МВДялъул коллегиялда

ТIадбуссинабуна миллиардгун анлъго миллион гъуруш

2018 соналъул хIасилги гьабуна, исана тIуразе кколел
масъалабиги рорхана ДРялъул МВДялъул данделъиялда

Гьенир гIахьаллъана рес­публикаялъул бетIер Владимир Васильевги, РФялъул президентасул СКФОялда бу­­геб вакиллъиялъул аппараталъул федералияв инспектор Алексей ХIасановги, ДРялъул хIукуматалъул тIоцевесев вице-премьер ХIажимухIамад ХIусеновги, ДРялъул хIуку­маталъул вице-премьер Рамазан Жапаровги, къуваталъул идарабазул нухмалъулелги.
Данделъиялда ДРялъу­л МВДя­­лъул министр ГIаб­ду­ра­шид МухIамадовас би­­­­­ца­­на дандчIварал захI­ма­лъа­­­базулги цебетIеялъе квер­ба­къулел хIужабазулги хIа­къалъулъ. Масала, гьес абуна республикаялда ахир лъунин изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазе. «ГьабсагIаталда валагьулев вуго гьединал къо­къабазулъ гIахьаллъулев ву­кIарав микьго чи. Нижехъ ругел баяназда рекъо­н, гьел руго къватIисел улкабазда. ХутIулеб буго Интернета­лъул сайтаздасан экстремизма­лъулгун те­р­ро­риз­малъул идео­логия тIи­битIизабиялъул балагь»,- ан абуна ГIабду­ра­шид Му­хIа­мадовас.
Хасаб кIварбуссинабизе кколеб бугин абуна министрас экономикиял такъсиразде. «Бюджеталъул гIарац бикъиялдаги, экономикаял­да­гун предпринимательство­ял­да ва цIатариялъулгун энер­гетикаялъул комплексалда гьарулел такъсиразде букIине буго хасаб бербалагьи», — ян абуна гьес. Гьелдаго цадахъ республикаялда дагьлъун руго бикъа-хъамиялдаги зулму гьабиялдаги бан гьарурал такъсиразул къадар. Хехаб заманалда жанир рагьулел руго цебеккунго ургъун чи чIвай, чияр боцIи-мал хъамал гьаби, хъачагълъи ва машинаби рикъи гIадал такъсиралги.
ДРялъул МВДялъул министрасул заместитель – полициялъул начальник Дмитрий Гутыряца рехсана мухIканал хIужаби. «Экономикаялда гьарулел такъсирал дагьлъун ругониги, бакIал такъсиразул къадар бахана 44 проценталде. Гьединал такъсиразул 87,4 процент рагьана. Гьеб мурадалда гьарурал тадбиразул хIасилалда гьабун батана лъабго миллиардгун 154 млн гъуршиде зарал, тIадбуссинабуна гьеб гIарцул цо миллиардгун анлъго млн гъуруш.
Ришватчилъиялъул такъсирал рагьи лъикIлъана 19 проценталъ. Финансазулгун кредитазул рахъалъ гьабун буго 279 такъсир. Налогазул рахъалъ гьарурал такъсиразул къадар цIикIкIана 26,5 проценталъ», — ан бицана полициялъул начальникас.
Министерствоялъу­л хIал­тIуе къимат кьолаго, ДРя­лъул бетIерас кIварбуссинабуна гьадинал хIужабазде.
1. Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз хIин­къи­­­гьечIолъи чIезабуна гъор­­кьиса республикаялда тIо­­битIараб 680 жамгIиябгун по­­литикияб тадбиралда.
2. Террористазул къо­къа­­базулъе гIолилал ккун­гу­­тIиялъул мурадалд­а, гIо­ли­ла­зе лъай кьезе ку­цазе кко­ла гIолохъанал учи­тель­заби. Гьеб­го мурадал­да хIал­тIизе ккола Интер­не­талда заман инабулел гIо­ли­лал­гунги.
3. Низам цIунулел идарабаз кумек гьабуна бюджеталъулаб гIарац букIине кколедухъ харж гьабизе.
4. ЦIикIкIун кIварбусси­набизе ккола нухазда низам цIуниялде.
Ахиралдаги гьадин абуна республикаялъул нухмалъулес: «Нуж ругьунлъана пайда кьоледухъ хIалтIизе. Гьанже аслияб масъала буго рес­публикаялъул экономикаги пайдаяблъун гьаби. Ни­лъеда бараб буго нилъер лъималазулги Дагъистаналъул­ги къисмат. Цадахъ рекъон хIал­­тIани, гьеб масъала тIу­базабун бажарула ни­лъехъа», — ян.
ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ