Керчалъул кризис

Петр Порошенко – хIалбихьи бугев шахматист

25 ноябралда Украинаялъул лъабго рагъулаб гамица («Гюрза» абураб тайпаялъул «Бердянск» ва «Никополь» абураб кIиго гьитIинаб катерги «Яны Капу» абураб рейдалъулаб буксирги) хIалбихьана Керчалъул проливалдасан ине. Гьелъул мурадалда гьел хIажаталлъун ккана Россиялъул гIорхъи хвезабизе. Нилъерал ралагьун чIун рукIана, Украинаялъ лъазабилин нилъер гIорхъаби цIунулезда, пуланаб къоялъ нужер гIорхъи бахине кколеб бугин абун. Гьедин гьабун букIана 2018 соналъул сентябралдаги. Гьебмехалда дозул рагъулал гумузе кьуна лоцман (ралъдалъан гуми рачине бажари бугев, ай гьезие нух бихьизабулев чи), гьесги Украинаялъул гуми рачун рукIана проливалдасан. 

Гьанжесала гьедин гьабичIо. 25 ноябралъул радал «Бердянска­лъул» командирас Россиялъул хъаравулзабазул катералъул (ПСКА-302) командирасда лъазабуна, 2003 соналъул 24 декабралда Россиялдаги Украинаялдаги гьоркьоб гьабураб «Азов ралъадги Керчалъул проливги хIалтIизариялъулъ бухьенал гьариялъул хIакъалъулъ» абураб цада­хъаб къотIиялда рекъон, Украиная­лъул гумузул ихтияр бугин рехсараб бакIалдасан эркенго хьвадизеян. Бащдаб сагIаталдасан «ПСКА-302» катералъул командирас «Бердянскалъул» командирасе жаваб кьуна, Керчь-Еникалалъул каналалда лъедолаго, хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул мурадалда хIалтIулеб бугин план-графикги ихтияр кьолеб хасаб къагIидаги ва, гьелда рекъон, 48-24 сагIтил заманалда хитIаб гьабизе кколин, гьеб хитIабалъе жавабги кьолин ункъо сагIаталда жанибин абун. Гьелдаса хадуб Украинаялъул гумузе нух гьукъана, хитIаб гьабиялъул шартIал тIуразарун гьечIинги абун. Гьеб нухкъаялъул хIисабги гьабичIого, цо гама ун буго жиндирго нухккун.
Щибха гьабизе кколеб букIараб нилъер гIорхъаби цIунулез? Гьайгьай, нухмалъиялъул буюрухъ тIу­базе ккола: гIорхъи хвезабурал чIезаре, хIажалъани, кьвагьде. Украи­наялъулал данде кьвагьдечIо. Кьвагьдаралани, гьеб букIинаан «Украинаялъул ВМСалъ Россиялъул ракьалда питна гьабилъун». БакътIерхьул улкабаз гьединаб лъугьа-бахъиналда бан Украинаялъул рахъги кквелароан. Гьединаб пикруги кьочIое босун батила, украинаялъулал данде кьвагьдечIо, ай рагъ гьабичIого, асирлъуде рачIана. Украинаялъул лъабгойищ, анлъгойищали аскарияв лъукъун вугинги бицунеб буго. Дагьабго жагъаллъун буго гьезул буксирги.
Амма… Порошенкоги гIабдал гуревха. Сунде хьул букIараб гьесул ва щибха гьесие щвараб? Шахматазда буго цо комбинация – гьелда абула «гамбит» абун: пешкаби яги цогидал гIисинал фигураби дандиясеги кьун, гьелъухъ щола бергьине рес кьолеб позиция. Порошенкоеги щвана гьединаб позиция (украинаялъулазулъ патриотизм «борчIана» ва иргадулаб нухалда Россиялде данде рахъана бакътIерхьул улкаби). Дзюдоист Путиниде данде «хIалев» вуго лъабго-ункъо гали цебе тIамун бажарулев шахматазул устар.
ТIоцебе абуни, Порошенкол буго юридикияб ихтияр, Керчалъул проливалдасан Украинаялъул гуми ине ругин абун Россиялда лъазабичIого чIезе. Цебеккун рехсараб 2003 соналъул къотIиялъул кIиабилеб статьяялда рекъон, Киевалдаги Москваялдаги, цогидал улкабазда гурони, тIадаб гьечIо рагъулал гуми хьвадиялъул хIакъалъулъ цоцада лъазабизе. КъотIиялъул кIиабилеб статьяялда хъван буго: «1. Коммерцияб гуреб мурадалда хIалтIулел дармил ва рагъу­лал, гьединго РФялъул яги Украинаялъул байрахъалда гъоркь ругел цогидал гуми Азов ралъдадаги Керчь проливалдаги хьвадула эркенго.
2. БатIиял улкабазул байрахъазда гъоркь ругел цогидал дармил гумузе ихтияр буго Азов ралъдалъе лъугьинеги Керчь проливалдасан инеги, нагагьлъун гьел Россиялъул яги Украинаялъул порталде унелниги гьениса тIадруссунелниги ратани.
3. Лъабабилел улкабазул рагъулал ва цогидал, коммерциялъе гурелъе хIалтIизарулел ругел пачалихъиял гумузе Азов ралъдалъе ва Керчь проливалдасан ине ихтияр кьола, цин гьел щвезе ккола цояб рахъа­лъул (Россиялъул яги Украинаялъул – ред.) порталде ва цогидаб рахъалъулгун дандги бан щвараб гьелъул ахIиялда яги гьез кьураб ихтияралда рекъон».
Я Украинаялъ, я бакътIерхьул пачалихъаз, хIатта ЕвАЭС ва ШОС-6 гIуцIабазулъ ругел нилъер партнеразгицин жеги къабул гьабун гьечIо Крым Россиялда гъорлъе лъугьин. Гьединлъидал рехсараб къотIиги рикIкIунеб буго жеги къуватаблъун. Кремлялъин абуни киназдаго ракIалдещвезабулеб буго Халкъазда гьоркьосеб ралъдал ихтияр, Крым Россиялъул ракь букIин кьочIоеги босун. Гьелдаго цадахъ рикIкIунеб буго Керчь проливги Россиялъул территория кколеблъи. Крым Россиялъул бугеблъи къабул гьабичIел къватIисел улкабазулги нилъерги батIи-батIияб бербалагьи буго Украинаялъул гумузулгун ккараб лъугьа-бахъиналдеги. СихIтун Путиница гуми проливалдасан риччан рукIаралани, гьесул къадру холаан дунялалъулго жамгIияталда цебе. РиччачIого тани, Киевалъегун Западалъе рес щола Россиялде гIайиб гIунтIизабизе ва Путинидегун гьес нухмалъулеб улкаялде иргадулаб гьужум гьабизе.
КIиабизе, Петр Порошенко вуго цебеккунго хIилла-рекIкI ургъизе махщел бугев чи. Халкъазда гьоркьосеб ралъдал ихтияралдеги цебе­ккун рехсараб къотIиялдеги мугъги чIвалаго, гьес лъазабуна ­Ро­с­­сия­­лъул ВМСалъ Украинаялъул гумузде гьужум гьабунилан абун. Ва гьебсагIатго тIалаб гьабуна кIиго моцIалъ тIолабго улкаялда рагъулаб хIал лъазабеянги. Гьесие гьеб хIажат буго – 2019 соналъул 31 марталда рукIине ккола президентасул рищиял, гьел нахътIамиялъул мурадалда. Щайгурелъул гьесул расги лъикIаб хIал гьечIо гьабсагIаталда. ЦIех-рехазда рекъон, гьесдаса гIезегIанго цее ун йиго парламенталда бугеб «Батькивщина» абураб фракция­лъул вакил Юлия Тимошенко. Рагъу­лаб хIал лъазабураб мехалда, президентасе щола гIорхъи гьечIел ихтиярал. Амма Порошенкол дандиязда бичIчIун батила жал махсараде кквезе бокьун бугеблъи, ва гьез къокълъизабуна рагъулаб хIалалъул болжал (28 ноябралдаса 25 декабралде щвезегIан), гьебги тIолабго Украинаялда гуреб, гIицIго Россиялъулги Украинаялъулгун Молдовалъул Приднестровьеялда ругел гIорхъабазда гIагарлъухъги ЧIегIерги Азовги ралъадазул рагIаллъабаздаги. Порошенкол рагIабазда рекъон, Украинаялъул хутIарал регионазда рагъулаб хIал лъазабизе бегьула, нагагьлъун Россиялъ ракъдадасанги гьужум гьабуни. Гьанивги Порошенко «чода рекIахъе» хутIана.
Лъабабизе, БакътIерхьул улкабаз (НАТОялъги, Евросоюзалъги, цо-цо пачалихъазул бутIрузги) Киевалъул рахъккуна. Дональд Трампица нахъбахъана Аргентинаялда тIобитIараб саммиталда Владимир Путинилгун букIине кколеб букIараб дандчIвай. Байбихьана, иргадулал санкциял лъазаризе ругин абун, Россиялъе хIинкъаби кьезе, гьезда гьоркьор – ралъдал гуми хьвадиялъул ра­хъалъги. Дунялалда ругел проливазда гьоркьоса цо чангоялъул гурони жавабчилъи тIалъуларо Россиялъул гьудулзабилъун ругел улкаби (Турция – Босфор; Дания ва Швеция – Балтийское ралъдахъан Северное ралъдахъе унел проливал; Англия ва Франция – Ла-Манш ва гь.ц.), гьединлъидал рес буго гьединал санкцияз Россиялъе кIудияб зарал гьабизе.
Денга Халидов