Форум

Кантемир Давидов: «Тарих щибжояли лъазабизе ккола нижеца»

 

Журналистазул данделъиялда гIахьаллъана азаргоялдаса цIикIкIун чи

Северияб Кавказалъул журналистазул VI халкъазда гьоркьосеб форум тIобитIана 5-6 декабралда Грозныялда. Гьелда гIахьаллъана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Сергей Стариковги, Северияб Кавказалъул регионазул нухмалъиялъул вакилзабиги, журналисталгун блогералги.

Форумалда гIуцIун рукIана щибаб республикаялъул СМИязул майданал. БукIана гьениб Дагъистаналъул бокIонги.

Форумалъул гIахьалчагIазде хитIаб гьабулаго, Сергей Стариковас гьадин абуна: «Нилъер форум кIодолъулеб буго соналдаса соналде. Гьеб лъугьана журналистикаялъул цIикIкIараб кIваралъул суалазул хIакъалъулъ бицунеб бакIлъун. Цо-цо гIадамазда ракIалде кколеб буго, журналистал гьечIониги тIубалин абун, щайгурелъул жакъа информация щола батIи-батIиял интернет-сурсатаздаса. Амма гIицIго журналистасухъа гурони бажаруларо, пуланаб пикру яги баян мухIкан гьабун, гьелъул ритIухълъи цIехон. Баркала буго Чачан Республикаялъе форум гIуцIаралъухъ ва лъикIаб гьоболлъи гьабуралъухъ», — ан.

Чачан Республикаялъул хIукуматалъул председатель Муслим Хучиевас цIалана Рамзан Къадировас гьалбадериде битIараб саламалъул хитIаб. «Чачан Республикаялъухъа бажарана халкъазда гьоркьосеб терроризмалъукьа бергьун. Соналдаса соналде лъикIлъулеб буго гIадамазул гIумру. ЦебетIолеб буго промышленность, росдал магIишат, медицина, туризм. Гьеб пайдаяб ишалъе кIудияб квербакъи гьабула СМИязги. Журналистазул кумекалдалъун нилъехъа бажарула Кавказалъулги гьелъул халкъазулги хIакъалъулъ бугеб пикру хисизабизе», — ян абуна гьес.

КIиго къоялда жаниб форумалъул гIахьалчагIаз бицана журналистикаялъе кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ. Форумалъул аслияб мурад кинаб бугебан абураб суалалъе жаваб кьолаго, «Северияб Кавказ» абураб МЦОИялъул (регионазда гьоркьосеб жамгIиял пикрабазул центр) генералияв директор Кантемир Давидовас абуна: «Нижеда бичIчIизе ккола, щибжо кколебали тарих ва, тарихазул технологиязул заманалда, кинал нухал ратизе кколелали печатиял СМИял чIаго хутIиялъе. Нижеда лъала, жакъа газетал холел ругеблъи, гьединлъидал бицине буго гьел цIуниялъулги, гьанжезаманалде рекъонкколеллъун гьел лъугьинариялъулги хIакъалъулъ», — ан.

Северияб Кавказалъулги Россиялъул цогидал регионаздаса рачIаралги журналистазе форумалда рес щвана ишцоязул хIалбихьиялъулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьенир гIуцIун рукIана мастер-классалги, бахIсалги, лекциялги.

Масала, Росгвардиялъул киностудиялъул начальник Виктор Болтковас бицана документалияб кино бахъиялъул хаслъиялъул хIакъалъулъ. «Жакъа документалияб кино бахъизе хIажалъула хIалтIул мухIканаб планги, цIакъго хирияб багьаялъул гуреб аппаратураги, тIасабищараб темаги, хIалтIизе гъираги», — ян абуна гьес.

ДандеккунгутIиял, кьал ва дагIба ккараб бакIалда хIалтIулаго, ритIухълъи цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ бицана «Постскриптум» абураб информациялъулгун аналитикаялъул программа бачунев Роман Перевезенцевас тIобитIараб мастер-классалда. «Гьединаб бакIалде гьабураб сапаралдаса рокъове тIадвуссине бокьани, дур букIине ккола сабурлъи, бугеб хIалалъе къимат кьолаго, цIунизе ккола ритIухълъи, сундулго кьочIоде ваккизе ккола – гьеб бигьаяб масъала гуро, амма ритIухъаб пикру загьир гьабулев журналистасухъа гьеб бажаризе ккола. Масала, сапарал гьарулаго, мун чIезавизе бегьула пуланав чияс, ццин бахъарав вукIуна гьев. Бажаризе ккола, гьединасулгунги гIаммаб мацI батизе, гара-чIвари гIуцIизе ккола цоцазул адаб гьабиялъул кьучIалда», — ян бицана гьес.

Продюсер, журналист ва телеведущая Тина Канделакица тIобитIана Чачаналъул пачалихъияб университеталъул студентазе мастер-класс. «Инсанасул пикруялдаса хирияб жо щибниги гьечIо. Нужеда гьеб бичIчIизе ккола. кинаб макъала нужеца хIадурулеб бугониги, нужеца чанцIулго халгьаризе ккола баянал. Биччанте кинабго кьучI бугеблъун, мухIкан гьабураблъун ва ритIухъаблъун букIине. Гьелъул мурадалда лъабго батIияб бакIалдаса баян тIалаб гьабизе ккола. Гьебмехалда нужеда божизе руго цIалдолел. Божилъи гьабизе бегьулел журналистал рокьула халкъалъе», — ян бицана Тинаца.

Рахьдал мацIалда пресса

Россиялда буго кIиазаргоялдаса цIикIкIун рахьдал мацIалда хIалтIулеб СМИ. Гьезул ругел масъалабазул хIакъалъулъ бицана «Миллияб СМИ. Масъалаби ва цебетIей» абураб данделъиялда. Гьеб нухда бачана Миллатазда гьоркьосеб журналистикаялъул гильдиялъул президент Маргарита Лянгеца. Гьениб бицана пачалихъияб кумек хIажалъун букIиналъулги, кадраби гIунгутIиялъулги, подписка дагьлъулеб букIиналъулги хIакъалъулъ.

Маргарита Лянгел пикруялда рекъон, цогидал регионазде дандеккун, Кавказалда СМИязул хIал чIара-хьараб буго. «Кавказалда мацIал цIунун хутIун руго, хIалтIулел руго миллиял редакциябиги. Цогидал регионазда гьел къалел руго ва гьелъул кIвар гьабулев чиги гьечIо. Нижее бокьун буго къадар дагьал миллатазул редакциязе кадраби хIадуризе. Гьезие лъайги кьун, ритIила хIалтIизе. Бокьун буго гьел газетал хвасар гьаризе ва хадубккун церетIезаризе», — ян бицана Лянгеца. Миллиял газетал чарагьечIого хIажат ругинги абуна гьелъ.

Гьеб данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул информатизациялъулги, бухьеналъулги, массовиял коммуникациязулги министр Сергей Снегирев. Гьес бицана, жакъа къоялъул аслияб масъала бугин лъикIаб даражаялъул ва цогидазул гьечIеб гIадаб контент гIуцIи ва лъимерлъудасаго гьелде ругьун гьари (масала, газеталъул интернет-сайталда батIи-батIиял хIаял, къецал ва гь.ц. тIобитIиялдалъун). Гьедин куцан гIурав цIалдолев кидаго вукIине вуго «гIагараб редакциялъулгун бухьеналда, ай хутIизе вуго гьелъул цIалдолевлъун» абулеб букIана министрас.

«Миллиял СМИязул хIалтIи камиллъизабулеб хасаб рецепт гьечIо, амма руго киназего гIаммал къагIидаби, мустахIикъаб финансирование, пагьмуяб хIалтIи, хIажатал кадраби хIадури ва вукIинесев цIалдолев ватизе жигар бахъи. ЛъикIаблъун ккола социалиял гьиназда миллиял газетазул гьурмал рагьи, мобильниял алатазе приложениял ургъи ва лъимерлъудасаго рахьдал мацIалде рокьи куцай», — абураб пикруялда разилъана данделъиялъул гIахьалчагIи.

Регионалиял выставкаби

Форумалда рагьун букIана Арт-резиденция. Гьенир гIуцIун рукIана СКФОялъул СМИязул хаслъи загьир гьабулел регионалиял выставкабиги, digital-зонаги, фотозонаги, рагьараб эфиразул зонаги.

ДРялъул бетIер Владимир Васильев, РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Александр Матовниковгун ва республикабазул бутIрулгун цадахъ, щвана выстакабазухъ балагьизе.

Дагъистаналъул павильон бикьун букIана анлъго тематикияб стендалде. Гьенир церелъун рукIана республикаялда ругел батIи-батIиял тайпабазул СМИял: электрониял, печатиял, телевидение ва тIахьал. Арт-майданалъ баян кьолеб букIана 40-ялдаса цIикIкIун газеталъулгун журналалъулги регионалияб телевидениялъулги тарихалъул хIакъалъулъ. Стендалда рекъезабураб лъабго экраналдасан рихьизарулел рукIана «Дагъистан» ГТРКялъги, «Дагъистан» РГВКялъги, «Нилъер миллияб телевидениялъги (ННТ)» рахъарал видеороликал. «Дагъистаналъул тIахьал» абураб стендалда церелъун рукIана гIурус ва миллиял мацIазда рахъарал тIахьал. «Тарихазулаб Дагъистан» абураб стендалда букIана лъабго экран ва гьенисан гIуцIун рукIана рагьарал эфирал.

СКФОялъул журналистазул форумалъул пресс-хъулухъ