Хасаб пикру

Мэрлъун ине бокьаразул 40 чи

Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго МахIачхъалаялъул мэр вищиялъул

Тахшагьаралъул мэрлъиялде кандидатлъун вихьизавун, рищиязул комиссиялде документал кьун руго 40 чияс. Гьеб цIакъго цIикIкIараб къадар ккола. Рищиязул буго аслияб масъалаги: муниципалиял идарабазде хъулухъчагIи рищиялъул кинаб къагIида нилъее рекъонкколебали халгьаби.

Кин тIоритIилел муниципалитетазул рищиял?

Рищиязул комиссиялъ лъикIаб хIалалда «цIалкIила» МахIачхъалаялъул бетIерлъиялде документал кьурал кандидатазул сияхI. Гьезда гьоркьор руго блогералги, журналисталги, хIалтIи гьечIого хутIаралги. Руго лъикIаб хIалбихьи щварал гIадамалги. Гьеб хъулухъалде чи жинца валагьун вугин Владимир Васильевас абуниги, лъугIулелго гьечIо гьелда сверухъ бахIсал. ДРялъул бетIерас цебеккунго лъазабун букIана, гьеб бакIалда тезе жиндие бокьун бугин Москваялъул Басманияб районалъул бетIерлъун вукIарав Салман Дадаев. БичIчIулеб буго, гьев рищиязда бергьине вугеблъиги. Амма кIочене бегьуларо, Басманияб районалда гьоркьобе унеблъи 13 млн чияс гIумру гьабулеб Москваялъул 60-ялдасаги цIикIкIун район. Гьениб Лужковасул заманалдаса нахъего рекъезабун буго шагьаралъул нухмалъиялъул къагIидаги. Гьединлъидал, МахIачхъа-лаялде дандеккун, Басманияб районалъул бетIерлъун хIалтIизе гIезегIан бигьаго букIуна. МахIачхъала буго масъалабазул гIомогоро, ракьцоязул нус-нус цолъабазул «пачалихъ», 1980-абилел соназдасаго шагьаралъул культураялде тIадецуй гьабулеб къуват сокIкIараб бакI. Шагьаралъул культура МахIачхъалаялда билълъанхъизе байбихьана 1920-абилел соназда, тахшагьар гьенибе гочинабураб заманалда. МахIач-хъалаялъе нухмалъи гьабизе гъира бугев чиясул букIине ккола хасаб политикияб бичIчIиги, хIалбихьиги, хасиятги. Дадаевасул буго лъайги хIалбихьиги – гьелда щаклъизе бакI гьечIо. Кинабдай бугеб хасият? ГIеладай гьесие политикияб бичIчIи. Хьул буго, В. Васильевасул пикру битIараб батиялдеги шагьаралъул гIадамазул квербакъиялдеги. Гьелде тIадеги, хьул буго С. Дадаевас Москваялдаса инвестициял рачIинариялдеги гьабсагIаталда улкаялъул тахшагьаралъул мэрлъун вугев (хадубккун, щиб лъалеб, РФялъул премьер-министрлъун вахъинеги бегьулев) Сергей Собяниница гьесул рахъкквеялдеги.
ХутIарал кандидатазул хIакъалъулъги абила. БакIалъул самоуправлениялъул хIакъалъулъ законалъ рищиязда гIахьаллъизе ихтияр кьола бокьарав чиясе. Гьединлъидал руго гIемерал кандидаталги. Гьезул гIемерисезда бичIчIула, жал мэрлъун рищулареб-лъи, амма гьез пайда босулеб буго жалго рихьизаризе щвараб ресалдаса. Руго муниципалияб нухмалъиялда хIалтIул хIалбихьи щваралги, амма гьезиеги рес щун букIун батиларо жидерго пикраби загьир гьаризе.
РФялъул Пачалихъияб Думаялъги федералияб хIукуматалъги регионазе ихтияр кьун буго (нилъер республикаялъегиха) районазул бутIрулги шагьаразул мэралги рищулеб къагIида чIезабизе – яги тIолабго халкъалъул гIахьаллъигун, ялъуни конкурсалъул комиссиялъул хIукмуялдалъун. Конкурсалъул комиссиялъул гьаркьазул 50 процент ккола РФялъул субъекталъул бетIерасул администрациялъул (гьединаб тIалаб буго федералияб законалъул). Гьеб ккола цIакъго квешалдаги лъикIаб гурелдаги гьоркьоса бищизе ккей. Кидаго гIадин, Пачалихъияб Думаялъул депутатаз нилъеда цебелъолеб буго гIицIго кIиго нух, лъаб-
абилеб нухги букIагоха. Авторасул буго гьеб лъабабилеб нухалъе рекъонкколеб концепция – гьелъ хIисабалде росула РФялъулги ДРялъулги конституциязулги нилъер гIадатазулги тIалабал.

Рищиязул лъабабилеб нух

Къокъго бицани, концепция буго гьадинаб. Конкурсалъул комиссиялъ (гьелда гьоркьоре уна ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул вакилзабиги) къецалда гIахьаллъизе тола щуго яги лъабго чи. ХутIаразе кьола моцIрол болжал — агитациялъегун пропагандаялъе. Избирателаз гьезие суалалги кьун, щивасул бажари-гьунар баян гьабула. Щивасул хIакъалъулъ жидерго пикруги гьез загьир гьабула росабазул, шагьаралъул, районазул депутатазе. МоцIидасан щив чи кинав вугевали якъинлъичIого хутIуларо.
Гьелдаса хадуб ахIула халкъиял депутатазул гIаммаб данделъи. Гьенирего ахIула росабалъ рагIи билълъарал жамгIиятчагIиги, халкъалъул церехъабиги, Херазул советалъул вакилзабиги. Кандидатаз бицуна жидерго программабазул хIакъалъулъ ва кьола гьезул суалазе жавабал. Гьелдаса хадуб букIине ккола балъгояб гьаракь кьей. ТIоцебесеб нухалдаго цониги кандидатасе 50% + цо гьаракь щвечIони, чIезабула рищиялъул кIиабилеб тур ва гьелда гIахьаллъула цIикIкIарасел гьаркьал щварав кIиго кандидат. Гьедин чIезабула бергьенлъиги. Административияб къуват гьениб хIалтIизабизе рес букIуна гIицIго тIоцебесеб нухалда, хадубккун хIалтIула халкъияб кверщелалъул принцип – депутатазул бербалагьи.
Гьединаб буго рищиязул лъабабилеб нух. РФялъул республика абураб статусалъ рес кьола нилъее Дагъистаналъе бищунго санагIатаб муниципалиял рищиязул къагIида тIасабищизе. Нижеда ракIалда буго «Халкъияб нухмалъи ва бакIалъулаб самоуправление Дагъистаналда» абураб гIелмияб конференция тIобитIизе. Гьелда бицина рехсараб концепциялъулги федералиялгун республикаялъул законазда гьаризе бегьулел хиса-басиязулги хIакъалъулъ. ГьабсагIаталда хIалтIулеб рищиязул къагIидаялъ рес кьоларо муниципалияб хIукуматалъул санагIатаб модель тIасабищизе. ГIаммал рищиязул букIунеб хIасилги нилъеда бихьана. Дидаги дир ишцояздаги бищунго лъикIаблъун бихьулеб буго лъабабилеб нух. Щайгурелъул рес щола избирателазулгун бухьен чIезабизе; республикаялъул бетIерасул пикру хIисабалде босизе; вищарав районалъул бетIерасул яги шагьаралъул мэрасул избирателазда цебе жавабчилъи цIикIкIинабизе.
Денга Халидов