулеб кIудияб компаниялъул вакилзабигун. Гьез абуна, жидее цIакъ гIоларого бугин кабачок ва цогидал овощал. Щивав чи ургъизе ккела: сундул букIунеб цIикIкIараб пайда – хьонал ричиялъулищ яги гIезарун овощал ричиялъулищ?
Нилъер республикаялда цебегоялдаса нахъе хIалтIулеб буго овощал гIезарулеб федералияб гIел­мияб центр. Дагъистаналда гIезарурал хьонал ричула тIо­лабго улкаялда. Гьезие бокьун бу­го республикаялда гIуцIа­раб хIал­­тIи жеги гIатIид гьаби­зе», — ­я­н бицана гьес.
Алексей Солдатенкоца бицана гIелмияб институталъул планазул хIакъалъулъ. «Овощазул хьонал гIезариялъул рахъалъ цебехъанлъун буго Дагъистан. Гьелъул кIудияб бутIа буго улкаялдаго гIезарурал овощазул ра­хъалъги. ГьабсагIаталда Россиялде рачIу­на къватIисел улкабаздаса хьонал. Гьезул бакIалда нилъералго чIезаризе хIаракат гьабизе ккола. Улкаялъ хьонал росизе кколел руго 7-8 млрд гъуршиде. Гьебго заманалда овощазул ва бахчаялда гIезарулел нигIматазул хьонал гIезарулел руго гIицIго кIиазаргоялдаса цIикIкIун гектаралда, хIажалъулеб буго 17 азаргониги гектар ракьул. Дагъис­таналъул гьава-бакъ цIакъ ре­къонккола хьонал гIезариялъе. Гьаниб хьонал гIезариялъул центр рагьани, импорталъул хьонал хисиялъул масъала тIубазе бигьалъула нилъее, хIата ресцин щола нилъерго хьонал къватIисел улкабазда ричизе», — ян бицана гIелмияб централъул директорас.
Хьоназул центр рагьиялда бан дандчIвазе бегьулел масъалабазулги гьел тIураялъе санагIатал нухазулги хIакъалъулъ данделъиялда бицана «Дагъистан Республикаялъул федералияб аграрияб гIелмияб центр» абураб ФНБУялъул директор ХIасан Догеевасги, «Кавказалъул хьонал» абураб «Росдал магIишаталъул гIелмиябгун производствоя­лъул фирма» ОООялъул генералияв директор СолтансагIид ИсмагIиловасги, цогидазги.
ДРялъул хIукуматалъул ви­це-премьер – ДРялъу­л рос­дал ма­гIишаталъул ва ква­нил нигIматазул министр ГIаб­­дулмуслим ГIабдул­мусли­мо­­вас гьадин бицана гьаб­сагIаталда республикаялда бугеб хIалалъул хIакъалъулъ: «Республикаялда гIуцIун буго хьонал гIезарулеб ункъо магIишат: Гъиз­ляр района­лъул «Нива» ОООял­даги, «Сириус» ОООялда­ги ва Хасавюрт районалъу­л Кировасул цIаралда бугеб ХIал­бихьиязулгун производствоялъул ма­гIишаталдаги гIезарула могьолал культурабазул хьонал. «Н. И. Вавиловасул цIаралда бугеб Хурдузул генетикиял сурсатазул тIолгороссиялъул институталъул федералияб гIел­мияб центр» абураб ФГБУялъул Дагъис­та­налъул хIалбихьиязул станциялда бугеб хьонал гIезарулеб магIишаталъ хIадурула овощазулги могьолазулги хьонал, ва гьеб идараялъ, жидеего бокьун, гьабула сертификацияги.
Дагъистаналдаго гIезарурал тIа­де­гIанаб даражаялъул хьоназда­лъун республикаялъул росдал магIи­шаталъул производителал хьезарун руго 3-5 проценталъ, хутIараб бичун босула цогидал регионаздаса. Рекьулел могьолал культурабазул хьоназдалъун республика хьезабун буго 65 проценталъ ва овощазул – 15 проценталъ», — ан бицана министрас.
Гьес лъикIаб къимат кьуна Овощал гIезарулеб федералияб гIел­мияб централъулгун цада­хъаб хIал­­тIиялъе. «20-ялдаса цIикIкIун со­налъ гьебгун хIалтIулеб буго Да­гъистаналъул гIелмияб центр. Гьелъул гIалимзабаз Дербент районалъул Жамикент росдал жалго бетIергьанал магIишатазул 10 гектаралда хIадурулел руго хъа­пус­тIаналъулги, дайкона­лъулги, чIа­кIултIаналъулги, кольраби тайпаялъул хъапустIаналъул ва цогидалги овощазул хьонал. Кинабниги лъагIалида жаниб хIадурула щугоялдаса цIикIкIун тонна хьоназул ва гьел ритIула федералияб гIелмияб централде. Техникаялъул рахъалъ кумек гьабуни, гьел магIишатаз хIадуризе руго жеги цIикIкIун хьонал», — ан бицана ГI. ГIабдулмуслимовас.
«ХIалтIи бигьаяб гьечIо, буго конкуренцияги. Гьединлъидал, щибаб рахъалъул мухIканго халги гьабун, хIасил кколедухъ хIалтIизе ккола», — ян хIасил гьабуна Владимир Васильевас.