ХIасанхIусеновазул ахIи Путинида рагIана

20 декабралда РФялъул президент Владимир Путиница рагьараб эфиралда жавабал кьуна журналистазул суалазе

 

унго халатаб пресс-конференция – президентас жавабал кьун рукIана ункъо сагIатгун 40 минуталъ.

Иргадулаб пресс-конференция РФялъул президентас байбихьана экономикаялъул лъагIалил хIасилаздаса: «Валовияб жанисеб продукт цIикIкIине буго 1,8 проценталъ. МоцIрол харжал цIикIкIана 6,9 проценталъ. Бегьулеб къадаралда хутIулеб буго инфляция – ункъо проценталдаса дагьалъ цIикIкIун. Дагьлъулеб буго хIалтIи гьечIого хутIаразул къадар – 4,8 процент. 2011 соналдаса нахъе, тIоцебесеб нухалда букIине буго профицияб федералияб бюджет. Гьоркьохъеб пенсия буго 14163 гъуруш, гIумру халалъана 72,7 соналде щвезегIан.
Хадуб журналистаз кьуна суалалги.
В. Романенкова (ИТАР-ТАСС): Абизе бегьула, 2018 сон букIанин миллиял проектазул лъагIеллъун. Гьелъие нух рагьана дуца къабул гьабураб маялъул указалъ. Гьел проектал гIумруялде рахъинаризе хIажалъула гIемераб гIарац. Дагьалъ цебе Ялтаялда тIобитIараб данделъиялда цо-цо экспертаз, хIатта Пачалихъияб советалъул членазцин абулеб букIана гьел проектал къваригIунцин рукIинчIин. Масала, ХIисабалъул палатаялъул нухмалъулес абуна, гьел проектазул пайда борцунго бажаруларин. Дуца щиб абилеб?
В. Путин: Проектал хIажат руго. Дица гIемер бицана гьелъул – нилъее хIажат буго цIияб технологияб гIуцIи. Гьеб гьечIони, улкаялъул букIинесебги гьечIо.
Бугебщинаб ресги дандекIутIун, гIумруялде рахъинаризе ккола гьел проектал. Амма гьадинго бикьун гIарацгун, чIун рукIине бегьуларо. Гьединлъидал хIукуматги администрацияги хIалуцун хIалтIулел руго. Проектазе биччан буго 20,8 трлн гъуруш. Гьеб хIалтIизабизе ккола сахлъицIуниялъулги, лъайкьеялъулги, гIелмуялъулги, экономикаялъулги, робототехникаялъулги ва цогидалги рахъаз гьарурал чIванкъотIарал ишазе. Регионаздеги централиял бакIаздеги битIараб щибаб гъуршил жаваб кьезе ккола. ГIадамазда бихьизе ккола хIасил.
Япониялдаса журналист Хирофуми Сугидзакица гьикъана, Япониялъухъе нахъруссинаризе ругищин Курилалъул чIинкIиллъаби. «СШАялда бараб буго Япониялъул хIинкъигьечIолъи. Америкаялъул рагъулал базаби гьел чIинкIиллъабазда разе ругин абураб пикруялъги кьоларого ратила гьел нахъе», — ян гьикъана журналистас.
— Улкаялъул хIинкъигьечIолъи цIуни ккола аслияб масъала. Япониялда анцIгониги соналъ цебего лъун буго Америкаялъул рагъулаб база – Акинаваялда. Нижеда лъала, Акинаваялъул губернаторги халкъги гьелде дандечIун ругеблъи. Нижеда бичIчIулеб гьечIо, кинаб суверенитет бугеб Япониялъул? Щай гьелъухъа бажарулареб жиндирго ракьалда гIадлу гьабун? Экономикияб рахъалъ нилъер улкабазул бухьенал руго. ХутIараб бараб букIине буго Япониялъул тавакалалда.
П. Зарубин, «Россия» телеканал: ГIемерисел экспертаз, гьездаго гьоркьоб Кудриницаги абулеб буго, анцIго соналда жаниб Россиялъул экономика цо бакIалдаго хутIун бугин, кинабгIаги цебетIей гьечIин. Дуца абулеб буго, миллиял проектал гIумруялде рахъинарулел ругин экономикаялда хехаб цебетIей букIиналъул мурадалда. ХIукуматалъ рагIи кьолеб буго гьеб масъала тIубазе. Гьебго заманалда хIукуматалъ абулеб буго, гIагараб заманалда – цо чанго соналъ – ВВП цIикIкIинего гьечIин кIиго проценталдаса. Гьединал баяналги рукIаго, букIинадай цебетIейго? Яги цебе гIадин, чIегIернарт бичун щвараб гIарцуда бараб гIумруйищ нилъер букIине бугеб? Мун божулищ Д. Медведевасул къокъаялда?
В. Путин: Цо проценталъ экономика цебетIей – гьеб букIуна пуланаб заманалда. Гьединаблъун гьеб букIана А. Кудрин вице-премьерлъун вугеб заманалдаги. Гьев вуго лъикIав махщелчи. Амма 2008-2018 соназда экономикаялъул цебетIей бахана гIицIго 7,4 проценталде. Гьеб гIемер гьечIо, амма букIана хехаб цебетIеялъул мехги, хIал-
хьараб заманги. 2009 соналда гьелъие гIиллалъун ккана дунялалъул экономикаялда букIараб хIалкъай – гьебмехалда экономика гIодобе ккана 7,8 проценталъ. Кризисалдаса рорчIизе хIажалъана гIемераб заман. 2014-2015 соназда ккана цоги кризис – гIодоре ккана чIегIернартихъги къватIисел улкабазде бичулеб нилъер къайиялъухъги багьаби. Гьединлъидал хIажат буго жанисеб валовияб продукт цIикIкIинабизе. Гьелъие гIоло хIадурарал ккола аслиял проекталги. Хисизабизе ккола экономикаялъул гIуцIиго, инновациязул кьучIалда букIине буго гьеб. Гьелъ рес кьезе ккола церехун ине. Гьелде буго хьул хIукуматалъулги. Медведевасул къокъаялъул хIалтIудаса разиги вуго дун.
Мария Балюк, «Прайм» агентство: ТIоцебесеб январалдаса нахъе 20 проценталде щвезегIан цIикIкIине буго НДС, цо-цо регионазда байбихьизе буго жидецаго балагьун хIалтIи гьабулеб бугел чагIазухъа налог бахъизе, цIикIкIине руго ЖКХялъухъ тарифал. Россиялъулаздеги экономикаялдеги хIал щвезабилародай гьел хиса-басияз?
В. Путин: НДС цIикIкIинабиялъул аслияб мурад буго чIегIернартил багьабазда бачIеблъун улкаялъул экономика гьаби. ГIемерисел улкабазда НДС буго 20 проценталдасаги цIикIкIун. Гьеб жеги цIикIкIун букIана нилъер, хадуб дагьлъизабуна ва
гьанжеги рачIана 20 проценталде. Амма экономикаялда гьеб букIине буго жеги дагь, щайгурелъул цIунун руго батIи-батIиял бигьалъаби: дараби, лъималазе хIажатаб къайи гьабиялъул рахъаз, IT-компаниязе ва гь.ц. НДС бахинабиялъ рес кьела миллиял проектал гIумруялде рахъинаризе.
ЖКХялъул тарифал цIикIкIинаризе руго цин 1,7, хадуб – 2,4 проценталъ. Щайгурелъул, НДС бахинабиялда цадахъ рахинаризе бегьула къайилъухъги хъулухъазухъги багьаби ва гьелъ хIалщвезабила халкъалде.
Дагъистаналдаса журналист Елена Еськиналъ президентасда гьарана, бажарарабгIан хехго ритIухъ гьареян Шамил районалда чIварал вацал ХIасанхIусеновал. «Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз чIвана гьел, боевикал ругиланги абун. ГьабсагIаталда судалъ чIезабун буго гьел такъсириял къокъабазул гIахьалчагIи рукIинчIеблъи ва гьелда бан рагьун буго РФялъул УКялъул 105-абилеб статьяялде рекъонкколеб уголовнияб дело. Гьеб битIун буго федералияб идараялде. Гьарула, гьеб дело рагIалде ба-хъинабизе квербакъе ва вацал ХIасанхIусенги Набиги ритIухъ гьаре», — ян бицана гьелъ.
Президентас абуна, жинда гьелъул хIакъалъулъ рагIунго букIинчIин ва жинца гьеб иш тIадкъазе бугин РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул бетIер Александр Бастрыкинида.