Инсанасул тIалабалда

Дарабаздалъун хьезари

ДРялъул бетIер гIахьаллъана улкаялъул президентас тIобитIараб данделъиялда

16 ноябралда «Герофарм» абураб Санкт-Петербургалъул заво­далда Владимир Путиница тIо­битIана данделъи. Гьениб бицана гIумруялъе чарагьечIого хIажатал дараба­з­да­­лъун халкъ хьезабия­лъул хIакъалъулъ.
Данделъи байбихьилалде президентги гьесда цадахъ рукIарал субъектазул бутIрулги щвана заводалъул лабораториязде. «Хурдузул лъама­лъаби хIадуриялдаса дараби гьариялде гIунтIун – кинабго гьабулеб буго гьаб заводалдаго. Гьеб лъикIаб иш буго, тIоцебесеб иргаялда – гIадамазе, хасго чакрил унти бугезе. Гьединазул къадар нилъер улкаялда бахуна 4,5 миллионалде. РакIалда буго, гьабго заводалда хIадуризе улкаялъего хIажатаб къадаралда инсулиналъул препараталги», — ян бицана улкая­лъул нухмалъулес.
Данделъи рагьулаго, Владимир ­Путиница кIварбуссинабуна гIадамазул гIумру лъикIлъизаби ва халалъизаби аслияб масъала кколеблъиялде. Гьеб рахъалъ пайдаяб ишлъун гьес рехсана захIматал унтабаздаса сахгьариялъе хIажалъулел тIадегIанал технологиялги цIиял дарабиги хIадуризе техникаги букIин. «ГIелму, биотехнологиял, хIакъикъаталдаги, цIакъ хехго церетIолел руго. РакIалда буго, Татьяна Голиковагун цадахъ Лъималазул онкогематологиялъул централда сверухъ Москваялда хIалтIи байбихьараб мехалда букIараб хIал. Унтаразул 15 процент гурони чIаго хутIулароан. Жакъа чIаго хутIулел руго гьезул 90 процент. Нужеда бихьулеб бугищ кинаб батIалъи ккарабали! Гьединаб букIуна гьанжезаманалъул технологиязул кьучIалда хIалтIиялъул хIасил. Гьелъие хIажалъана кIваркьей, финансазулабги, гIуцIиялъулабги, административиябги къуват цолъизаби», — ян абуна президентас.
Владимир Путиница абуна, ахираб анлъго соналда жаниб улкаял­да ургъанин, лъикIаб даражая­лъул ва гIадамазул гIумруялъе хIин­къигьечIеб, лъабазаргониги дару. «Аслияб мурад — нилъер гIадамазе, кинаб бакIалда гьез гIумру гьабулеб батаниги, хIажатаб кумек щвей. Санайил дарабаздалъун хьезариялъе бюджеталдаса кьола 380 млрд гъуруш. Нилъее лъазе къваригIун буго, гIадамазе кигIан пайда гьелъул букIунебали», — ян тIаде жубана гьес.

Цогоял тIалабал цIуни

Бигьалъаби щвезе кколел унтаразе (льготниказе) дараби кьеялъул хIакъалъулъ бицунаго, Владимир Путиница абуна улкаялда 19 процент гьединазул бугин. «Амма, хIакъикъаталда, щибаб регионал­да гуро лъалеб бугеб бигьалъаби гьа­ризе кколев чан унтарав вугевали, кинаб пачалихъияб программаялда рекъон гьезие дараби чIорого кьезе кколелалиги. РахIатхвезабулеб хIужа буго цоги – льготабазухъ гIарац кьолаго, ращалъи цIунунгутIи. Масала, 2017 соналда цо чиясе льгота хIисабалда кьолеб гIарац анкьго батIияб къадаралда кьолеб букIана Россиялъул Федерациялъул батIи-батIиял регионазда. Бегьилаан гьеб цо чанго проценталъ цIикIкIун яги дагь кьолеб букIарабани, амма анкьго нухалъ – гьеб цIакъго гIемер буго, дир хIисабалда.
БатIи-батIиял руго бигьалъабазда рекъон кьолел дарабазул сияхIалги. Субъектал дица рехселаро, амма цо областалъул сияхIалда буго 554 дару, цогидалъул – 317 ва лъабабилелъул – гIицIго 180. Гьедин букIине бегьуларо. Низам букIинабизе ккела», — ян абуна президентас.
Мекъаблъун гьес рикIкIана, конкуренцияги цIуничIого, пуланав производителасул дараби росиги. КъанагIатал унтаби ругел гIадамазе дараби кьеялъул иш тIасияб соналдаса нахъе федералияб централъ хьезабизе бугин абуна гьес. «Гьел дарабаздалъун хьезариялъе федералияб бюджеталдаса санайил биччазе буго анцI-анцI млрд гъуруш. 2024 соналде киналго регионазда хIалтIизе ккола электрониял рецептазул къагIи­даги», — ян абуна Путиница.

Дарабаздалъун
хьезариялъул стратегия

2013 соналда тасдикъ гьабун бу­кIана «2025 соналде щвезегIан халкъ дарабаздалъун хьезари це­бетIезабиялъул стратегия». РФ­я­лъул сахлъицIуниялъул министр Ве­­роника Скворцовалъ бицана рехсараб стратегия гIумруялде бахъи­набиялъул мурадалда гьабураб хIал­тIул тIоцебесеб даражаялъул хIа­­къалъулъ.
Гьелъул баяназда рекъон, гIуцIун буго нормативазулгун правоялъул база. «Гьелъ рес кьуна базаралда ричулел дарабазул багьабаздаги, ассортименталдаги, гьересидарабаздаги хадуб халкквезе. Халкколеб буго Россиялда хIадурулелги къватIисел улкабаздаса рачIунелги дарабазул даражаялда хадубги. Гьелъул мурадалда гIуцIун буго Россиялъул Федерациялъул пачалихъияб фармакопея – халкъазда гьоркьосел тIалабазде дарабазул даража рекъонккезабия­лъул халгьабулеб идара.
Щибаб федералияб округалда рагьун буго халкъазда гьоркьосеб даражаялъул лабораторияб комплекс. Гьениб хIалбихьула дарабазул. Ахираб лъабго соналда жаниб гьел лабораториязул кумекалдалъун бажарана лъикIаллъун рикIкIунарел дараби ричиялъул къадар 2,5 нухалъ дагьлъизабизе», — ян бицана министралъ.

Сакъатазул къадар
дагьлъизабулеб буго

Данделъиялда кIалъалаго, ДРя­лъул бетIер Владимир Васильевас ракIалдещвезабуна исана марталда республикаялде гьабураб Владимир Путинил сапарги хъулухъалдаса пайда босулел хIакимзабаздаса Дагъистаналъул нухмалъи эркен гьабеян гьес кьураб буюрухъги. «Гьеб хIалтIи гьабулеб буго. Гьеб рахъалъ нижее кIудияб кумек гьабуна низам цIунулел идарабазулги, прокуратураялъулги, гьанир ругел министерствабазулги хIалтIухъабаз. Абун букIана республикаялда вугин 540 азарго льготник ва гьезие хIажалъулин цо млрдгун 280 млн гъуруш.
2017 соналда, нижехъ букIараб гIарцул ресалда рекъон, гIицIго 11,7 проценталъул гурони къваригIел тIубазабун бажарулароан. 2018 соналда – баркала федералияб централъе гьелъие хIажатаб гIарац лъабцIул цIикIкIинабиялъухъ – рес щвана 50-ялдаса цIикIкIун проценталъул къваригIел тIубазе.
Баркала буго Монополиялде дан­де къеркьолеб хъулухъалъеги цереккун рехсарал идарабазеги. Ца­дахъаб хIаракаталдалъун нижехъа бажарана, дараби ричия­лъул рахъалъ гIуцIарал картелазул къотIабаздалъун лъабго соналда жаниб 7,8 млрд гъуруш бикъиялъул хIужа тIатинабизе. Гьелъул лъикIаб хIасилги ккана: 46,9 млн гъурушалъ цIикIкIун гIарцуде дараби росана, 20 проценталъ цIикIкIана дарабазул базаралда гIахьаллъулел компаниязул къадарги.
ТIасияб соналъул январалдаса нахъе нижецаги байбихьила гьаниб бицунеб букIараб къагIида хIалтIизабизе: щибаб даруялда гIужги бан, производителасухъа унтарасухъе щвезегIан гьелъул «сапаралда» хадуб халкквезе. Гьебмехалда бигьалъила дарабаздалъун хьезариялъулъ ритIухълъи цIунизеги.
ГьабсагIаталда халгьабулеб буго сакъатлъи чIезабиялъулъ ритIухълъи цIунун бугищалиги. ЦIидасан комиссиялъе ахIун вуго 300 азарго инвалид. Руго, масала, диабет бугин абун сакъатлъи чIезабиялъул, амма гьесие инсулин хъвангутIиялъул хIужабиги», — ян абуна регионалъул нухмалъулес.
ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ