Гьава-бакъалъул хIилла

ДРялъул бетIерас тIобитIараб данделъиялда бицана республикаялъул шагьаралгун росаби токалдалъун хьезариялъул масъалабазул хIакъалъулъ

 

Ахираб анкьалъ токги гьеч1ого хут1ун рук1ана цо чанго шагьаралъул районаздаги росабалъги гIумру гьабулел дагъистаниял. Гьелъие «гIайибияблъунги» батана гьава-бакъалъул шарт1ал. Масала, данделъиялда кIалъарав «Дагъистаналъул сетазул компания» АОялъул нухмалъулев директор МуртазагIали ГьитIинасуловас бицана гьабсагIаталда г1орхъолъа борч1араб ахIвал-хIал гьечIин. «1-2 декабралда бана цIад ва пуна гьури. Тахшагьаралда буго 6-10 киловатталдалъун гIадамал хьезарулеб 120 токалъул мухъ, гьезда гьоркьоса анкьгояб хIалтIулеб букIинчIо. Гьел токалъул мухъалги руго, аслияб къагIидаялда, тахшагьаралъул рагIаллъабазда», — ян.

Токал свиналъе гIиллалъун ГьитIинасуловас рехсана лъилали лъаларел, ай лъилниги жавабчилъиялда гъоркь гьеч1ел КТПял рукIинги.

Владимир Васильевас ракIалдещвезаруна «Россети» ПАОялъ риидал гIуцIун рукIарал тадбирал ва гьикъана, гьел рукIарал районаздаги муниципалитетаздаги кинаб хIал бугебилан. МуртазагIалица абуна «Россетиялъул» электриказ цIигьарурал токалъул мухъазда кинабгIаги къварилъи букIинчIилан. «Доб мехалда МахIачхъалаялда хисун рукIинчIо токалъул кваралги хIубалги, лъун рукIана гIицIго токалъул хIисаб гьабулел алатал», — анги абуна гьес.

Республикаялъул нухмалъулес лъазабуна, кинаб бакIалда гIумру гьабулел ратаниги, нилъеда тIадаб бугин гIадамазе санагIатал шартIал ч1езаризеян.

Гьоркьоса къотIичIого ток букIунеб хIал гьабизе кколин к1алъана ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновги. Гьес бицана Россиялъул энергетикаялъул министерствоялъулгун цадахъаб хIалтIи гIуцIизе букIиналъул хIакъалъулъ. КIваркьезе буго токалъул гурелги, газалъул мухъаздеги. «Гьел масъалабазул хIакъалъулъ нижеца бицине буго федералияб хIукуматалъул вице-премьераздаги. Нилъер буго постановление, гьелда рекъон, щибаб соналда тарифал цIикIкIинаризе ккола 15 проценталъ. Амма нижеца гьабсагIаталда хIадурулеб буго тарифал цIикIкIинаричIого хутIулеб къагIида, щайгурелъул гьезда цадахъго цIикIкIине ругелъулха лъехъги хинлъиялъухъги кьолеб мухьги. ХIаракат бахъила гьел харжазе субсидиял кьезаризе ва нилъер гIадамаздаги промышленниял предприятияздаги багьаби цIикIкIараблъи хъинтIичIого букIине», — ян бицана гьес.

Артем Здуновас бицана республикаялъул токазул магIишат цIигьабиялда бан къабул гьабураб щугосонилаб программаялъул хIакъалъулъги. «Гьеб хIадурун буго «Россети» ПАОялъул хIалтIухъаби республикаялдаса нахъе ун хадуб. Программа гIумруялде бахъинабиялъулъ гIахьал гьаризе руго МФЦги ва МЧСалъул кьучIалда гIуцIизе буго координациялъулаб штабги. Гьелда гъорлъе рачине руго къварилъи ккарал бакIазде ритIизе х1адр гьарурал къокъабиги. 10 декабралде гьеб программа бихьизабизе буго РФялъул энергетикаялъул министерствоялда ва гьелъул хIакъалъулъ бицине буго федералияб хIукуматалъул данделъиялдаги», — ян к1алъан республикаялъул премьер-министр.

Данделъиялда кIалъана МахIачхъалаялъулги, ЦIияб Лак ва Казбек районазулги бутIрул. Тахшагьаралъул мэрасул ишал тIуралев Мурад ГIалиевас абуна, кIиго къоялда жаниб, ток гьечIилан абун, жидехъе кIалъанин лъабазарго чи. «2019 соналде токалъул мухъал цIигьариялъул мурадалда тахшагьаралъул бюджеталда бихьизабун буго 20 млн гъуруш. МахIачхъалаялда буго лъицаниги жавабчилъи тIаде босулареб 1040 токалъул сеть, гьезул багьа бахуна млрд гъуршиде, гьел сурсатаздалъун хьезарулел идарабазухъе кьуни, бюджеталъе щвезе буго лъагIалида жаниб 50 млн гъуруш», — ан бицана гьес.

ЦIияб Лак районалда ток гьечIого хутIун букIун буго ичIго росу. Мехелалда жаниб ток кьун бажарун буго анкьго росдае. Гьелъул ва ругел масъалабазул хIакъалъулъ бицана районалъул бетIер МухIамадхIажи Айдиновас.

Гьесухъги гIенеккун, Владимир Васильевас гьадин абуна: «АнцI-анцI соназ данде ракIарарал масъалабазул хIакъалъулъ бицине хIажат гьечIо. КъваригIун буго гьел тIуразаризе. Киназулго букIине ккола цо мурад: халкъалъе гIоло хIалтIи. Нилъ руго цо рахъалъ цIакъ мискинго, цоги рахъалъ – тIасанккун бечедго. Мискинго руго власталдеги бизнесалдеги нух щоларел гIадамал. Амма мукъсанабго харж бач1унев чиясул бечедаб гIумру бихьараб мехалда гIадамазул рижула власталдехун суалал. Гьеб суалги букIана токги гьечIого хутIараб щибаб хъизамалъул. Халкъалъе хъулухъ гьабиялдаса къадруяб хIалтIи дида лъаларо», — ян к1алъана регионалъул нухмалъулев.

Казбек районалъул бетIер ХIажимурад Мусаевас бицана, гьава-бакъалъул квалквал кканин техника хIалтIизабиялъе. Гьединлъидал хIалтIухъабаз жидецаго хисанин 20-ниги токалъул хIуби. «Ахирал соназда районалда хисана 285 токалъул хIуби. Амма жеги г1емераб хIалтIи буго гьеб рахъалъ гьабизе», — ан абуна гьес.

Владимир Васильевас кIварбуссинабуна хIалтIизе ккеялде. «Гьава-бакъалъ хIалбихьана нилъ хасалиде хIадур ругищали. Жеги гIазуцинха бачIеб. ГIунгутIабийин абуни гIемер руго. Руго хехго тIуразе кколел масъалаби. КъваригIун буго, къварилъи ккезегIан гьел нахътIамун течIого, тIуразаризе.

Минаби рала – хехго жагъаллъулеб къагIидаялда. Нухал – болжал щвелалдего холедухъ. ТIоритIун рукIана электриказул учениял – гьелго районазда кколел руго балагьал ишал. Щай? Заманалда гIунгутIабазде кIварбуссинабичIолъиялда бан. Гьел ва цогидал суалазда тIад ургъизе ккола. Исана бюджеталъул нахъраталил фондалда бихьизабун буго токалъул масъалаби тIуразе 640 млн гъуруш. ТIадеялъул жеги цIикIкIинабизе буго гьелде биччалеб гIарцул къадар. Гьеб хIалтIизабизе ккола пайдаялда, бикъичIого, бихьизабураб бакIалдеги кьун», — ян бицана ДРялъул бетIерас.

Гьединго гьес бицана улкаялъул президентас 2018 соналъул 29 ноябралда тасдикъ гьарурал тIадкъаязул хIакъалъулъги. Масала, РФялъул хIукуматалда тIадкъан буго СКФОялъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ бицунеб пачалихъияб комиссиялъул данделъиялда Дагъистаналъул цIатариялъулгун энергетикаялъул комплексалъул суал борхеян; Дагъистаналъул ракьалда ругел газалъулгун токазул мухъазул инвентаризацияги гьабун, рехун тарал токалъул бакIал тIатинареян ва гьезул бетIергьан чIезавеян (2019 соналъул тIоцебесеб марталде щвезегIан). РФялъул хIукуматалда тIадкъан буго, РФялъул генералияб прокуратурагун цадахъ, газги, чIегIернартги, чегIернартил гьарурал продукталги рикъиялъулги, изну гьечIого рехсарал мухъазде рогIрал рачиналъулги, чIегIернартил продуктал ричиялъулги хIужаби тIатинареян абун. Россиялъул антимонополияб федералияб хъулухъалда лъазабун буго токалъухъгун газалъухъ тарифазулги багьабазулги рахъазул гIадлу гьабеян абунги.

ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги

администрациялъул пресс-хъулухъ